МагъчIваялъе рес

ТIоцейесей магIарул гIалимчIужу


ГIалимчIужу Гульжагьан Мадиевалъул цIар гIатIидго тIибитIун гьечIониги, авар мацIалда тIад хIалтIулезда ва гьеб бокьулезда лъала. ГIалимчIужу гурейги гьей йикIана мугIалимги. Гьелъ дарс кьурал студентазда жакъаги хинлъигун ва рокьигун ракIалде щолей йиго Гульжагьан ИсмагIиловна.

Нус-нус авар мацIалъулгун адабияталъул мугIалимзабазда жакъа Гульжагьан Мадиева щийан гьикъани, гьез абизе буго шагьаралда, рикIкIада магIарул росабалъа лъай босизе рачIал гIолилазе, эбел хисарай мугIалим йигилан. 2014 соналъ нилъедаса ятIалъана машгьурай педагог ва гIалимчIужу ЧIохъ росулъа Мадиева Гульжагьан.

Гульжагьан Мадиева
Гульжагьан Мадиева

ЛъагIел данде щвана авар мацIалъе гIумру кьурай, ва мацI цебетIезабиялъе кIудияб хIалтIи гьабурай магIарулай хваралдаса, амма гьелъ нахъе тараб мацIалъул хазина жакъаги гIисиназ школалда, чIахIияз тIадегIанаб лъай кьеялъул идарабазда хIалтIизабулеб буго.

Гульжагьан гьаюна Темирхан-Шураялда 1917 соналъ. Гьелъул эбел-эмен рукIана Гъуниб округалъул ЧIохъ росулъа. Гульжагьан йикIана хъизамалда цо йигей лъимер. Гьелъул эмен ИсмагIил вукIана тIалъиялда хIалтIулев, бажари бугев чи.

ГIолилалъул анищ букIуна гьоркьохъеб школа лъугIун, медикияб институталде цIализе ине, амма 1936 соналъ, цогидал гIага-божаразда хадурго, халкъалъул тушбабазул цIар чIван, Сибиралде ритIун уна гьелъул эбел-эмен. Цо-цояз гьабсагIат ракIалде щвезабухъе, гьелъие гIилла ккола Гульжагьанил инсуца Германиялъул техника беццун абураб рагIи.

Дагъистаналда хиянатчагIазул ясалъе кирго каваби къан рукIин бичIчIидал, гIолилай уна Симферополалде, гьений Медикияб институталда цIализе лъугьине, амма халкъалъул тушманасул яс йикIин лъайдал, нахъе рехун, Дагъистаналде тIад юссуна.

ТIад юссун хадуй, гьей Дагъистаналъул медикияб институталде лъугьуна цIализе, жиндирго гIумруялъул анищ тIубазе, амма мацIихъабаз гьей щияли рагьун, гьенисаги нахъе рехула Гульжагьан.

Гьеб къваридаб заманаялъ гIолилалда дандчIвала жиндирго вукIинесев рос - Мадиев ХIасан. Гьев вукIуна Буйнакскалда букIараб тIоцебесеб авар педучилищеялъул нухмалъулевлъун.

1938 соналъ Гульжагьан Мадиева цIализе лъугьуна Ленинградалда бугеб пачалихъияб Университеталъул филологияб факультеталда бугеб кавказалъул мацIазул бутIаялде, амма гьей лъабабилеб курсалда цIалулей мехалъ байбихьараб ВатIанияб рагъ гьоркьоб къотIула цIали.

МоцIидаса цIикIкIун заманаялъ Гульжагьан хутIула блокадаялда, гьенисан къватIие йорчIизе лъабго моцIидаса цIикIкIун заман бан, гьей Дагъистаналде тIад юссиндал, ХIасан Мадиевасул божиго букIунаро гьей чIаго хутIун ятилилан.

1944 соналде щвезегIан Гульжагьаница дарсал кьола Гъуниб букIараб педучилищеялъул цIалдохъабазе, хадуйго Тахо-Годил цIаралда бугеб институталъул гIелмияй хIалтIухъанлъунги яхъуна. 1948 соналъ Мадиева тIадюссуна Лениградалде, гьоркьоб къотIараб цIали лъугIизабизе.

Гьей йикIуна университеталда тIоцейесей Кавказалдаса гIолилай, Гульжагьанил мугIалимзабилъун рукIуна мацIалда тIад гIемер хIалтIи гьабурар А.Бокарев, гIалимчи И. Мещанинов ва цогидал.

ГIемер сонал ун хадубги, гьезул хIакъалъулъ кидаго бицунаанин Гульжагьан ИсмагIиловнаялъин ракIалде щвезабулеб буго жакъа Дагъистаналъул пачалихъияб Университеталда авар мацI малъулей йигей гьелъул цIалдохъан Магдилова Раисатица.

Хехго гIумруялдаса ватIалъанила ХIасан Мадиевги, лъималги гьезул рукIинчIила. Амма тIолго гьелъ дарс кьурал студентал рукIанила гьелъул лъималлъун. Мадиева Гульжагьан ккола гIелмабазул кандидатлъун яхъарай тIоцейесей чIужугIадан Дагъистаналда.

Гьелъ дарсал кьуна анцI-анцI машгьурал магIарулазе, киназдаго гьурмада гьимигун гурого ракIалде щоларо гьей.

Магдилова Раисатица Мадиевалъул хIакъалъулъ ракIалде щвезабулаго абулеб буго гьей йикIанин цо мугIалим гурейги, лъимадулаб гIадаб рагьараб ракIалъул бокьараб ургъел бикьизе бегьулей гIадан, амма гIелмуялда жаниб гьабулеб хIалтIулъ бихьизабулаанин тIадчIей ва къвакIи.

Мадиевалъул хIакъалъулъ жакъаги ракIалде щолин, гьелъ кьурал дарсалги гIумруялъго ругин церейин абулеб буго цогидай гьелъул цIалдохъан ХIусейнова ГIайшатица.

ХIусейнова ГIайшат: «1978 -1983 соназ Филологияб факультеталда цIалана дун Пачалихъияб университеталъул. Гьениб магIарул мацIалъул дарсал кьолаан Гульжагьан ИсмагIиловнаялъ. Гьей йикIана кутакалда магIарул мацIалда тIад хIалтIизе гьунарги бугей, жинда лъалеб жо студентазда бичIчIизабизеги лъалей магIарулай.

Цо цIалул гуребги, гьелъ нижее гьарулаан гIемер гIумруялда хIажалъулел малъа-хъваял. Гьелъ цIакъ гIемер бицунаан нижее жиндирго инсул, гьесул хIакъалхулъ Муса МухIамадовас хъварал кочIол мухъал гьанжеги ракIалда руго дида».

Гульжагьан Мадиева йикIанила унгояй аристократ, ратIлилъги, бицунеб каламалъулъги, тIолго сипаталъулъ букIанила гьелъул хаслъи. Кидаго сурмакьераб ретIелги, кверда бараб берцинаб сагIатги, квегIаб кверда хураб баргъичги букIунаанила гьелъул. Гьеб баргъич жиндие инсуца кьун букIанилан бицунаанила Гульжагьан Мадиевалъ.

ХIусейнова ГIайшат: « Дида кIочон толаро авар литература кьолей Испагьиева Башатида Мадиевалъ гьикъараб: « Паста гьечIищ, Бащат?», - илан, Башат Испагъиевалъ : «Стерженекищ?», - абун цIехедал, гьелъ абуна жинда стерженек-мерженек лъаларин паста кьейилан. Гьелъ авар мацI бацIадго, гIурус мацI жубазабичIогон бицин тIалаб гьабулаан.

Цойги гьелъ гIемер бицунаан миллияб ратIлилги, гьеб щайин Европаялъул модаялъул бакIалда магIарул чохътIо бегьулареб ретIине абун».

ГIайшатица бицана, Гульжагьанил рокъоб букIанин кIудияб китабхана, нус-нус батIиял тIахьал ракIарараб. Студентазулъги классикияб литератураялде рокьи бижизабулаанила гьелъ.

ГIалимчIужу хIисабалда кьолеб къиматалдаса мугIалимасе тIоцебесеб иргаялда кIвар бугеб ккола жиндир рукIарал цIалдохъабазул рекIелъ бугеб сурат, ракIалдещвеял. Мадиевалъул хIакъалъулъ нус-нус гьелъул рукIарал студентазул руго гIицIго хинал ракIалдещвеял.

1997 соналъ, жиндир гIумруялъул 80 сон бараб мехалъ, Г.Мадиева гIодой чIана. Жиндирго лъималазе бикьизе букIараб рекIел хинлъигун хIеренлъи ва эбелалъулаб рокьи гьелъ кьолаан магIарухъа цIализе рачIарал студентазе.

Рокъой чIун хадуги, рахьдал мацIазул къоялъ ва цогидал байрамаз гьей хIурматияй гьобол йикIана факультеталда. Амма хIалтIулъ букIана гьелъул гIумрудул магIна. 2014 соналъул ихдалил гIужалъ, Гульжагьан Мадиева нилъедаса ятIалъана, гьелъул букIана 97 сон.

XS
SM
MD
LG