МагъчIваялъе рес

Рахьдал мацIазул къо кIодо гьабун


Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къоялъул гIурхъабалъ хIадурараб магIарул басма бихьизабиялъул тадбиралъул гIахьалчагIи, 23Фев2014
Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къоялъул гIурхъабалъ хIадурараб магIарул басма бихьизабиялъул тадбиралъул гIахьалчагIи, 23Фев2014

22-23 февралалда МахIачхъалаялда Авар театралъул минаялда исана кIиабилеб нухалда тIобитIана Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къоялъул гIурхъабалъ хIадурараб магIарул басма бихьизабиялъул II-билеб тадбир. Соналдаса соналде гьеб тадбиралде кIвар цIикIкIунеб ва мацI цIуниялъе гьабулеб хIалтIи гIемерлъулеб бугин абулеб буго гьелъул гIахьалчагIаз.

Рахьдал мацIазул къо кIодо гьабун тIобитIулеб байрамалда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул ва мухъазул газет журнала гуребги киналниги Дагъистаналда ругел аслиял басмаханаяз ва ГьоцIалъа, Унсоколоса, ИчичIалиса халкъияб махщалил махщелчагIазги. Санайил кIодо гьабулеб бугеб рахьдал мацIазул къо гIадаталде сверулеб бугин ва гьеб лъикIаб гIадат бугин рикIкIунеб буго гьеб тадбир бачунев, Гъуниб мухъалъул культураялъул бутIаялъул нухмалъулев МуртазгIали МухIамадовас.

МуртазгIали МухIамадов: « Исана, абизе бегьула, кIиабилеб нух бугин, гьадин, кIодо гьабун гьаб байраб тIобитIулеб. Щай гьаб байрам хIажалъулеб абуни,тIоцебесеб иргаялда гьеб хIажат буго нилъер лъималазда ва гьезул лъималазда рахьдал мацI кIочонеб букIиналъ. Рахьдал мацIалда хъварал харбаз, кIучIдуз гьеб мацI цIунула. МацIалъул гьуинлъиги тIагIамги лъаларо мацI лъачIев чиясда. КIиябилеб абунани, мацI лъалеб гьечIонани, кинал магIарулха нилъ кколел. МагIарулал ругин абун гурого мацI цIунизе, хасго шагьаралда кIвар кьолеб гьечIо улбуз».

Ахираб кIиго-лъабго сон бугила гIисиназдаса квер бан мацIалде рокьи бижизабизе кIвар кьуралдаса, гьединаб хIалтIул мисаллъун кколила ТубхIат Зургьаловалъ бахъараб «Алипба» тIехь.

МуртазгIали МухIамадов: « Дида лъан магIарул мацIалда гIурал тIахьал къватIире рачIунел руго. ТубхIат Зургьаловалъ биччараб «Дир гьайбатаб Алипба» абураб тIехьалъ гIисиназул мацIалде рокьи бижизабизе буго. Камулел гьечIо, умумуз абухъе «БагIараб кьо бахиндал рахьдал мацI хIажалъуларин» абулел чагIи, школазда рахьдал мацI гуреб ингилис, гIараб мацI малъейин абулеб, дир божилъи гьечIо дир лъималазул лъималазда лъаниги, гьезул лъималазда рахьдал мацI лъалин. Гьединал, рахьдал мацI хIажалъуларин абулеб гIадамал дида ричIчIуларо».

ГIицIго тIахьаздаса гуреб,медиа-сурсатазул ресаздасан пайда босизе кколин бицана МухIамадовас. Гьедин бахъизе ккелила фильмал ва мультфильмал. Рахьдал мацIазул къо кIодо гьабун гIуцIараб тадбиралда киназего рес щвана магIарул мацIалда бахъараб ГIабдурахIман Данияловасул хIакъалъулъ бугеб документалияб кино бихьизе. Гьединго тIаде рачIаразда рихьана «КIудияв ГIумахан» ва «ГIабасил МухIамад» абурал фильмал. Гьединал фильмал щибаб школалда, щибаб росулъ тIиритIизаризе ккелилан лъазабуна журналист ва хъвадарухъан Шамиль МухIидиновас.

ТIокIаб жо гьечIониги, шагьар бакьулъ дандчIвалел ругин магIарула батIи-батIиял мухъаздасан ва идарабаздасан рачIарал, амма хIалтIи гIемер гьабизе бугин жеги цебейилан рикIкIунеб буго «Гьудуллъи» журналалъул бетIерав редактор МухIамад ПатахIовас

МухIамад ПатахIов: « Исана лъабабилеб нухалъ гьабулеб буго гьаб магIарул маданият кIодоб гьабураб тадбир. ТIокIаб жо гьечIониги, гьаниб, шагьар бакьулъ, дандчIвазе рес щолеб буго магIарулазе. Амма гьалдалъун гьабулеб хIалтIи лъугIизе тезе бегьуларо. Мухъазда кин бугебали лъаларо, Дагъистаналда 400 школабаз инкар гьабун буго рахьдал мацI лъазабиялдаса».

Дагъистаналъул 1700 школазда гьоркьоса 400 - гьеб цIакъ кIудияб къадар бугин ва тIалъиялъги щибаб хъизамалдаги кIвар кьезе кколин мацI цIуниялъейин бицана МухIамад ПатахIовас

Рахьдал мацIазул къо кIодо гьабун тIобитIулеб тадбиралда гIадатлъун лъугьун буго авар мацI цIуниялъе жигарчилъи гьабураб гIадамазе батIи-батIиял номинациялда МагIарул миллиябгун маданияб автономиялъул рахъалдасан премияби ва сайгъатал кьезе. Исана номинантазда гъорлъ руго рахьдал мацIалъул мугIалим МухIамадова Сарат, Авар мацIалъул рагIирукъ, Авар кицаби ва абиял тIехь бахъарав, авар мацI цIуниялъе гIемераб хIалтIи гьабурав СагIид ГIалиханов ва цогидал мустахIикъал гIадамал.

XS
SM
MD
LG