МагъчIваялъе рес

Крым: лъикIищ гьеб квешищ?


Крым Россиялде гъорлъе бачаралдаса лъагIел тIубай кIодо гьаби. МахIачхъала, 18Мар2015
Крым Россиялде гъорлъе бачаралдаса лъагIел тIубай кIодо гьаби. МахIачхъала, 18Мар2015

Араб лъагIалида жаниб Крымалда ханлъи гьабулеб буго хIинкъиялъ-активистал рикъулел руго, гьел рухулел руго, чIвалелгицин руго. Гьедин абулеб буго инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Amnesty International гIуцIиялъул 18 марталда къватIибе бачIараб докладалда.

Гьебго къо 18 марталда Россиялда абуни кIодо гьабулеб букIана Крымалъе аннексия гьабуралдаса лъагIараб къо. 2014 соналъул 16 марталда Крым бащдаб-чIинкIиллъиялда тIобитIун букIана жиндир статусалъул суал гьоркьоб лъураб «референдум». Гьелъул хIасилал я Украиналъ я Магърибалъ жакъаги къабулги гьаруларо. ГьабичIониги, гьелъул хIасилалги кьочIое росун Россиялъ лъазабуна Украиналъул гьеб бутIаялъе аннексия гьабулеб букIиналъул. Гьеб хIужаялъул Россиялъул халкъалъул аслияб бутIаялъ рахъ кколеб букIаниги, рукIана гьениб ккараб бичIчIуларел яги гьелде данде ругел гIадамалги. Гьезда гьоркьоб рикьел жакъаги дагьабги кIодолъун гурони, гьитIинлъулеб гьечIо.

Украиналъул тахшагьар Киевалда Евромайдан унеб мехалда Крымалда сихIкъотIи букIана. Гьениб кинабго хисана 2014 соналъул 23 февралалда Украиналъул вукIарав президент Виктор Янукович улкаялдаса лъутараб мехалда. Гьеб мехалда крымалъул татаразул аза-азар чи вакIарун вукIана бащдаб-чIинкIиллъиялъул тахшагьар Симферополалда министразул Шураялъул минаялда цере. Гьез тIалаб гьабулеб букIана парламент хIалхьиялде битIизе ва бакIалъул халкъал цIунизелъун Конституциялда хиса-басиял гьаризе.

Лъабго къоялдасан 26 февралалда Украиналдехун цIийи цIикIкIарал ва крымтатаразул активистаз бакIалъул парламенталъе рес кьун букIинчIо иргадулаб гуреб сессия ахIизе.

Гьелдаса хадуб лъагIана. Крым буго Кремлалъул контролалда гъоркь, Россиялъул цIех-рехалъул Комитеталда абуни жеги халат бахъунеб буго 26 февралалда рукIарал лъугьа-бахъиназул цIех-рех. Крымалде рачIине гьукъун буго цо-цо активистазе. Гьездаго гьоркьор крымтатаразул Мажлисалъул нухмалъулев Рефат Чубаровги, гьезул лидер Мустафа Джемилевги. Межлисалъул нухмалъулев хисулев Ахтем Чигойз вуго туснахъалъув.

Крымалъе гьабураб аннексиялде Кремлалъ абула «тIадбуссиналъухъ балагьун чIун букIараб» Крым нахъбуссинин ва абулеб буго гьелдаса улкаялъул халкъалъул 95% бохун бугинги.

Гьебго заманаялда гIемерал экспертаз рикIкIуна бицен гьабулеб референдумалъул хIасилал «гIурччинал гIадамаз» хIинкъаби кьун ракIкIизарурал рукIарал гIечIого, пропагандаялъги жидее бокьараб куцалда кьолел рукIанин.

Крым Россиялде гъорлъе бачин гьелъие хвасралъи бугин рикIкIунеб буго Россиялъул Халкъияб Фронталъул Дагъистаналъул бутIаялъул нухмалъиялдаса ГIалиев МухIамадсултIаница.

please wait

No media source currently available

0:00 0:04:02 0:00
Интернет-мухъ

Крым Россиялде гъорлъе бачусаго улкаялъул халкъалъул роххи цIакъ кIудияб букIун батаниги, лъагIалидасан гьеб хIужаялда хурхун гьезул пикру хисанин рикIкIунеб буго тохтур ва жамгIияв хIаракатчи СагIидов ГIабдурашидица.

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:30 0:00
Интернет-мухъ

Россиялъ рикIкIунеб буго Крым жидер бакIал бугин. Япониялъги рикIкIунеб буго Россиялъул РикIкIадаб Машрикъалда бугеб ва 1945 соналда Дунялалъул кIиабилеб рагъ лъугIун хадуб Советияб Союзалъухъе щварал Итуруп, Кунашир, Шикотан чIинкIиллъаби жидер ругин. Гьеб территориалияб къец сабаблъун Россиягун Япониялда гьоркьоб рагъ лъугIаралдаса ракълилаб къотIицин хъванги гьечIо. Гьениб референдумги гьабун, нагагь, гьенир ругел гIадамаз Россиягун бокьиларин Япониягун рукIине жидее бокьилин абуни, гьеб Россиялда цIакъ хIунсизе бугин ва жидее бокьулареб чидае гьабизе кколарин рикIкIунеб буго ГIабдурашидица.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:45 0:00
Интернет-мухъ

Крым Россиялде гъорлъе бачараб мехалда гьелъул рахъ ккурал тадбирал рукIана Дагъистаналдаги. Дагъистанияз гьенибе битIун букIана гуманитарияб кумекги, тIобитIун букIана автораллиги. Гьеб автораллиялъул гIахьалчи ва Халкъияб Фронталъул Дагъистаналъул бутIаялъул нухмалъиялдаса ГIалиев МухIамад-СултIание ва жамгIияв хIаракатчи СагIидов ГIабдурашидие нижеца кьуна Крымалда хурхун цого суалал.

ЭР: Крым Россиялде гъорлъе бачараб къагIида ай къасиялдаса рогьиналде абухъего, къокъабго заманаялда референдумги гьабун гьеб Россиялъул ракь бугин чIезаби битIараблъун рикIкIунищ дуца?

ГIалиев МухIамад-СултIан: «Щай рикIкIунареб? Гьеб буго халкъалъул эркенаб тIасабищи».

ЭР: «Масала, метер Дагъистаналда референдумги тIобитIун халкъалъ абуни Россиягун рукIине бокьун гьечIин жидеейин, лъица Дагъистан Россиялдаса батIа тезе бичIчIазе бугеб?»

ГIалиев МухIамад-СултIан: «Конституциялда рекъон буго гьединаб ихтияр, амма дагъистаниязул 80-90% абизе буго жал Россиялдаса кирениги унарин».

СагIидов ГIабдурашид: «Абизе бегьила советияб заманалда Крым Украиналъе мекъи кьунин. Кин бугониги гьеб кьуна ва гьелъул документал руго. 1991 сон. Украиналъул, Белоруссиялъул ва Россиялъул президентаз хIукму гьабуна Советияб Союз биххизе ва ругел куцалда киналго гъурхъабиги тун республикаби жалго жидедаго чIезе. Киналго республикабазул парламентаз щай гьеб хIукму тасдикъ гьабураб? Гьелдаса тIекълъун ратани ва масала, Крым Украиналда тун, Россиялде макьу щолеб букIун батичIони щайха гьелъул бицине журачIел, конпенсациял кьунги цоги къотIиял гьарунги бегьулаангури гьеб суал тIубазе. Амма къасиялдаса рогьиналде Крым Украиналдаса тIезаби дунялалдасаго цебе агрессиялъул актлъун лъугьана».

ЭР: Крымалдаса Россиялъе щиб щвезе бугеб?

ГIалиев МухIамадсултIан: «Дица ракIбацIцIадго ва чIванкъотIун абулеб буго 3-4 соналдасан нужеда Крым лъазе гьечIин. Гьеб цебетIезабиялъе гьабизе буго гIемераб хIалтIи. Гьаризе руго нухал, разе руго рукъзал, кьоял ва заводалгун фабрикаби. Гьелъул гьабизе буго ракьалда тIад алжан.

ЭР: «Щай гьалгощинал соназ Россиялъул цониги республикаялда абухъе гьабулеб гьечIеб гьеб хIалтIи батIа босун Крымалда гьабизе ккун бугеб?»

ГIалиев МухIамад-СултIан: «Щай гьабулеб гьечIеб? Буго. Крымалда абуни хIукуматалъ инвестициял рачIине ресал чIезаризе руго. Инвестициял кьолезулги бер бахилаб бакI бугелъул Крым».

СагIидов ГIабдурашид: «Дуца абе дида Крымалдаса къадараб бакI щиб бугеб Дагъистаналъул курорт гьабичIого тезе? Щиб гьабун бугеб гьаб 20-30 соналъ Дагъистан курортазул зона гьабизелъун? Гьебго хIалтIи Крымалдаги гьабизе батилаха! ГIезегIан гIарац ина салулъе. ХIасил букIина Дагъистаналдаго гIадинаб...»

ГIабдурашидгун МухIамадсултIание нижеца кьолел рукIана релъарал суалал, амма гьезул жавабал цо-цо мехалда цоцазе гIаксал рукIананин абизе бегьула. Гьединалго руго Россиялъул халкъалда гьоркьобги Крымалъул суалалда хурхун пикраби.

XS
SM
MD
LG