МагъчIваялъе рес

"Нани гур" ясикIабазул экспозиция


Гьал къоязда МахIачхъалаялда хIалтIизе байбихьана "Нани гур" абулеб ясикIабазул экспозиция. Гьенир рихьизарун руго 70 гIан ясикIо. Гьезул гIемерисел руго гIадатиял гIадамаз, хIатта лъималаз гьаруралгицин. Экспозициялда рихьизарун ругел киналго ясикIабазда ретIун буго дагъистаналъул халкъазул миллияб ретIелги. Лъималазда халкъияб ретIелги, маданиятги лъазе букIиналъе квербакъи гьабулила гьединал тадбиразилан лъазабулеб буго экспозиция гIуцIараз.

"Нани гур" абураб батIи-батIиял автораз гьарурал ясикIабазул экспозиция рагьана МахIачхъалаялда "Гьудуллъиялъул рокъоб" 10 марталда. ЦIумада мухъалъул чIамалазул мацIалда "Нани гур"-иалн ясикIабазул гордеялда абулеб рагIула. Гьеб экспозициялда рихьизарунщинал ясикIабазда ретIун букIана Дагъистаналъул халкъазул миллияб ретIел.

Гьеб тадбир гIуцIун буго Россиялда цо гурони гьечIеб. дагьаб цебегIан Дагъистаналда рагьараб "Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул музейги" ва республикаялъул миллияб политикаялъул министерлъиги цадахъ рекъон. Экспозициялда рихьизарун руго квасул, буртинадул, кунал, къохьол, хIатIул, щагIил, чIартил гьарурал ясикIаби. Гьезда киназдаго тIад ретIун буго Дагъистаналъул миллияб парталги. ГIемерисел ясикIаби руго махщелчагIаз яги художниказ гьарурал гурел, гIадатиял гIадамаз гьарурал. Гьезда гьоркьор руго гIисинал лъималазул хIалтIабигицин. Гьединго гьенир рихьизарун руго Дагъистааналъул цолъараб музеялда рукIарал ясикIабиги, гьезул цо-цояз 60-70 сон цин банилан бицана экспозициялъул жавабияй, искусстволъазабиялъул гIелмабазул кандидат Разита ХIажихановалъ.

Гьединго ХIажихановалъ экспозициялде рачIаразе бицана ясикIабазда ретIун бугеб парталалъул, сундул гьеб цебе букъулеб букIарабали, гьелъ абуна цохIо гьаб парталалъухъ балагьунцин Дагъистаналда ругел батIи-батIиял гIажаибал, гьунар бугел гIадамал рихьулила. ГIодоса тIадегойила щибаб миллаталъали щай гьабулареб, щибаб росулъгицин жидерго миллияб парталалъулъ цо хаслъи букIинабизе хIаракат бахъулеб букIун бугила. ГIемерисеб гьеб тарихияб бечелъи гьанже тIагIун бугила, амма нахъе хутIараб цIунизегIаги нилъеда тIадаб бугин лъазабуна гьелъ.

Разита ХIажиханова: "Миллиял расанкIабазул, хасго ясикIабазул цIакъ бечедаб ва некIсияб тарих буго. Лъимал руссинаризе гьарурал жал ругинги абун гIинтIамичIого тезе бегьуларо гьел киданиги. Гьелги руго нилъер маданияталда цо кIудияб бакI кколел жал. РасанкIабаз бихьизабула нилъер халкъалъул рукIа-рахъинги, ретIел-кунги, гьезул махщелалги, гIадаталги. Дуниял бижаралдаса нахъе ругел жал руго гьел расанкIаби, лъимал кидаго лъималлъун рукIинарищха, киналго лъималазе гьел расанкIабиги къваригIуна. Щибаб заманалъул жиндирго хаслъи бугел рукIунаан расанкIаби. Нижехъе цIакъго церего гьарурал ясикIаби щвечIо, масала IХХ гIасруялда гьарурал рокьилаан рихьизе. Дунялалъул батIи-батIиял музеязда руго чанго нусго сон барал расанкIабиги, гьезул багьа цо-цо мехалда битIахъе зодой бахун букIуна. Амма гьезул гIарцудалъун борцунеб багьаялдасаги, халкъалъул тарих нахъе цIунун хутIиялъулъ ккураб бакI цIикIкIараб буго. Нилъер гьаниб гьединаб бербалагьи букIинчIоха расанкIабаздехун, гьанже ХХI гIасруялда дагь-дагьккун гьелдеххун руссунел руго нилъ".

Экспозициялда рихьизарурал ясикIаби гьаруразул цояйлъун кколей, лъималазда ясикIаби гьаризе малъулей Тазаева ПатIиматица "Эркенлъи" радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана ясикIаби гьаризе байбихьун хадуб жидерго миллияб маданияталде гъира балила гIемерисел лъималазул. Чанги жиндир рукIарал цIалдохъаби ругила гьанже Дагъистаналъул тарих, маданият, искусство лъазабиялда тIад хIалтIилел. Гьадинал ясикIабаз цIакъ кумек гьабулила лъималазе тарбия кьеялъулъ, амма гьезда гьел музеязда рихьараздасаги жидехъего кодоре кьезе кколила, квер квалун бичIчIулила гьезда гIемерисеб жойилан абулеб буго ПатIиматица.

Тазаева ПатIимат: "Дица кидаго лъималазухъе расандизе кьола ясикIаби, гьеб мехалда чIаголъун рачIарал гIадин рукIуна ясикIаби. Дора гьанир рихьизе рарал гьез лъималазе кинаб асарха гьабилеб? Гьезда кинабго жо жидедаго бихьун, кверал хъван бичIчIун букIине кколелъул. Гьанже ясикIабазде регIичIеб заман бугила, лъималазе компьютералги роботалги, цойги кинал рокьаниги расанкIабиги ругеб мехалда нужер гьел чIартил ясикIаби щиб гьабизейилан рукIуна дида гIадамал. Дица гьединазда абула гьел ясикIаби рукъулел лъималазул роххалил цIурал беразухъ ралагьизе рачIайин нужилан. Гьезул букIунеб гъираги, шавкъги гьезие партал букъизеги, хьитал гьаризеги. Гьеб букъулаго дица щибаб жоялъул цIар бицуна гьезда, щиб росулъ кинаб партал букIарали бихьизабула. Гьанже гьезул гъира бала жиде-жидер росулъ букIараб гIадаб парталги ретIун ясикIаби рукъизе. Берцинал лъугьаниги лъугьинчIониги гьезие гьел кутакаллъул жаллъун рукIуна. Гьелгун расандизеги бокьула лъималазе. Гьединго цо-цояз абула гьединал сурукъал гьал ясикIабигIаги лъицайила хIалебилан. ХIала, лъималазе рокьула гьел, гьезие бокьула гьел чIагоял гIадал, жидерго кIодоэбелалда релълъарал рукIин".

Гьеб тадбир гIуцIаразул рагIабазда рекъон кватIичIого гьединго миллияб партал ретIарал жидецаго гьарурал ясикIабазул дагьабги кIудияб экспозиция бихьизабизе буго. Гьеб нухалда киналго Дагъистаналъул художникалгун модельералги ахIизе ругила гьениб гIахьаллъи гьабизейилан лъазабуна гьез. "Нани гур" экспозиция 3 апрелалдалъагIан халат бахъине буго.

XS
SM
MD
LG