МагъчIваялъе рес

Риххун инелги цIиял ралелги


Риххун инел киналго минаби гьел цIиял минабахъе рахъинарулеб программаялде гъорлъе кколел гьечIин абулеб буго гIадамаз.

МахIачхъалаялъул тIалъиялъул вакилзабаз журналисталгун тIобитIараб пресс-конференциялда гьоркьоб лъураб аслияб суаллъун букIана риххун инеллъун рикIкIарал минабахъа гIадамал нахъе рахъинариялъул программа гIумруялде бахъинабиялда хурхарал суалал. МахIачхъалаялъул мэр хисулев МухIамадамин ХIажиевас данделъи рагьулаго 2017 соналде щвезегIан программаялда рекъон тIуразе кколел тарихал кьуна. Гьедин, кинабниги 100 мина рикIкIун бугила басрияб, жаниб гIумру гьабизе хIинкъи бугеблъун. Кинабниги программаялда рекъон, 1532 хъизанал рахъинаризе ругила цIиял рукъзабахъе. Программа гIумруялде бахъинабизе гIаммаб куцалъ 1,78млрд. гъурущ харж гьабизе бугила.

Хас гьабун 2015 соналда жаниб басриял минабахъа нахъе рахъинаризе ругила 627 хъизам, гьел кколила 38 минабахъа рахъинарулел гIадамал.

Жакъа къоялде, цIиял минаби ралел ругила «Эльтав» заводалда гIагар, Кошевкого къватIалда, Тимирязева къватIалда ва жеги чанго адресалда. ГIемерисел гьел минаби ралел бакIал кколел руго цогидал минабазул рагьаби ва гьенир гIумру гьабурал гIадамазул рази гьечIолъи буго, жидер рагьда цойги гIемертIалаяб мина балеб букIиналдаса, тIубан рагьоги къан. Гьеб кинабгIаги къануналда данде кколарин абулеб буго гIадамаз. Масала, Тимирязева къватIалда бугеб минаялъул рагьда мина баялда данде чанго нухалъ рази гьечIолъиялъул акцияби тIоритIанин, амма хIасил ккечIин абулеб буго гьенив гIумру гьабун вугев ГIалиев Рамазаница. Цо гIадамазул ихтиярги хвезабун, цогидал гIадамазе бакI бахъи ритIухъаб гьечIила.

ГIалиев Рамазан: « РакIалдаго гьечIогон, нежер рагьде хъарщи цIул баччище лъугьана, гьеб администрациялъ тIубан рагьо ккун балеб мина буго. Абулеб буго, шагьаралъул ресал гьечIин, чIобогояб ракь гьечIин, кинха гьеб букIинеб жидецаго бичун бугеб мехалда. Зарал кколеб буго гIадамазе. Гьелда тIадеги, 40 гараж, нижер рагьда букIараб нахъе росана, гьениб цо хIухь бахъизе гъветI-хер чIараб бакI гьабичIо, гьеб ракь мина базе бичун буго».

ГIадамаз квекIен гьабулеб бугин мина базе, гьезда бичIчIулеб бугин мина бачIого толареблъи, бугониги квекIен гьабулеб бугин бицана журналистазда администрациялъул вакил МухIамадсаид ХIасановас.

МухIамадсаид ХIасанов: « Тимирязева къватIалда ва цогидал къватIазда ругел минабазул рагьабазда минаби рай ккола тIокIаб чара гьечIолъиялъ гьабураб гали. Риххун инел ругел минабахъа гIадамал рахъинаризе ккола. Амма гьел минаби ралел бакIазда ругел гIадамаз гIемер квекIен гьабулеб буго. Масала, Тимирязева къватIалда сон, цо бакI бухъун букIана хIалтIухъабаз, радалиде гьеб цIидасан ракьул цIезабун батана, расги хIалтIи гьабичIеб гIадин. Жидеда лъалин, мина бачIого толарелъи, амма кIвараб квекIен гьабилин жидецайин абулеб буго гIадамаз».

Минаби ралел рагьаби рищанин гьезул гIатIилъи хIисабалде босун, Акаева къватIалдаги, Тимирязева къватIалдаги гьел минаби ралел рагьаби рукIанин бищун къачIарал, гьенир лъималазе расандизе бакIцин хутIулеб гьечIин абулеб буго гьенир гIумру гьабулеб гIадамаз.

МахIачхъалаялда нусидасаги цIикIкIун бугин гьединал басриял минабийин абулеб буго гIадамаз. Масала, ункъо солналдаса цIикIкIун заман балеб буго Пушкина къватIалда бугеб 30-абилел соназго бараб мина гIумру гьабизе хIинкъи бугеблъун рикIкIаралдаса. Гьениб киналгIаги коммуналиял квегIенлъи гьечIин, амма жидер мина кинго гьеб программаялда гъорлъе бачунеб гьечIин абулеб буго Пушкина къватIалда бугеб 16 минаялда гIумру гьабулей ХIажиева ПатIиматица.

ХIажиева ПатIимат: «Я канлъи гьечIого, я цогидал квегIенлъаби гьечIеб бакIалда гIумру гьабун руго ниж. Чанго нухалъ абуна программаялда гъолъе рачанин, нахъе рахъинаризе ругин, амма жакъа къоялъги гьанирго хутIун руго. Газ къотIана кIиго соналъ цебе, гьединго токги къотIула бокьараб мехалъ. Жеги нижгун къотIи-къай хъвачIо нахъе рахъинаризе. Гъоркьисала абун букIана 2015 соналъ рахъинарилин нахъе, гьанже абулеб буго 2017 соналъ гьарилилан».

Пресс-конференциялда шагьаралъул архитектор МухIамадрасул ГьитIиновас баян гьабухъе, аслияб къварилъи кколеб буго МахIачхъалаялда гIемертIалаял гурел, гIадатиял минаби рукIин, гьелда тIадеги, ралел ругел гIемертIалаял минаби киналго рукIунарила минаби раялъул шартIазда данде кколел.

XS
SM
MD
LG