МагъчIваялъе рес

Нахъеги коммуналиял хъулухъазул тарифал рахунел руго


ТIоцебесеб июлалдаса байбихьун тIолго Россиялдаго цIикIкIунел руго коммуналиял хъулухъазухъ багьаби. Дагъистаналда цIикIкIине буго лъехъ,газихъ ва токалъухъ багьа. Амма гIадамал рази гьечIо иргадулаб нухалъ токалъухъ багьа бахинабулеб букIиналдаса. Цин кколеб даражаялда ток чIезабизе ккелин, гьелъухъ багьа базхинабилалдейилан абулеб буго мугIрул мухъаздаса гIадамаз.

Коммуналияб магIишаталъул хъулухъалзухъ багьа тIолго Россиялда гьоркьохъеб куцалъ 8,3 проценталъ цIикIкIине бугин, амма гьебго заманаялъ, 2015 соналъ халкъалъул щолел харжал ва цогидаб тIаде бачIунеб мухь 6 проценталъ гIодобе ккун бугин, араб соналде данде ккунилан хъвалеб буго «Новые известия» газетаялъ, Росстаталъ кьурал баяналги рачун.

Гьелда бан, цо –цо регионалиял депутатазул къокъабаз загьир гьабулеб букIанила пикру, лъабго соналъ коммуналиял хъулухъазул багьаби цIорозарун, ай тIокIал рахинаричIогон тезе, улкаялда бугеб социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал лъикIаб рахъалде хисизегIан, амма гьеб гьезул пикруялъул рахъкквей щакаб бугин лъазабулеб буго экспертаз «Новые известия» газетаялъе.

Цо цо регионазда регионалияб бюджеталъул кверчIвай сабаблъун гьел багьаби тIуран рахине гьечIила. Масала, Бурятиялда коммуналиял хъулухъазул багьа гIицIго 4 проценталъ гурого рахине гьечIо, гьединго Чукоткаялда, амма Москваялда гьел 10 процентлъ рахине ругин тIаде жубалеб буго изданиялда.

Дагъистаналда 1 июлалдаса бахъун токалъул багьа бахине бугин гьоркьохъеб куцалъ 8 проценталъ, гьедин, цебе шагьаразда ва шагьар тайпаялъул поселоказда гIумру гьабураз кьолеб букIун батани 2,06 гъурущ, гьанже кьезе ккезе бугин 2,23 гъурущ. Росабалъ гIумру гьабулез 1,56 гъурущалъ цIикIкIун кьезе ккезе бугин баян гьабулеб буго Республикаялъул тарифазул хъулухъаз.

Дагъистаналъул БакIал раялъулгун, коммуналиял хъулухъазул ва архитектураялъул министерлъиялда баян гьабухъе, республикаялъул бюджетталъул сурсатаздасан багьаби цо-цо регионазда гIадин бащдал рахинарун тезе рес гьечIо.

Токалдаго цадахъ рахунел руго газалъухъ ва лъехъ багьабиги. Гьедин, газалъухъ баьа бахине буго 4,75 гъурщиде. Гьединго бахъунеб буго лъел багьаги.

ГIадатиял гIадамазул аслияб куцалъ рази гьечIолъи буго киналдаго цадахъ коммуналиял хъулухъазулги багьа бахинабулеб букIиналдаса. Гьедин, МахIачхъалаялда гIумру гьабулей Салтанат ХIажибеговлъ баян гьабуна жий кколин магъалабазул идараялъул хIалтIухъан, араб соналъ жиндир харж букIанила 27 азарго гъурущ, амма гьеб дагь гьабун, гьабсагIаталда жиндие бачIунила гIицIго 18 азарго гъурущ.

Гьелдаго цадахъ хиралъулеб бугила кванил нигIматаздаса бахъун, коммуналиял хъулухъазде щун киналъулго багьабиги. Гьеб битIараб гьечIин абулеб буго чIужугIадагалъ. Багьаби рахинарулел рукIин лъикI букIинищинха, амма гьабизе кIолеб щибго гьечIин гьелдайилан абулеб буго пенсионер ХIусенов МухIамадица.

Шагьаралда гIадамазе ридал ва хасало батIалъи гьечIогон лъикIаб токгIаги букIунин, гьелъухъ тIаса лъугьун тезе бегьилин гьеб багьа бахинаби, амма магIарухъ риидал лъикIаб ток бугониги, квач бачIингун хIевул чирахъалъул гIадаб гурго канлъицин букIунарин абулеб буго Уносоколо мухъалъул ГIашилтIа росулъа МухIамадов МухIамадица. Бащдаб мехалъ гьечIогон бугеб токалъухъ багьа бахинаби росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазде кьаби щолеб иш бугила.

Унсоколо мухъалъул Шамильхъала кколеб буго энергетиказ бараб бакI. Гьениб гьечIила гIицIго ток гурого квание ва хинъияде хIалтIизабизе, гьеб хIалалда бугеб бакI бугониги, шагьаралъул тайпаялъул поселокилан абун гьенибго гIадаб багьаги бугила токалъухъ жидейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Шамильхъалаялдаса МухIамадов Рашидица.

МухIамадов Рашид: «Шамильхъала ккола Дагъистаналда ток кьолел аслиял ГЭСазул цояб бараб бакI. Амма нижехъа босулеб гIарац буго шагьаралдаго ругел гIадамазухъаго гIадаб. «Русгидро» гIуцIиялъул нухмалъусде щунги хъвана нижеца, токалъул багьаялъул суалалда хурхун, амма гьел кагътазул щибго хIасил ккечIо.

ГIадамаз, Унсоколо мухъалда букIа, Хунзахъ букIа, Гъуниб букIа, жидер ракьалги гIанкъун, гьенир ран ГЭСалгун гьабулеб токалъухъ кьезе кколеб буго киназго гIадаб багьа.

Гьеб битIараб гьечIо. Нилъер гIадамал руцIун чIола, нилъеца хIехьола кинабго, амма киналъулго букIуна ахирги. Жакъа балагье Ереваналда гIадамал рахъунел руго къватIире гьебго токалъухъ багьа цIикIкIинабунилан абун, гьеб бихьуларогонищ нилъер тIалъиялда бугеб? ГIадамазул ургъел гьабизе ккола, амма гьеб гьабулеб гьечIо».

Жиндир заманаялъ, Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистаналъул халкъазул съездалда кIалъазе вахъун вукIанила, Дагъистаналда ругелщинал ГЭСал Пятигорск шагьаралда хъвай-хъвагIай гьабун ругин ва Дагъистаналда бахъараб электроэнергия Пятигорскалдеги ун, гьез жидерго багьаги тIад лъун нахъбуссун бичулеб бугин Дагъистаналъейилан абун, амма ГIабдулатIипов Дагъистаналъул бетIерлъиялде вачIингун гьес гьеб иш хисизабилин рукIарал анищал анищаллъун хутIанин абулеб буго жамагIатчияс.

XS
SM
MD
LG