МагъчIваялъе рес

Нугъаялда нартица бацана 75 гектар


Дагъистаналъул тIабигIат цIунулеб министерлъиялъ Нугъай мухъалда тIатинарун руго бакI-бакIалда лъугьарал нартил хIорал. Гьеб ккола гIи-боцIи кваназабулеб ракь.

Нартица бацараб бакI гIемерисеб Южно-Сухокумск шагьаралда аскIобегIан кколеб буго. Гьебги жакъа-сон баккараб суал гурин, 2009 соналдаса нахъего бугеб суал кколин бицана ЭР-ялъе Мурзабег Байгишиевас. Гьев ккола тIабигIат цIуниялъул министерлъиялъул Нугъай мухъалда бугеб комитеталъул вакил. Цин нартица бацун букIанила 7 гектар. Гьедин кIвар кьечIого теялъ гьеб 75 гектаралде баханила. Нарт чваххиялъе гIайибияллъун гьес рикIкIунел руго «Роснефть-Дагнефть» абураб компания.

ТIадбалагьун гIага-шагар 75 гектар бацун бугилан абуниги, гъорлъе раккун хал гьабизе лъугьиндал, гьелъ жеги цIикIкIараб бакI кколеб батулин абуна Мурзабег Байгишиевас. Гьесул рагIабазда рекъон, нартил цIун буго чанго хIор, гьеб гуребги нарт унеб буго бекьулеб ва гIи-боцIи кваналеб ракьуда гъорлъе. Гьединго байбихьун буго нарт гьекъолеб лъеда гъорлъе чваххизеги. Гьедин Нугъай мухъалъул гуребги, Южно-Сухокумск шагьаралъул гIадамазе зарал кколеб буго. КватIичIого гьекъезе лъим дагьлъизе буго, нартги гъорлъ жубан. Гьениса гIадамаз абулеб буго зама-заманалдасан гьороца босун бачIунила нартил махI, гьелъ бетIер сверизабун, берал унтизарун рукIунила гIадамазул.

Мурзабег Байгишиев: «Цере гьанире хIанчIалги рачIунаанин роржун, ханалги лъолаанин бицана дие Южно-Сухокумскалдаса чияс. Гьанже рачIунарила гьел. Хвалил махI бахъараб гIадаб бакI лъугьун буго. ГIадамал макьилъ хIинкъизарулел фильмал рахъизе бегьулила гьанже гьенир».

Республикаялъул тIабигIат цIуниялъул министерлъиялъул Нугъай мухъалда бугеб комитеталъул вакил Мурзабег Байгишиевас абуна «Роснефть-Дагнефть» абураб компаниялъул чи кквезе щолев гьечIин жидехъе, гьединго жидер кагътазе чIванкъотIараб жавабги кьезабизе кIолеб гьечIин гьезда.

Гьединлъидал гьез гьеб суал борхун буго республикаялъул росдал магIишаталъул министерлъиялдаса вакилзаби ругеб данделъиялда. Нужер жавабалда гъоркье кколел ракьал ругин дол нартица рацун, гьезул ургъелго гьечIищ росдал магIишаталъул министерлъиялъеян гьикъун буго гьезул вакилзабазда Мурзабег Байгишиевас. Лъалин, амма доб нартил компаниялъ жидееги жаваб кьолеб гьечIин, гьанже прокуроратураялдегIаги хъвазе ккелинха гьезие тамихI гьабеян абураб жаваб кьун буго росдал магIишаталъул министерлъиялъул хIалтIухъабаз.

Мурзабег Байгишиев: «Роснефть-Дагнефть компаниялъ Нефтекумскалдехун бачун буго нартил рогIоро. Гьенисан гьеб уна нарт бацIцIад гьабулеб заводалде. Гьез ракьулъа бахъараб нарт лъимгун цадахълъидалха къватIибе бачIунеб. Гьелъие гьарун рукIуна фильтрациялъул хурзал. Заман байдал, гьел цIун руго. Гьединлъидал тIаса бачIун нартгун жубараб лъим къватIи-къватIибе чваххун бачIунеб бугеб къагIидаха. КIудияб рогIринисан гьоркьоса къотIичIого чваххулеблъидал нарт букIунеб».

Гьелда цадахъго хIисабалде босизе ккола цойги балагьги. Гьеб нарт жубалеб буго ракьуда гъорлъ ругел иццалгунги. 1, 5 км-лъул манзилалда бугеб Южно-Сухокумск шагьаралде лъимал аслияб куцалда ракьуда гъоркьан бачIунеб буго.

Мурзабег Байгишиев: «Роснефть-Дагнефть» ккола федералияб кIваралъул компания, гьединлъидал Дагъистаналъул тIабигIат цIуниялъул министерлъиялда кIолеб гьечIо гьелъул тIадецуй гьабизе. Гьедин гьеб министерлъиялъ гIарз бахъун буго Россельхознадзор аб идараялде. Нугъай мухъалъул гIадамаз ЭР-ялъе бицана гьеб нартил компания гIезегIан бечедаб гIуцIи бугин, гьединлъидал хал гьабизе рачIарал чагIазе дагьа-макъаб гIарацги кьун чIезарулел ратизеги рес бугин. Экологазул рагIабазда рекъон, компаниялъ гьениса гIебеде лъезе кколаан нарт бацIцIад гьабулел резервуарал, амма гьелда тIад гIарац харж гьабиялдасаги, гьезда учузаблъун бихьулеб буго нарт къватIибе кьаби».

ЭР-ялъ бухьен гьабуна Дагъистаналъул тIабигIат цIуниялъул прокурор ГIали НурмухIамадовасулгунги. Гьес жаваб кьуна жидехъе бачIараб гIарза гьечIин, бугони, жидеца нахъбахъичIого кIвар кьелин Нугъай мухъалда чваххулеб нартиде.

Гьанже хIоралгун рекьулел ракьал нартил цIей гурелги, Нугъай мухъалда чанго анцIго соналъ цебего ахIи балеб букIана гIи-боцIи хьихьулел ракьал салуде сверулел ругиланги.

XS
SM
MD
LG