МагъчIваялъе рес

Сириялдаса нахъруссунел – ракIбуссаралищ рагъизе рачIунелищ?


Рес бугищ исана Сириялда рагъизе арал дагъистаниязул къадар цIикIкIине? «Исламияб пачалихъин абулеб» экстремистияб къукъаялде рагъизейин гIолилал иналъе гIиллаби кинал ругел? Гьенире ун рукIарал щай тIадруссунел ругел?

Араб соналда Дагъистаналда рагъулаб конфликтазул къурбаназул къадар 50%-алъ гIодобе ккун бугин лъазабулеб буго «Кавказский узел» информагентствоялъ. Сайталъул баяназда рекъон, 2013-леб соналда чIвай-хъвеязда ва терроралъулал такъсиразда хвана ва лъукъана 641 чи, 2014-леб соналдани 293 чи.

Къурбаназул къадар гIодобккей экспертаз низам цIунулел идарабазул хIалтIул хIасиллъун рикIкIунеб гьечIо. Гьезул пикрабазда рекъон, Сириялде рагъде ана Дагъистаналдаса «рохьилал», гьезул кумекчагIи, радикалиял бербалагьиял ругел бусурбаби.

Сириягун ГIиракъалде цо-цо дагъистаниял хъизангунцин гочанилан, абуна «Эркенлъиялъе» инсанасул ихтиярал цIунулей Варвара Пахоменкоца. Гьелъ абухъе, 2013-леб соналъул кIиабилеб лъагIелалдаса байбихьун Дагъистаналда салафияздехун бугеб политика жеги вахIшилъана. «Къуваталъулаз гьарулел оперативиял тадбирал цIикIкIана, салафиязул мадрасаби, школал ва ясли-ахал къана. ГIемерисел салафияз бизнес къана. Гьеб вахIшияб политикиялъ радикалиял бербалагьиял ругел бусурбаби тIагIинаричIо. Амма гIемерисел салафиял Дагъистаналдаса нахъе ана. Турциялде ана, Сириялде ана, ГIиракъалде ана», - илан абуна Пахоменкоца.

Ахирисеб заманалда Дагъистаналдаса нахъе унел руго зулмуялъул рахъ кколарел радикалиял бусурбабигилан бицана Пахоменкоца. Гьез рикIкIунеб буго республикаялда гIумру гьабизе гьезие захIмалъулеб бугин ва хIинкъигьечIолъиялъул рахъалъан ахIвал-хIал хисилин хьулал гьечIин. «Гьел бусурбаби Турциялде гочунел руго. Амма Турциялда гьезул бухьенал кколел руго гьенир гIумру гьабулел ругел радикалиял цогидал дагъистаниялгун. ГIемерисала, гьезие гIологи кколел руго гIадамал Сириялда бугеб рагъда», - илан рикIкIунеб буго эксперталъ.

ХIинкъигьечIолъиялъул федералияб хъулухъалъул нухмалъулев Александр Бортниковас гьал къоязда лъазабуна Сириягун ГIиракъалда бугеб рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел россиялъулазул къадар араб соналда кIицIун цIикIкIанилан. Гьес бицухъе, «Исламияб пачалихъалъул» рахъккун вагъулев вуго 1700 россиялъулав ва гьезда гьоркьосан гIемерисел ккола дагъистанияллъун.

Сириялда чан дагъистанияв вагъулев вугев ва щиб гIилла сабаблъун гьел рагъде арал? «МухIканго тарихаздалъун къиматал лъицаниги кьезе гьечIо: цо-цояз абулеб буго «Исламияб пачалихъалда» гъорлъ анкьазарго дагъистанияв вугин, цогидаз щуазарго вугилан абулеб буго, амма гьел тарихал зодоре рахинарураллъун рихьула», - ян жиндаилан абуна «Эркенлъиялъе» МГИМОялъул «Кавказалъул централъул» вакил АхIмад Ярлыкаповас.

АхIмад Ярлыкапов: «Дир пикруялда рекъон, жакъа къоялда Сириялда рагъда вуго кIиазарго дагъистанияв. Щай гьел гьенире арал? ГIиллаби батIи-батIиял руго. Динияб радикалияб идеологиялъул бербалагьиял сабаблъун арал гIемер ругин абизе бегьула. Руго гIарац гьабизе аралги. Гьединго руго пропагандаялда божун аралги. «Исламияб пачалихъалъ» интернеталдасан гьабулеб пропаганда цIакъ тIибитIун буго социалиял сайтазда ругел бусурбабазул къукъабазда. Гьединго Сириялде ана Россиялъул цогидал регионазда гIумру гьабулел дагъистаниялги».

Сириялде дагъистаниял ккола Турциялдаса, Турциялде ккола Азербайджаналдаса ва Грузиялдасаилан бицана «Эркенлъиялъе» Шималияб Кавказалъул исламиял цIех-рехазул централъул нухмалъулев Руслан Гереевас.

Гьесул рагIабазда рекъон, интернеталдаса рагъде ахIи хIасилал кьолеб нухлъун батун буго «Исламияб пачалихъалъе». «Шималияб Кавказалдаса гIадамал ралагьулел руго гIемерисала Турциялда гIумру гьабун ругел кавказалъулаз. Гьелдалъун Россиялъул хасал хъулухъазе захIмалъулеб буго гьел процессазда хадуб халкквезе. ТIадежоялъе, Шималияб Кавказалдаса гIолилазда «Исламияб пачалихъ» бихьулеб буго эффективияб гIуцIилъун, чIванкъотIарал мурадал ва план ругел гIуцIилъун. «Имарат Кавказалъул» политика ахирал соназда хисана, тамахлъана. «Исламияб пачалихъалъул» бергьенлъаби рихьулел руго гIолилазда, гьезие гьел рекIее гIолел руго», - ян абуна Гереевас.

Ярлыкаповас рикIкIунеб буго Сириялде исанаги гочине ругин дагъистаниял. «Амма гочунезул къадар цIакъго цIикIкIине бугин абизе кIоларо. Рагъде инехъин рукIарал гIемерисел некIого рагъда руго. Исана цIикIкIине бегьула тIадруссунезул къадар», - илан абуна экспертас.

Гереевасул рагIабазда рекъон, Сириялдаса нахъруссина гIемер дагъистаниял.

Руслан Гереев: «Гьеб къукъаялдаса ракI буссарал гIемерлъулел руго. Гьезул методал, гьез гьарулел чIвай-хъвеял рихьулел руго гIолилазда. БичIчIулеб буго гьезда жигьад гьединаб букIунареблъи, жигьадалда щибго гIайиб гьечIел чIвалареллъи. ТIадежоялъе, «Исламияб пачалихъалъул» рагъулал бергьенлъаби ахираб заманалда рукIинчIо. Гьединго авторитет бугел исламиял машгьурал гIалимзабаз «Исламияб пачалихъалъул» рахъ кколеб гьечIо. Гьелдалъун нахъруссунел руго дагъистаниял. Буго жеги цо гIилла. Радикалиял исламиял къукъабазе гьанже пайда гьечIо Сириялде рагъде гIемер гIадамал цIаялдаса. «Исламияб пачалихъалъул» рахъ кколел къукъаби кIодолъулел руго ва хIинкъи буго гьезда гъорлъ къацанди байбихьиялдаса. Сириялда ва ГIиракъалда радикалиял бусурбабаз ккурал шагьаразда ва объектазда цIиял церехъаби раккиялдаса хIинкъи буго «Исламияб пачалихъалъе».

МГИМОялъул «Кавказалъул централъул» вакил Ярлыкаповас «Эркенлъиялъе» бицухъе, рекIекълъун тIадруссунел ругин дагъистаниялилан абураб жоялда тIубанго божизе бегьуларо.

Ахмет Ярлыкапов: «Рагъулаб жигьад тIолго дуниялалда тIибитIизаби - гьеб ккола «Исламияб пачалихъалъул» идеологиялъун. Гьеб идеологиялъул рахъкколел тIадуруссунезда гъорлъ гIемер рукIине бегьула. Жалго гьел тIадруссунел щал ругел? Гьел руго рагъда гIахьаллъарал чагIи, рагъизе ругьун гьарурал чагIи. «Исламияб пачалихъалъул» рахъ кколезда гъорлъ федерализациялъулал пикраби тIиритIун руго. Гьел бербалагьиялгун нахъруссунел дагъистаниязда гъорлъ рукIине гьечIилан абураб жоялда дун божуларо. Гьелдалъун, Россиялъул низам цIунулез хасаб хIисабалде босизе ккола гьеб кинабго».

Ярлыкаповас гьединго ракIалде щвезаруна Дагъистаналдаса «рохьилазда» гьоркьор ккарал ричIчIунгутIиял. «Рохьилазул» цо-цо къукъабаз гьа бана «Исламияб пачалихъалъул» цевехъан Абу-Бакр аль Багдадие. «Имарат Кавказалъул» цевехъан ГIалиасхIаб Кебековасе рекIее гьечIо гьел «рохьилазул» байгIат ва гьелдалъун гьес «Вилаят Дагъистаналъул» амир хисана. «Рохьилазда» гъорлъ ккарал гьел ричIчIунгутIияз ва Сириялдаса тIадруссунезул къадар цIикIкIиялъ республикаялда ахIвал-хIал хIалуцинабазе бугилан, рикIкIунеб буго Ярлыкаповас.

Риидал «Исламияб пачалихъалъул» цевехъан Абу-Бакр аль Багдадица хасаб лъазаби гьабун букIана ва гьелда рекъон, бусурбабазул аслиял тушбабазда гъорлъ гьес Россия рехсана. Багдадил гьеб позиция баккана Сириялда рагъда ругел кавказалъулазе гIолоилан рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цIунелей Пахоменкоца. «Гьелдалъун Россиялъул низам цIунулез хасаб хал кколеб буго исламиял пачалихъазда рукIаразда хадуб», - ян абуна эксперталъ.

2013 соналда къануназда ккарал хиса-басиязда рекъон, чияр улкабазда Россиялъ официалияблъун рикIкIунеб хIукуматалде дандекъеркьеязда гIахьаллъарал россиялъулал ватIаналда тамихIалде цIазе ккола. ЦIех-рехалъул Дагъистаналда бугеб идараялдаса щварал баяназда рекъон, Сириялда рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел рукIарал дагъистаниязда хурхун рагьун буго такъсир гьабиялъул кIиго иш. ФСБялъул республикаялда бугеб идараялъги кIиго иш рагьун бугин лъазабуна гьезул пресс-хъулухъалъ. Регионалъул жанисел ишазул министерлъиялъул цIех-рехалъулаб бутIаялда Сириялда рукIаразул хакъалъулъ бакIарараб нусгоялдаса цIикIкIун папка бугин абуна МВДялъул вакилас. Гьел папкабазда такъсир гьабиялъул ишал чан ругелали гьес мухIкан гьабичIо.

Пахоменкол пикруялда рекъон, гьел папкабазда гъорлъ рукIине бегьула исламиял университетал лъугIизаруразул цIаралги. Ахирисел 20 соназда жаниб исламиял университетазде цIализе ана чанги дагъистаниял. «Мисалалъе, Дагъистаналъул бусурбабазул динияб идараялъ чанги чи витIана цIализе Сириялъул университетазде. Сириялда цIалана «Имарат Кавказалъул» цевехъан Кебековги. Кин ратIа гьаризе ругел гьанже «рохьилазул» кумекчагIи, радикалиял бербалагьиял ругел, суфиязул рахъкколел? Суфиязени хIинкъизе батIаго ккеларо. Амма салафияздехун гьужумал жеги цIикIкIине рес буго», - илан абуна Пахоменкоца.

Гьебгун цадахъ, исламияб моделалъул рахъкколелги цIикIкIунел руго Дагъистаналдаилан, рикIкIунеб буго Ярлыкаповас. «Социалиял институтал хIалтIунгутIи, ришватчилъи тIибитIи, диваналъул ва низам цIуниялъул системаялда ругел масъалаби, тухумчилъи - гьел гIунгутIабаз исламияб моделалде цIалел руго гIадамал», - илан загьир гьабуна пикру экспертас.

XS
SM
MD
LG