МагъчIваялъе рес

ХIижаб: ШаргIалдаса модаялде


Дагъистаналда къойидаса къойиде гIемерлъулел руго хIижаб чIван, шаргIалда рекъон хьвадулел руччабазул ва гIолохъанал ясазул къадар. КъанагIат руго гьезда гъорлъ хIижаб чIван хадуб гьеб бахъаралги. Гьелъие ругел гIиллабазул цояблъун исламияб ретIа-къай модаялде сверун букIин бихьулеб буго психологазда.

Марьям МахIачхъалаялде цIализе ячIаралдаса цогидал ясалго гIадин, къачIан, ретIа-къай берцин гьабун хьвадизе лъугьин щибго гIадлъуларо гьелъул гIагаразда. ЦIалул лъабабилеб соналъ Марьямил интернеталдаса лъай-хъвай ккола батIияб пачалихъалда чIей гьабун вугев гIолилавгун. Къо бахъанагIан жидер гьоркьолъи ва божилъи цIикIкIунеб букIанила, заманалдаса, гьес абураб гьабизе байбихьанила жинцайин ракIалде щвезабулеб буго гIолилалъ. Дагь-дагькун ясалъ ретIа-къай хисула, хисула гьелдехун сверухълъиялъул ва цадахъ цIалулезул бербалагьиги.

Риидал росулъе тIад юссун ячIиндал, гIагарлъи данде чIола гьелъул чIегIер кьераб хIижабалда. МоцIидаса цIикIкIун заманаялъ питна букIанила жидер рокъобин ракIалде щвезабулеб буго Марьямица, гьеб заманалде жий рокъоса тIуризе къасдалда йикIанила, амма жий йорчIанила. Марьямида телевизоралдаса вихьула гьей кIалъалев гIолилав терроралъулаб гIуцIиялъул чагIазда гъорлъ рехсолев. ГIагаразда щибго гьеб жинца бицинчIила тIадеги гьел хIинкъилин, гьезухъа нечон хIижабги бахъанила.

22 сон барай Саидаца хIижаб чIвала росасе ун хадуб. Гьесие жий диналда рекъон хьвадизе бокьидал, жинца абураб гьабунила, амма заманалдаса жив нечолин мунгун къватIиве вахъинейин лъазабунила гьес.

Саида: « ЯчинегIан гьес дир ретIа-къаялде щибго абулароан, хадуб, заманалдасан гьев дагь-дагьккун хисана. ХIижаб чIваян гьес абидал, дица гьеб чIвана ва хьвада-чIвади хисана. Амма гьесул дидехун бербалагьиги хисана. Лъимер гьабун хадуб гьев рокъовецин вачIунароан, гьеб дир эбел-инсуда рагIидал, гьез дун рокъое ячана. КIиабилей чIужу ячун ятана гьес. Дица хIижаб бахъана, эбел-инсуца щибго абун гуро, дида гьелъ къваридал мехал ракIалде щвезарулел рукIиналъ. Дие кIочон тезе бокьун буго гьеб заман».

МахIачхъалаялдаса МухIамадова ПатIимат цIалулей йиго Дагъистаналъул Педагогикияб университеталда. ХIижаб чIваралдаса 3 сон банила , жий пашманлъулила гIицIго цебего гьеб чIвачIолъиялдасайин абулеб буго гьелъ.

МухIамадова ПатIимат: « Аллагьас хIижаб ретIин тIадаб гьабун букIин бичIчIидал дица гьеб ретIана.Эбел-эмен тIоцере хIинкъун рукIана, амма дир щибго квешаб рахъалде хисараб жо гьечIолъи бихьидал гIодоре риччана, эбелалъ рекъон бугинцин абула гьанже».

Эбел-эмен ясаз хIижаб чIвайдал хIинкъулила гьел радикалияб чвахиялда гъорлъе ккелин абунин бицана гIолилалъ.

ХIижаб ретIиналде данде чIахIиял чIеялъе цо гIилла бугин хIижаб ретIун, рахча-хьван рукIин гьезда чияраб лъун бихьи, щай гурелъул кидагоги Дагъистаналда бетIер бахчун, кIаз чIван хьвадулел рукIиналъин рикIкIунеб буго психологиял гIелмабазул доктор ХIажимурадова Зояца.

Цогидаб гIилла бугила школалда цIалулей ясадаса байбихьун, гIолилазул гъира букIин гьеб ретIине, амма гьеб бугила цогидаз гьабулелда хадур рилълъин, заманалдаса гьеб чIалгIунила. ХIижаб чияр бералдаса цIунун, рахчизе ретIунеб батани, жакъа гьеб гIаксалда кколила, тIад релъеналги рахун, бер тIаде цIалеб хIалалъ букIиналъ цо-цоязул. Цогидаб рахъалъ жакъа хIижаб чIварал руччаби социалияб рахъалъ цIунарал ругила рокъорги къватIирги. Модаялда хадур рилълъиналдаса дагь-дагьккуун гIадатияб ретIеллъунги лъугьунеб бугила.

XS
SM
MD
LG