МагъчIваялъе рес

Сулеймановас лъазабуна жив нахъе унев гьечIилан


30 июналда МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразарулев МухIамад Сулеймановас твиттералдасанги фейсбукалдасанги хитIаб гьабуна махIачхъалаялъулаздехун жив хъулухъалдаса кивениги унев гьечIин, цевего гIадин хIалтIизе ракIалдаги бугилан.

Гьедин шагьаралда рищни-къул бакIариялъул иш кутакалда квешаб хIалалда бугилан 30 июналда радалго Сулеймановас данделъиги тIобитIана. Сулеймановас лъазабуна МахIачхъала шагьаралъ хвезабулеб бугин ЭКО-М компаниялъулгун букIараб къотIи-къай. Сулейманов МахIачхъалаялде тIамуралдаса тахшагьаралдаса рищни бакIаризе гIицIго гьеб компаниялъул букIана ихтияр.

Амма Сулеймановас разилъи гьечIолъи загьир гьабуна гьелъул хIалтIудаса. Бищун гIемер бадирчIваял шагьар рощнол цIун бугин абун гьарула мэрасул ишал тIуралесе.

Гьединго 30 июналда шагьаралда батIи-батIияб бакIалда свинабун бугин канлъи, къотIинабун бугин лъимгиян абурал гIарзалги рукIана гIадамазул. Хасго интернеталдасан загьир гьабулеб буго гьез гьеб. Гьедин фейсбукалда Мадина Ражабова абураб цIаралдалъун хъвадарулелъ рикIкIунеб бугоан МухIамад Сулейманов мэрлъиялдаса нахъе унарогойин абун, тIалъиялдасан ургъулел хIиллаби рукIине бегьулин гьел.

МухIамад Сулеймановасда данде гьабулеб хIалтIийищ гьеб, гуребищали чIванкъотIун чIезабизе кIоларин жидеда гьеб, амма хIакъикъат гьединаб бугин шагьаралдаян бицунеб буго ЭР-лъе МахIачхъалаялъул администрациялъул Информациялъул БутIаялъул вакил Зайнаб ГIалимирзаевалъ.

Зайнаб ГIалимирзаева: «МухIканго абизе кIоларо, тIадккурав чиги гьечIелъул. Амма ниж «Горэлектросети» гIуцIиялде кIалъана. Гьез абуна канлъи къотIун бугила цо бакIалда авария ккеялъ. Киб гьеб ккун бугеб, щиб гьелъие гIоло гьабулеб бугебалиги лъалеб гьечIо гьезда. Гьединго лъимги буго къун.

Нижер хIалтIудагицин гьечIо лъим. Абулеб буго гIачи рачун рачIунел ругила шагьаралъул ахикье. Сон администрациялда аскIорцин рукIана гьел сверулел».

29 июналда МахIачхъалаялъул депутатаз загьир гьабизе кколаан тахшагьаралъул мэрасул ишал тIуразарулев МухIамад Сулеймановасдехун божилъи хвей. Амма гьез гьеб гьабичIо.

Щаяли официалияб куцалда гьелъие рехсараб гIиллаги гьечIо я сайталда, яги цогидаб бакIалда. ЭР-лъе мэриялдаса щварал баяназда рекъон, шагьаралъул депутатазул данделъи нахъбахъун буго. Амма болжал чIезабун гьечIо.

Лъалеб букIахъе, МухIамад Сулейманов МахIачхъалаялъул мэрлъун вукIине гIураб даражаялде вахун гьечIин лъазабуна араб анкьалда тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул сессиялда республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги спикер Хизри ШихсагIидовасги.

Гьелда бан батIи-батIиял харбал руго республикаялда. Депутатлъун вахъинавизе бокьун, МухIамад Сулеймановас «Единая Россиялъул» сияхIалде жиндирго вас вихьизавун вукIун вугила, гьелда тIадкIалъай гьабун бугила спикер Хизри ШихсагIидовас.

Республикаялъул тIалъиялдаса щварал баяназда рекъон, гьелдаса хадуб кIудияб кIалъай ккун буго кIияздаго гьоркьоб. ПалхIасил, хъулухъалдаса нахъе аян гIарза хъвазе тIалаб гьабун букIун бугила МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуразарулесдаса. Гьев разилъичIеб мехалда шагьаралъул депутатазул гIуцIиялдасан гьабизе лъугьун бугила гьеб.

Гьединлъидал гIемерисезе кIвар букIана 29 июналда МахIачхъалаялъул депутатаз щиб гьабулебали бихьизе. Цо-цо баяназда рекъон, къануналъ тIалаб гьабулеб гIанасеб къадар депутатазул данде гьабизе кIун гьечIо.

Живго МухIамад Сулеймановасулги буго исана октябралде щвезегIан республикаялъул тIалъиялъулгун хъвараб къотIи. ХIакъикъаталда гьев хъулухъалде восун вуго МахIачхъалаялъул мэр хисулев чи хIисабалда.

Гьебго заманалда рищиял тIаде щвезегIан гьес тIуразарулел руго мэрасул ишалги. Гьединлъидал юридикияб рахъалъ босани, шагьаралъул депутатаз Сулеймановасдехун божилъи хвей загьир гьабиялъул магIна гьечIо.

Сулеймановасде гьужумал гьариялъулъ Рамазан ГIабдулатIиповасе Дагъистаналда тухумчилъиялъе (клан) ахир лъезе къваригIун букIин бихьулеб буго цо-цоязда. Масала, Сулеймановасулгун премьер-министр ГIабдусамад ХIамидовасул МикIахIи росдал тухум рикIкIуна гьабсагIаталда республикаялда бищун кIудияблъун.

XS
SM
MD
LG