МагъчIваялъе рес

Немцовасул хвел дагъистанияз кIвар кьечIого тана


Оппозицияв политик Борис Немцов чIвараб къоялъ Дагъистаналда «Яблоко» партиялъ хасаб лъазаби гьабун гурони, республикаялда цогидал партияз яги инсанасул ихтиярал цIунулез, ялъуни тIадчагIаз – лъицаниги жидерго пикру загьир гьабичIо.

Цин бугони, Немцовги гьесул гьалмагъзабиги лъикI лъангутIи кколин гьелъие гIиллаян баян гьабуна ЭР-лъе гьеб хIужа МахIачхъалаялдаса социолог Загьид ГIабдулагъатовас.

Загьид ГIабдулагъатов: «Цогидаб рахъалъ абуни, дида ккола дагъистаниял кутакалда ватIан бокулел чагIи ругин, гьединлъидал улкаялда жанир кинал дандеккунгутIаби ратаниги, гьез Путинил рахъги кколеб бугилан. Хасго Украинаялда бугеб ахIвал-хIалги хIисабалде босун. Гьел кваранаб рахъалъулин абулел къуватаз рорхулел суалалги мекъал ругин абиларо дица. Амма заман гуреб мехалда рорхулел суалал руго гьел. Гьезие батIияб заман къваригIуна».

Борис Немцов чIванилан дагъистаниял къватIире рахъинчIолъиялда гIажаиблъи гьабизе бегьуларин рикIкIунеб буго «Дагъистан» журналалъул бетIерасул редактор МухIамад БисавгIалиевас. Гьелъие гьес бачунеб буго лъабго гIилла.

МухIамад БисавгIалиев: «Борис Немцов чIванилан дагъистаниял кин къватIире рахъинел? Гьелъие гIоло гьанир рукIине ккола Немцовасул идеязулги гьесул политикаялъулги рахъкколел чагIи. Гьелин абуни цIакъ дагьал руго Дагъистаналда. КIиабилеб иргаялда, 2-3 процент гьеб пикруялъул рахъкколел чагIи гьанир ратаниги, Дагъистаналда ахираб I5-20 соналда жаниб тIубан божилъи лъугIун буго тIалъиялда. Нусазарго мурид вугеб устар чIвайги бихьана, жанисел ишазул министр чIвайги бихьана, районазул бутIрул, депутатал, жаназабазул гохIал рихьарал дагъистаниял свиданиялдаса вачIунев Немцов чIванин абун къватIире рахъунаро. Жидерго протестазул акциязулги хIасил ккечIолъи бихьана дагъистаниязда. Жидер тIарикъаталъул устар чIвараб мехалда такъсир рагьичIолъи бихьана дагъистаниязда, министр чIвараб мехалда, жидер районалъул бетIер, депутатал чIвараб мехалда гьарурал акциязул хIасил ккечIолъи бихьана дагъистаниязда. Гьединлъидал свиданиялдаса вачIунев Немцов чIванилан дагъистаниял къватIире рахъинищха. Гьеб цо. КIиабилеб иргаялда, гъосул идеязул рахъкколел чагIи дагьал руго Дагъистаналда. Лъабабизе, Дагъистан буго 80 проценталъ Москваялъ хьихьараб республика. Федералияб, гьагъаб Путиница бачунеб политикаялда хадур руго аслиял чагIи».

1 марталъул сардилъ Дагъистаналъул телевидениялдасан цо передачаялъухъ балагьарав жиндилъ кутакаб ракIбуссинги рекIекълъиги бижанин байбихьана Москваялда гIумру гьабулев дагъистанияв, тохтур ГIабдурашид СагIидовас. Диниял чагIиги пачалихъияб идараялдаса гIадамалги гIахьаллъараб гара-чIвариялда ихтияразулаб академиялъул ректорасги пачалихъиял цогидал хъулухъчагIазгицин гIамал гьабулеб букIанила гIицIго динияб пикру билълъанхъизабизе.

ГIабдурашид СагIидов: «Дагъистаналда кинабгIаги рагIуе эркенлъи букIа, демократиялъул принципал рукIа, бокьарав тIадчиясул хIалтIуе къимат кьей букIа, позиция абураб пикру – гьеб кинабго тушманаб пикрулъун лъугьинабулеб буго телевидениялъ церехун диниял чагIиги риччан. Доз абулеб рагIи буго хIакъаб, доз абулеб буго мухIканаб рагIи, гурони сексуалиял, гомосексуалиял, хъубал ишазде ахIулеб буго Дагъистан эркенлъи бокьарал чагIаз абураб пикру бижизабулеб буго. Багьавудин МухIамадовас абуна рагIуе эркенлъиялъ Дагъистан пасалъизабизе бугилан. Балагье профессорас абулел ругел жалазухъ. Гьеб пикруялъ кваназарулел ругел Дагъистаналда кинав Немцов, кинаб демократия букIунеб? БичIчIизе гьечIо дозда доб».

ГIабдурашид СагIидовасул лъай-хъван букIун буго Борис Немцовасулгун.

ГIабдурашид СагIидов: «Гьесулгун дандчIвай букIана дир. Чачаналда рагъ къотIинабизе кколин абун гIадамазул гъулбасал ракIарулев вукIана гьев цо заманалда. Гьеб мехалда дицаги ракIарана гьесие кумек гьабун гьел. Кутакалда рагьарав, хIинкъи гьечIев чи вукIана дов. ТIадежоялъеги лъабго къотIараб гъветIалъел гIоло тамихI гьабуна Навальныясе. Гьединабго букIаниги гIайиб тIадчIезабизе кIвелаан Немцовасдаги. Амма батичIо гьелъие гIилла. Щайин абуни кквезе жо букIинчIо гьесул. Бокьарав чиясда бадивеги валагьун хIинкъичIого кIалъазе кIолаан досда».

Цевехун рехсарав социолог Загьид ГIабдулагъатовас бицухъе, дагъистаниязда гьоркьор гьез гьарурал цIех-рехазда рекъон, дагъистаниязул цIикIкIанисез жаваб кьун буго федералияб даражаялда кколел лъугьа-бахъиназда бан жал къватIире рахъинарин, щайин абуни гьелдалъун жеги кIудиял гъалмагъирал ккелин хIинкъун.

XS
SM
MD
LG