МагъчIваялъе рес

Дагъистаниязул бухьенал щула гьарулел гIурусал


Дагъистаналда Миллияб цолъиялъул къоялъ церехъин гьабураб гIурусазул коллектив, МахIачхъала, 15Сен2014
Дагъистаналда Миллияб цолъиялъул къоялъ церехъин гьабураб гIурусазул коллектив, МахIачхъала, 15Сен2014

Араб соналда Дагъистаналде тIадбуссун буго гьениса 1990 соназда нахъе гочун рукIарал гIурусазул 50-гIан хъизан ва гьел тIадруссинариялъе харж гьабун буго 112 млн. гъурущ. Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе Дагъистаналъул миллиял суалазул рахъалъ министр хисулев Ильясов Зикрулаца.

Дагъистаналдаса нахъе гочун рукIарал гIурусалищ тIадруссунел ругел яги батIиялищ республикаялде рачIунел ругел? Эркенлъи Радиоялъул гьеб ва цоги суалазе жавабал кьуна Ильясов Зикрулаца.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:47 0:00
Интернет-мухъ

ЭР: Дуца рехсараб Дагъистаналдаса унги рукIун тIадруссун рачIунел гIадамазе квербакъиялъул абулеб программаялъул гIурхъабалъ тIадруссун рачIунел гIурусазе кинал шартIал чIезарулел ругел? Рукъзалищ кьолел ругел, хIалтIийищ чIезабулеб бугеб яги рукъзал росизе гIарацищ кьолеб бугеб?

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:03 0:00
Интернет-мухъ

Дагъистаналъул миллиял суалазул рахъалъ министр хисулев Ильясов Зикрула
Дагъистаналъул миллиял суалазул рахъалъ министр хисулев Ильясов Зикрула

ЭР: Дагьаб цебегIан цо газетаялъе кьураб интервьюялда дуца абулеб буго гIурусал Дагъистаналда рукIин рухIияб рахъалъги лъикIаб букIанин, гьез Дагъистаналъул миллатазда гьоркьоб бухьен щулалъизабулеб букIанин. Гьелдасан бижулеб буго гьадинаб суал- гIурусал Дагъистаналде рачIинегIан республикаялда ругел миллатазул бухьенал чучалищ рукIарал?

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:50 0:00
Интернет-мухъ

ЭР: Киназго ва кибго бицунеб букIуна Шималияб Кавказалдаса гIурус миллаталъул гIадамал нахъе унел ругин. Гьездаго цадахъ ва гьезулго гIадинал гIиллабазда бан бакIалъул гIадамал нахъе унел рукIиналъул бицунаро лъицаго. Араб бакIалда Россиялдаги дол къваригIараб бакI гьечIо, инчIого республикаялда чIезе дозие шартIалги гьарулел рукIинчIо ва гьечIо.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:11 0:00
Интернет-мухъ

ЭР: Россиялда Кавказалдаса гIадамаздехун гIемерего лъикIаб бербалагьи гьечIониги Дагъистаналъ республикаялда ругел ва рачIунел гIурусаздехун бербалагьи лъикIлъизабулеб буго. Гьелъул цо магIнаги батила. ГIемер миллатазулаб республикаялда миллатазда гьоркьоб гьуинлъи гьечIого бегьуларо.

Амма Дагъистаналда рагIалде рахъинчIел ракьул суалалги рукIаго, хIалтIи гьечIезул къадарги гIодобе кколеб гьечIеб мехалда батIияб регионалда гIумру гьабулел чагIи гIарацги харж гьабун нахъе ахIиялъул гIилла щиб? АхIулелги республикаялдаса арал дагъистаниял гурел гIурусал руго. Нилъго кIочон чияр ургъел щай гьабулеб бугеб? Щай, масала, Дагъистаналда лъазабизе кколеб «ГIурус мацIалъул лъагIел» рахIдал мацIазул тIахьал гIолел гьечIин 20-40 соналъ «гIодилел» рахьдал мацIазул мугIалималги тун?

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:33 0:00
Интернет-мухъ

ЭР: Жакъаги экономикияб рахъ абизегIан лъикIлъун гьечIеб Дагъистаналдаса нахъе гочунезул къадар дагьлъулеб гьечIониги гьенире рачIунел гIурусазул къадар цIикIкIине бугин кколищ нужеда?

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:29 0:00
Интернет-мухъ

Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе Дагъистаналъул миллиял суалазул рахъалъ министр хисулев Ильясов Зикрулаца. Гьесулго рагIабазда рекъон, Украиналъул машрикъалъул рахъалдаса лъутарал ва Дагъистаналда чIей гьабун ругел гIурусазул цо-цояздаги ракIалда буго Гъизляр яги Тарумовка мухъазда чIезе ва гьезиеги республикаялъул нухмалъиялъ гьабизе буго кIвараб кумек.

XS
SM
MD
LG