МагъчIваялъе рес

Гьикъе-бицина

Бищун гIодобегIанасеб мухь


​«Щиб жо кколеб хIалтIухъ кьолеб бищун гIодобегIанасеб мухь (МРОТ) ва Россиялда жакъа къоялде гьелъул къадар чан гъурщида бащалъулеб? Гьединго, къануналда рекъон хIалтIухъанасе гьелдаса гIодобегIанаб мухь кьезе бегьулищ?»

«Щиб жо кколеб хIалтIухъ кьолеб бищун гIодобегIанасеб мухь (МРОТ) ва Россиялда жакъа къоялде гьелъул къадар чан гъурщида бащалъулеб? Гьединго, къануналда рекъон хIалтIухъанасе гьелдаса гIодобегIанаб мухь кьезе бегьулищ?»

Гьадинаб суалгун кIалъан вачIана нижехъе Шамил мухъалъул Гьандихъ росулъа Садулаев Садулагь. Гьеб суалалъе жаваб кьолаго юрист МухIамадов ХирамухIамадица бицана 20I4 соналъул тIоцебесеб декабралда улкаялъул президент Путиница гъулбасараб федералияб къануналда рекъон, 20I5 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе, моцIрое хIалтIухъ кьолеб бищун гIодобегIанасеб мухьалъул къадар бащалъанила 5965 гъурщида.

МухIамадов ХирамухIамад: «РФялъул субъектазда хIалтIухъ кьолеб бищун гIодобегIанасеб мухь, федералияб къануналда бихьизабуралдаса дагьаб букIине бегьуларо. Жакъа Дагъистаналда гьеб мухьалъул роцен гьадигIанасеб бугилан хъвараб бакI гьечIо. Амма гьеб федералияб къануналда бихьизабуралдаса дагьаб букIунаро».

Юрист МухIамадов ХирамухIамадица бицухъе, гьелдаса дагьаб мухь хIалтIухъанасе кьезе бегьулебги рагIуларо.

XS
SM
MD
LG