МагъчIваялъе рес

Улбузда дандчIвалел захIмалъаби


Улбузе бищун санагIалъаби ругел улкабазул рейтингалда Россия 56 бакIалда буго.

Регионазда гъорлъ лъимал гьариялъул рахъалъ цересел бакIазда бугеб Дагъистаналда гьеб рейтинг гIуцIулаго кьочIое росарал социалиялгун экономикиял ресазулъ, сахлъицIуниялъулъ ва лъай кьеялъулъ захIмалъаби дандч1валел руго улбузда.

Улбуллъун рахъине санагIалъаби ругел улкабазул «Save the Children» абураб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъ гьабураб рейтингалда рекъон, Россия 56 бакIалде ккун буго, араб соналъ Россия букIун буго 62 бакIалда. Гьеб рейтинг гIуцIулаго кьочIое росулел руго лъимал гьаризе ругел ва лъимал гьарулаго хварал руччабазул къадар ва цогидал эбелалъе ва лъимаде чIезарулел сахлъи цIуниялъул шартIал, улкаялда бугеб социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал, лъайкьеялъул шартIал чIезари ва тIалъиялда ругел руччабазул къадар.

179 улка гIахьаллъараб гьеб рейтингалъул тIоцересел бакIазда руго Норвегия, Финляндия ва цогидал Европаялъул хIукуматал.

Лъимал гьариялъул рахъалъ Россиялъул цогидал регионазда гъорлъ цебесеб бакIалда бугеб Дагъистаналда гIемерал гIарзал ругин, аслияб куцалъ цебеккунисеб лъай кьеялда ва сахлъицIуниялда тIасанин лъазабулеб буго жиндирго хитIабалда Дагъистаналъул нухмалъулесда цее улбул ва лъимал цIуниялъул рахъалъ ишал кодосей Интизар Мамутовалъ. 2014 соналъ Дагъистаналда тIобитIараб тIоцебесеб улбузул Форумалда Дагъистаналъул нухмалъулес лъазабун букIанила, бищун кIвар кьезе кколеб суал бугин лъимада кверчIвай ва улбузе шартIал чIезари.Амма киналгIаги мухъазда ва шагьаразда гIемерал гIунгутIаби ругила.

2014 соналъ Дагъистаналда гьабун буго 53 000 лъимер, гьелдаго цадахъ тIагIунел гьечIо сахлъицIуниялда тIасан гIарзал. Масала, гьабун хадуб лъимадул ратарал гIузрабазул 20 процент ругила лъимер гьабизе йигей заманаялъ чIужугIаданалъул хал гьабулаго кIвар гьабичIого теялъул хIасил.

Дагьаб цебегIан, Хасавюрталъул перинаталияб Централда лъимер хун ва тIончIорукъ нахъе босарай гIолилалъул эбелалъ лъазабун букIана, тохтурал тамихIалде ахIун, гьеб иш рагIалде бахъинабизе бугин, амма гьелдаса хадуб гьелъ азарханаялъул хIалтIухъабаздаса кинабгIаги разигьечIолъи жиндир гьечIинин лъазабуна. Жиндирго хIукму хисиялда хурхун киналгIаги баянал кьезе инкар гьабуна гьелъ. 2014 соналъ тохтуразул гъалатIалдалъун хун буго 16 лъимер, гьел хIужабазда хурхун хIалтIудаса нахъе рехун гьечIо цониги тохтур.

Бищун лъимал гIемераб республика букIаго кIвар бугеблъун кколеб буго цебеккунисеб лъай кьеялъул бакIал гIунгутIиялъул суалги. Мухъазда Советияб заманалдаго рарал гIисинал лъималазул ахалда бакIал гIолел гьечIила,яги лъималазул ах ругел минаби басралъун, цIаккеялъул хIинкъи бугел ратулин абулеб буго Дагъистаналъул лъай кьеялъул Министерлъиялъул вакил Халил ГIусмановас. Масала, дагьаб цебегIан цIа ккун бухIана Хунзахъ мухъалъул ХIариколо росдал лъималазул ах. БакIал гIунгутIиялъул суал цIакъго хIалуцараб бугин шагьаразда, гьеб суал тIубаялъе риччалел сурсаталги гIолел гьечIин баян гьабуна гьес.

ГIусманов Халил: «Цебеккунисеб лъай кьеялъул ресал цIакъ дагьал рукIиналда бан, хIукуматалъул гурел лъималазул ахал раккулел руго, амма гьезулги киназулго гуро кколел шартIал чIезарун рукIунел. ХIалтIулел ругел улбузул хIукуматалъул лъималазул ахалда бакI щвезегIан чIезе рес букIунгутIиялъ, гьенире кьолел руго улбуз лъимал, гьединлъидал гьезие лицензия кьелалде мухIканал халгьабиял тIоритIула».

ГIемерисел улбуз ахираб кIиго соналъ борхулеб суал буго цогидал регионазда лъабго сон базегIан лъималазе биччаллеб гIарац Дагъистаналда лъагIелгун бащдаб базегIан гурого кьолареблъи. Аслияб куцалъ гьез гIайиб гьабулеб буго Рамазан ГIабдулатIиповасда, гьес гьеб гIарцудаса инкар гьабун бугилан. Дагъистаналъул захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул Министерлъиялда баян гьабуна, 3 сон базегIан лъимадуе кьолеб гIарац бугин лъимал дагь гурого гьаруларел регионазе биччалеб жо. Дагъистаналда лъимал гIемер гьарулел рукIиналъ стимулалъе кьолеб гьеб гIарац биччалеб гьечIила федералияб централдаса.

Лъимер гьабидал кьолеб декреталъул заман, хIалтIуда стажалда гъорлъе малъунгутIи мекъи бихьулин жиндайин бицана «Эркенлъи» радиоялъе кIиго лъимадул эбел МаламухIамадова ПатIиматица. Гьей ккола мугIалим.

МаламухIамадова ПатIимат: «Лъимаца лъабго сон базегIан рокъор рукIине бегьула, амма гьеб заман ренсиялъул ригьалде тIаде бачIунеб буго цIияб къануналда рекъон. Жакъа 4 лъимер гьабизегIан 6 соналъ гIаммаб куцалъ рокъой чIанани, гьеб анлъабго соналъ тIадеги хIалтIизе кколел руго захIматалъул пенсия бахъизе. Аслияб захIмалъи буго, лъималазул ахалда лъимаде бакI щвей, хIалтIулел улбул ругони. Бащдаб лъагIалица электронияб иргаялда кIиабилеб бакIалда букIараб лъимер лъабазаралда хадусеб бакIалде ккун батана. Гьелъ хIукуматалъул гуреб ахалде кьезе кколеб буго лъимер».

Улбузе чIезарулел санагIалъабазул бищунго тIоцебе хисизабизе ккараб жо щиб бугебали цIехедал киналгIаги руччабаз жаваб гьабуна лъимаазе 18 сон базегIан кьолеб пособие цIикIкIинаби бугин. Жакъа Дагъистаналда гьеб кколеб буго 122 гъурущ.

XS
SM
MD
LG