МагъчIваялъе рес

Камуна Сидрат Мажидова


27 маялда гIумруялдаса ятIалъана магIарулазул цохIо хутIарай Россиялъул халкъияй артистка.

80-лъе яхун йикIаниги, ахиралде щвезегIанги Авартеатралда хIалей йикIана гьей. Бищун ахиралда Сидратица хIана «Булбулалъул хIинчI» абураб спектаклялда санитаралъул роль. Цинги инсультги ккун госпиталалде ккана.

Сидрат Мажидовалъ бицунаан Авартеатралде жий ячIанин 1952 соналда, жиндир 13 сон бугеб мехалда. Гьеб мехалда эбел-эменги хун, Хунзахъ рагьараб бесдалал хьихьулеб рокъой яцгун цадахъ гIумру гьабун йикIуна гьей. Доб мехалда Хунзахъ Авартеатр гIуцIарав ГIабдурахIман Магаевасда бихьула Сидратилъ букIараб махщел. Гьединго театралъул чагIаз бицуна Дагъистаналъул Халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзатица ячанин Сидрат театралдеянги. Гьелъ жинцаго ракIалде щвезабулаан ХIамзатица накалда гIодойги чIезаюн ахIизабунин жинда кечIилан.

2014 соналъул январалда Авартеатралъул сезон байбихьиялда гьадинаб кIалъай гьабун букIана Сидрат Мажидовалъ.

Сидрат Мажидова: «ЦIакъ захIматаб хIалтIи буго. Мунагьал чураял МахIмудги, ПатIимат Хизроеваги ругеб мехалда гьедигIан хIал кколароан. Гъоз гьагьида жаний лъун ячунаан… Баччун декорациягун лъелго унаан. Къали картошкадулги щолаан цо спектакль хIайдал… Гьанже батIияб заман буго. РачIун руго батIиял гIолохъаби – васал, ясал. Гьездаса дун чIухIарайги йиго. Дие гIадин бокьаги гьаб театр. Дица гIадин гъин бихьун хIайги гьезги гьеб… Гьезие сахлъи гьарула дица. Дир даражаялдеги рахина гьел, дидасаги тIадеги рахина. Болъо-къоно битIаги гьезие».

Россиялъул халкъияй артистка Сидрат Мажидовалъ хIана нусидаса цIикIкIун роль.

Гьей юкъана МахIачхъалаялда.

XS
SM
MD
LG