МагъчIваялъе рес

Я гIадат гуреб, я динияб тIалаб гуреб...


Ф. Журавлёв. Ригьиналда цебе. 1874
Ф. Журавлёв. Ригьиналда цебе. 1874

БалугълъичIел ясал росасе кьеялъул хIужжаби гIемерлъулел ругин Дагъистаналдаилан рикIкIунеб буго экспертаз. Гьезул рагIабазда рекъон, цере Дагъистаналда гьединал ригьинал тIиритIун рукIинчIо, амма ахирисеб заманалда гьел ригьинал гIемерлъулел руго.

Гьал къоязда полициялде гIарзагун ячIана Гъизляралдаса Наталья Маликова. Гьелъул гIарзаялда рекъон, гьелъул вукIарав рос Къурбан Маликовас гьезул 14 сон барай яс росасе кьун йиго мадугьаласул 18 сон барав васасе. «Росгун ятIалъарай мехалдаса, яс цо-кIиго моцIалъ росгун йикIунаан, цо-кIиго моцIалъ дунгун йикIунаан», - илан хъван буго Маликовалъул гIарзаялда. Гьелда лъалеб гьечIо, кий гьелъул яс гьабсагIаталда йигей ва вукIарав росасасул мадугьалас щибниги бицунеб гьечIо гьелда. Гьелъул рагIабазда рекъон, ригьиназул суал тIубала бихьиназилан абун буго гьелда мадугьалас. Росасни гьей нахъе къотIун йиго, ясалъул жаваб цохIо жинца кьолиланги абун.

Жанисел ишазул ишазул Гъизляралда бугеб бутIаялда бицана Маликовалъул гIарза хIисабалда босанин ва гьенир рехсарал хIужжабазул хал-шал гьабулеб бугин. «Хал-шал гьабун хадуб такъсир гьабиялъул иш рагьиялъул суал тIубазе буго», - ян абуна полициялъул бутIаялъул дежурнияс. Гьесул рагIабазда рекъон, Маликовалъул рагIаби уяллъун ратани, гьелъул вукIарав росасда, гьесул мадугьаласда ва мадугьаласул васасда хурхун рагьина такъсир гьабиялъул иш.

Руччабазул ихтияразул хIакъалъулъ хъвалеб «Даптар» сайталда балугълъичIел ясал росасе кьеялъул чанги хIужжаялда тIаса батизе бегьула макъала. Мисалалъе, гьениб буго 16 сон бараб мехалда росасе кьурай ясалъул хабар. Гьей ясалъул рагIабазда рекъон, 46 сон барав чиясе росасе кьун йиго гьей динияв инсуца. Ахир-къад, гьеб ригьин биххун буго – яс нахъе ана росасдаса.

14 сон бан хадуй 18 сон барав васасе росасе кьурай ЦIумада мухъалдаса ясалъул рагIабазда рекъон, гьей ригьиналдаса рази йиго. Журналистазе гьелъ бицухъе, гьелъул гьабсагIаталда 26 сон буго ва гьей ккола ункъо лъимерадул эбеллъун. Анкьго класс лъугьун хадуб росасе кьурай гьелъ абулеб буго жиндир цо васги, лъабго ясги йигин, амма росгун жидеца хIукму къотIанин ясал росасе кьезе, гьез университет лъугьун хадуб.

МахIачхъалаялъул джума-мажгиталъул имам МухIамадрасул СагIадуевас абухъе, исламалда рекъон, балугълъараллъун рикIкIуна I5 сон барал васал ва ясал. Амма цохIо балугълъи гIоларо ригьин гьабизеян, абуна имамас. «Исламалда рекъон, халгьабизе ккола, лъалеб бугищали ясалда росасе араб мехалда щиб гьелъ гьабизе кколебали, кинал суалал тIуразе кколебали, кинал масъалабигун гьей дандчIвазе йигейали. РукIуна цо-цо балуглъичIел лъимал, амма гIумру гьезда лъикI лъала ва гьединго рукIуна 20-25 сон баралги ва гьезда гIумрудалъ кинал масъалаби дандчIвазе бегьулебали лъаларо. Исламалда рекъон, яс росасе кьелалде цебе, эбел-инсуца хал гьабизе ккола гьей хIадур йигищали. ХIадурлъини цохIо балугълъиялда бараб жо гуро», - ян бицана СагIадуевас.

БалугълъичIел ясал росасе кьей гIемерисез Дагъистаналда рикIкIунаан умумузул букIараб гIадатлъун. Амма тарихчи Марко ШагIбановасул рагIабазде рекъон, Дагъистаналъул батIи-батIиял росабалъ ясал росазе кьолел рукIана 18-20 сон бараб мехалда магIарухъ ва 16 сон бараб мехалда гIатIиракьалда. «МагIарухъ магIишат гьабизе ва бертае гIарац бакIаризе цIакъ захIматго букIана, гьелдалъун чIужу васасе ячуней йикIана 23-30 сон бараб мехалда. Росасе ясалги кьолел рукIана 18 сон баралдаса хадуб», - ян бичIчIизабуна тарихчияс.

Жиб-жиб миллаталда ва жиб-жиб росулъ жидерго гIадатал рукIараллъи лъалаан киназдаго, амма 18 сон ясалде базегIан гьей росасе кьеялъул хIужжаби къанагIат гурони рукIинчIин, бицана тарихчи Марьям МухIамадовалъ. Гьелъ абухъе, цо-цоял росабалъ букIана гIадат лъимал кинидахъ рукIаго цоцазе абизе, амма ригьин гьезие гьабулаан 18-20 сон бараб мехалда.

Психолог Патимат Камаловалъул рагIабазда рекъон, росасе балугълъичIел ясал гIемерисела кьолел руго диниял хъизаназда ва гIадатал жидеца цIунун ругин рикIкIунел хъизаназда. «Гьезда гьоркьоса гIемерисезда лъаларо диналъул кинаб бербалагьи бугеб гьеб сулалда тIаса ва гIадатаз щиб абулеб бугебали. ТIадежоялъе заман хиси хIисабалде босулеб гьечIо. Цо-цо росабалъ некIо заманалда васаз чIужу ячуней йикIана 15 сон бараб мехалда ва гьеб гIадат бичIчIизе захIмалъуларо: доб заманалда Кавказалъул рагъ унеб букIана ва гIемерисел бихьинал рагъда холаан, гьелдалъун тухум-кьибил тIубанго хвечIого букIиналъе гIоло чIужу ячуней икIана жакъа гьитIиналлъун рикIкIине бегьулел васазе. Амма гьеб гIадат тIагIана ахIвал-хIал хисараб мехалда», – илан абуна психолог Камаловалъ.

Психологалъул пикруялда рекъон, жакъа къоялда бугеб заманги хIисабалда босун, абизе бегьула 18 сонги дагь бугин яс росасе кьезе яги васасе чIужу ячине.

Патимат Камалова: «18 сон бараб мехалда байбихьула гIолохъанлъи абураб заман. Гьеб заман буго моралияб рахъ цIикIкIараб заман, гIолилазда гьеб заманалда абулаан максималисталин. Хехго рекIел асар загьир гьабулеллъун рукIуна гьеб заманалда гIолилал. Гьединаб мехалда гьарурал ригьинал гIемерисала рихула. МахIачхъалаялъул ЗАГСалъул официалияб статистикаялда рекъон, республикаялда 25 сон балелде рос-лъадилъун рахъаразул ригьин биххулезул къадар 40%-алде бахунеб буго. ГIолилал психологиялъул рахъалъан хIадур гьечIо хъизан гьабизе. Гьезул эбел-эмен хIадур рукIун ратила, амма заман батIияб букIана. Гьелдалъун, жакъа-къоялда 25-30 сон бараб мехалда гьабурал ригьинал щулиял рукIуна. ГIадамазул бичIчIи гьечIо, хъизан гьабизе хIадурун батIи-батIияб хIалалъ рукIунеллъи».

Ахиралда психологалъ тIаде жубана, балугълъичIел ясал росасе кьеялъул хIужжаби низам цIунулез хIисабалде росизе кколин ва гьединал ригьинал гьарун ругин лъан хадуб, гIиллаги чIезабун лъималазул эбел-эмен жавабалде цIазе кколин.

XS
SM
MD
LG