МагъчIваялъе рес

Миллатаздагьоркьосеб рагIирекъонгутIи школаялъул даражаялда


Новолак мухъалъул Тухчар росулъан тумаз ФСБялъухъе ва Дагъистаналъул нухмалъиялъухъе кагътал ритIун руго, бакIалъулаб школалъул директоралде гIарз гьабун. ТIоцересезе ракIалъе гIун гьечIо гьениб дарсида чачаназул гимн хIалтIизабиялъул хIужжа. Директоралъ абулеб буго, жинде гIайиб гIунтIизаби кколин тумазги, аваразги, чачаназги гIумру гьабулеб росдал жамгIияталда жаниб ахIвал-хIалуцинабиялъул мурадалда гьабулеб галиян.

Гьал къоязда ЦIияблак мухъалъул Тухчар росдал школалъул мугIалимзабаз лъазабуна жал школалда берцинго хIалтIизе толел гьечIила. Гьелъул нухмалъулей чачанай йикIиналъ гьелъ жидее квекIенал гьарулел ругила, чачанал цере гьарун тумал нахъе гьарулел ругин гьелъилан руго тухчаралдаса тумазул мугIалимзаби. Гьелде тIадеги дагьаб цебегIан школалъул тадбиралда чачаназул гимн биччанин, Дагъистаналъул гуреб, Россиялъул гуреб, чачаназул гимн Дагъистаналъул школалда щайин биччазе кколебин абун разигьечIолъи загьир гьабулеб буго гьез.

Гьел киналго жидерго суалал, тумазул миллияб гIуцIиги гьоркьобккун, Дагъистаналъул тIалъиялде битIараб гIарзаялда хъван ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Тухчар росулъа жамагIтчи Къурбанов Зурабица.

Къурбанов Зураб: «Гьеб школалада чачаназул гимн биччаялда хурхун нижеца Дагъистаналъул тIалъиялдеги, Федералияб хIинкъигьечIолъи букIинабулеб идараялдеги, республикаялъул жамгIияб палатаялдеги гIарзал хъван руго. Жеги гьел гIарзазда хурхун цониги жаваб щвечIо, амма нижеца гьеб иш гьедин тезе гьечIо. Щай дагъистаналъул школалда чачаназул гимн биччазе кколеб? Ниж рази гьечIо гьелдаса. ЦIакъго ццин бахъинабуна гIадамазул гьеб чачан гимн щайин биччалебин абураб мехалда, бокьун биччалин, гьаб чачаназул школа бугин абун гьез нижеда кIалал гьикъизе лъугьараб мехалда. Гьелда тIадеги нуж гьанир щиб гьабулел чагIийила, гьаб жидер росу бугила нужеца нужерго Новостроялде нух босеян лъугьун руго гьел».

Гьединго Зурабица бицана школалда тумазул мугIалимзабазе хIалтIизе квекIенал гьарулел ругила чачаназ, ва хас гьабун гьеб школалъул директор чачанай Залина Сайидхановалъ. Гьез багьанаго гьечIого мугIалимзабазда гIайибал чIвалел ругила, гьезие гьеб росулъа тумал тIубан нахъе ине къваригIун бугилан.

Амма школалъул директор Залина Сайидханова тумазул гIарзазда рази гьечIо. Гьелъ абулеб буго школалде чачаназул хъвадарухъанги ахIун кьураб дарсида биччан букIанила цохIого цо нухалъ гьеб гимн. Гьебги хIалай ккун тумаз ургъунго ахIи-хIур бахъинабулеб бугила. Гьезие щибниги квалквал гьабулев чи школалдаги вукIунарила, росулъги жидер лъикIаб ахIвал-хIал бугилан абулеб буго гьелъ.

Залина Сайидханова: «Школалда чачаназул хъвадарухъан Шагьид Рашидовги ахIун тадбир гьабулеб букIана школалда. Гьесул адаб гьабун чачаназул гимналъул кIиго байт биччан букIана. ТIокIаб тумазда квеш бихьилеб гIадаб жоги щибго букIинчIо гьениб. Гьел жалго лъугьана гьеб гимн биччаялъ жал инжит гьарулел ругила, гьеб щибизе биччазе кколеб жойин абун. Гьезда гьедин цIакъ гьеб квеш бихьилинцин ккун букIинчIо нижеда, гьебщинаб ахIи-хIун бахъиниланги рукIинчIо ниж. ЦохIо гьев хъвадарухъанасул адаб гьабун биччан букIана гьеб. Дагъистаналда чачаназул гимн биччазе гьукъунищ бугеб?

Нижеца такъсир гьабураб гIадин лъугьун руго гьел. Чачаназул мугIалимзабаз жидеца гьаниб бокьараб гьабилин, гьаб чачаназул школа бугин, нуж Новостроялде гочейин абунилан лъазабулеб буго тумаз, амма гьеб кинабго гьереси буго. Гьел хIакъир гьабулеб жо щибго абичIо. Дица тIолабго школалъул коллективги ахIун данделъиги гьабуна гьеб суалалда тIасан. Гьениб доб гимн биччарай мугIалималъ тумазда жинда тIаса лъугьайин, нужее квешезе гьабураб жо букIинчIин гьеб гимн биччайиланги лъазабуна. Гьелдаги гIей гьабичIого дица гьелъие кьварараб бадибчIвайги гьабуна. ТIокIабги щиб гьезие къваригIун бугебали бичIчIулеб гьечIо дида, гьей нахъейищ дица реххизе кколей йикIарай».

Гьединго Залинаца «Эркенлъи» радиоялъе бицана тумазул мугIалимзабаз гIемер бадирчIваял гьарун жиндие рахIат толеб букIинчIила. Гьеб чIалгIарай жиндица хIалтIудаса нахъе ине гIарзаги хъван букIанилан. Гьелъул рагIабазда рекъон хIалтIудаса нахъе инилан гьелъ гIарза хъван букIин лъараб мехалда , гьеб щай хъварабали цIехезе, школалде рачIун руго цIалдохъабазул улбул. Гьеб мехалда тумазул мугIалимзаби ахIдезе лъугьун руго нужеца гьаниб бокьа-бокьараб гьабизе тезе гьечIила, чачаназул гимн биччазе кколарила нужеца гьанибинги абун. Гьеб мехалда ццин бахъарал улбуз абун бугила гьезда нуж нужерго Новостроялде айилан абун. Жий гьеб мехалъ хIалтIудаго йикIинчIила, жинда гьел рачIун рукIараблъиги хадуб гурони лъачIин.

Гьеб кинабго лъараб мехалда жиндица ахIи бахъинабунила гьел рагIаби абурал улбузде, тIаса лъугьайин абизе тIамунилан бицана Залина Сайидхановалъ. Гьелъул рагIабазда рекъон тумаз жидецаго багьанаби ралагьулел руго чачаназулгун тунка-гIусиял гьаризе. Жидеее чачаназ рахIат толеб гьечIин абун кьучIгьечIел баянал кьолел ругила гьез, росулъги гьанжелъагIанги щибго къварилъи гьечIого берцинго цадахъ гIумру гьабулел рукIанила жалилан бицана гьелъ.

Тухчаралда чачаназгун тумаз гурониги магIарулазги гIумру гьабун буго. Гьениса 1944 соналъ чачанал Казахстаналде гочинарураб мехалда гьезул бакIалде тумалгун магIарурал рахъинарун рукIана. 1956 соналъ чачаназе тIад руссине рес кьураб мехалда Тухчаралда чачаназги гIумру гьабизе байбихьана. Гьеб ккола битIун Дагъистаналъулги Чачаназулги гIорхъода бугеб росу.

XS
SM
MD
LG