МагъчIваялъе рес

Дагъистаниязе бацIцIадаб лъим щолеб гьечIо


Дагъистаналда гIумру гьабун ругел гIадамазул лъабил бутIа гурони бацIцIадаб лъедалъун хьезарун гьечIин лъазабуна гьал къоязда Роспотребнадзоралъул вакилзабаз. Аслияб къагIидаялъ чорокаб лъим хIалтIизабизе кколеб буго лъарагIлъиялда ругел гIадамаз. Лъим бацIцIад гьабизе жидер гIарац гьечIин ахIи балеб буго бакIалъул нухмалъиги. Чорокабгицин лъим букIине кколедухъ бачIунеб гьечIин жидеейилан абун руго чанги шагьаразул гIадамалги.

Гьал къоязда Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб бутIаялда тIобитIана республикаялда ругел лъел проблемаби рорхараб данделъи. Гьениб лъазабуна республикаялъул халкъалъул 37.9% проценталъе гурони бацIцIадаб лъим чIезабулеб гьечIилан.

Аслияб къагIидаялъ лъел проблемабигун дандчIвалел руго гIодоблъиялда ругел шагьарал ва мухъал. Гьедин бищун чорокаб лъим бугел бакIаллъун рикIкIунел руго Избербаш, Буйнакск, Дербент, Дагестанские Огни шагьарал ва Гъаякент мухъ.

Гьел шагьаразул ва мухъазул нухмалъиялъ лъазабулеб буго жидер гIарац гьечIила гьеб лъим бацIцIад гьабулеб аппаратура босизе, советияб заманалъго букIарабги некIого басралъун пайда босун бажарулареб хIалалде ккун бугилан.

Гьедин цохIо Избербаш гIадаб 200 азарго чияс гурони гIумру гьабулареб шагьаралъе бацIцIадаб лъим чIезабизе ккани дагьалдасан 7-8 миллион гъурущ къваригIунин абулеб буго шагьаралъул нухмалъиялъ. Избербашалда киса – кибего гуро гьоркьоса къотIичIого лъим бачIунеб, къода жаниб чанго сагIаталъ гурони лъим бачIунарел бакIалги руго гьенир.

Гьединал гIадамал лъедалъун хьезаризегицин гIарац гьечIел жидеца, бугеб лъим бацIцIадгьабизе кисайила гьеб бахъилебин абулеб буго шагьаралъул бетIерлъиялъ.

Бищунго чорокаб лъим бугезда гьоркьоб рехсана Дагестанские Огни шагьарги. Гъоркьисала гьениб лъелъ рахунел унтабазул вирусал ратанин абун ахIиги бахъун букIана, гьеб мехалда гьел лъел суалал тIуразе ругин къокъаб заманалдайин лъазабун букIана шагьаралъул нухмалъиялъ.

Амма гьелдаса нахъе гьеб суал тIубаялъе щибго хIалтIиги гьабичIин, лъел проблемабиги дагьалги цIакъ гIемерлъанин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъогниялдаса журналист МухIамад ХанмухIамадовас.

«КIигоги лъабгоги сордо-къоялъ лъим гьечIого хутIун рукIуна ниж, бачIараб мехалдаги хIабургъараб чорокаб гьекъезе бажарулареб, квание хIалтIизабизе хIинкъараб гIадаб лъим бачIуна. Гъоркьисалалдаса нахъе гьеб суал тIубаялъе щибго хIалтIиги гьабичIо.

Гьеб лъимги пачалихъалъ гуреб гIадамаз жидерго гIарцуде бачун букIана. Амма шагьаралъул нухмалъиялъ жидедего буссинабуна гьеб ва гьелда тIадеги ижараялъ кьун гьелдаса гIарацги гьабулеб букIана.

Ахирги гьез ниж Дербенталъул Водоканалалъухъе кьуна, гIадамазул лъиданиги щибниги цIехезеги цIехечIо. Гьелдаса нахъе тIубан хвана нижер гьаниб лъел гIадлу-низам. Бокьараб мехалда рахъун, Дербенталъе лъим гIолеб гьечIинги абун къатIинабула нижер лъим. Гьеб гурониги нижер шагьаралда гьечIо чорокаб лъим къватIибе кьабулеб гIаммаб система.

Щивав чияс жинди-жиндир азбаралъуб гьабун букIуна гьеб хъублъи ине гвенд. Шагьаралда лъим гьечIолъиялъ гIадамаз гьединго азбаралъур гъуялги рухъун рукIуна. Чорокаб лъим унеб гвенд цояб рахъалда, гъуял цойги рахъалда ругел мехалда чороклъичIого лъим букIинищ. Гьединлъидал нижер гьаниб вабаъги цойгидал рахунел квешал унтабиги ратулел ругел. Цинги лъабнусго чи унтун вукIана гьелъ».

Гьединго гIодоса тIадего лъеда хурхарал захIмалъаби ругеб Дербенталдаги гьаб сагIат жеги гьеб суал роцIцIун гьечIин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз.

Дагьал церегIан къояз «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе анкьаз лъим гьечIого хутIун ругин жал, бачIараб мехалдаги хIалтIизабун бажарулареб хъубаб лъим бачIунеб бугин абуна ахIи балел рукIана дербенталъулал. Гьеб суал тIубачIони жидеца митингал тIоритIизе ругин, нухал къазе ругин лъазабун букIана гьез.

Митинг тIобитIичIониги гъоркь анкьил ахиралда Дербенталде Шималияб Кавказалъул Федералияб округалъул бетIер Сергей Меликов вачIараб мехалда гьебго лъел суалги борханин жамагIаталъилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе журналист Тельман Таировас.

Тельман Таиров: «Меликов вачIунеб къоялъ шагьаралъул администрациялъул кIалтIа вакIарун рукIана 50 гIан чи. Гьеб лъел суал Меликовасда цебе лъезе къваригIун букIана гьезие. АхIи-хIур бахъараб мехалда шагьаралъул администрациялъул бетIер Азади РахIимов вачIана гьелгун данчIвазе.

ЦIан къоялде лъим букIине бугин лъазабуна гьес. КIиго къоялдасан гурони гьебги бачIинчIо. Хадубги къатIана цойги къоялъ, гьебго хIалалда буго гьабсагIатги. БачIараб лъимги кьавудал цIураб, гIисинаб кьищни-къулгицин гъорлъ бугеб букIуна.

Жалго бетIергьанал рукъзал ругезул щивасул букIуна лъел цIолеб кIудияб къали, гьенибе жанибе хлор бан, хадуб гьализабун бацIцIад гьабула лъим. Гьанже цо-цо бакIалдасан гьеб лъим бачIунел рогIрал хисизе байбихьун буго. Гьел хисун хадуб гIаги бацIцIалъилин гьеб лъимилан абураб хьул буго».

2014-2015 саназ Дагъистаналъул Роспотребнадзоралъ чорокаб лъим кьеялъухъ 16 идараялда тIад гIакIа къотIун букIун буго. Бищун кIудияб гIакIа 340 азарго гъурущ кьезе ккун буго Дагъогниялъул администрациялъ ва гьезулго Водоканалалъ.

XS
SM
MD
LG