МагъчIваялъе рес

ГIиса авараг гьавураб къо Дагъистаналда


ГIиса авараг гьавураб къоялъул байрам Россиялъул аслияб килисаялда. 6Янв2015
ГIиса авараг гьавураб къоялъул байрам Россиялъул аслияб килисаялда. 6Янв2015

Насранияб диналъул цогидал байрамалго гIадин, ГIиса авараг гьавураб къоги Дагъистаналда гIумру гьабулел насранияз кIодо гьабула аслияб куцалда килисабаздеги хьвадун. Цере килисабазде аслияб куцалда чIахIияб ригьалъул гIадамал хьвадулел рукIун ратани, гьанже гьенире хьвадулел руго 30 сонил ригьалдаса байбихьун гIадамал. Гьелги аслияб куцалда тIубарал хъизанал ккун рачIунел руго. Гьезда гьоркьор рихьулел руго хIатта бусурман диналъул чагIиги. ГIиса авараг гьавураб къоялдехун кинаб бербалагьи бугеб Дагъистаналда?

ЭР-лъ бухьен гьабидал, Буйнакскиялда гIумру гьабулей Алла Горохова йигоан битIун гьеб байрам кIодо гьабулел чагIазда гъорлъ.

Жий батIаго лъикIай гьечIин гьединал диниял байрамазе, жиндир эбел цадахъ гIумру гьабулей йикIиналъ кIодо гьарулин жинца гьелин бицана гьелъ ЭР-ялъе. Гьедин Буйнакскиялда бугила рагъулаб бутIаялда хъулухъ гьабулел солдатазе бараб килиса. Гьенире унила жал киналго какал разе.

Алла Горохова: «Рагъулаб бутIаялда бугеб килисаялде уна кидаго гьанир Буйнакскиялда гIумру гьабулел рукIарал, аниса гочинчIого хутIарал чIахIияб гIелалъул насраниялги шагьаралда хъулухъ гьабизе рачIарал солдаталги».

Алла Гороховалъ гьединго тIаде жубана жидеда насраниязул байрамал бусурман диналъул чагIазги баркулилан.

МахIачхъалаялда гIумру Натальяца ЭР-лъе бицана жий божулила жидерго диналда, амма килисаялде ине бокьуларила. Жий гьение эбелги ячун унила, гьей къватIие ячIинегIан рагьдухъ балагьунги чIолила. Щайин гьикъани, жиндие килисабазул кIвар букIунила архитектураялъул рахъалъ. Иконабазухъги балагьулила киндай гьей рахъун ругоян интерес букIиналъ. ПалхIасил, жибго МахIачхъалаялъул килисаялде хьвадулел чагIазухъ балагьун жинца абилила 1990 соназда жий кIодоэбелгун цадахъ гьение унеб заманалда килисаялда халкъ гIемераб букIунаанила. Гьел рукIунаанила херал чагIи. Амма гьанже гьенире хьвадулел ругила 30 сонил ригьалдаса байбихьун гIадамал. Гьелги аслияб куцалда тIубарал хъизанал ккун рачIунел ругила. Байрамаз гурелги, щибаб гьатIанкъоялъги хьвадизе лъугьун ругила гьел гьенире.

Гьеб килисаялде хьвадулел цогидал гIадамаз ЭР-ялъе бицана ахирал соназда жидеда гьенир бусурман диналъул чагIиги рихьулел ругила. Гьел рачIунила насранияб къагIидаялда какал разе, ялъуни чорокаб аураялдаса рукъ-бакI бацIцIад гьабизе кашишас тIаде хириял жал тIаде цIаларал хIедучирахъазда хадур.

Дагъистаналда гIемер руго бусурбабазе рачIарал насранияб миллаталъул руччаби. Гьезул цо-цояз росабазул дин босун буго. Цогидал, жидерго диналда рукIаниги, хьвадуларо килисаялде. Масала, насранияб диналъул Вера абурай гIаданалъул хIакъалъулъ гьадинаб хабар ккана ЭР-лъул долъул гIагарай Рисалат абулей гIаданалъулгун.

ЭР: «Гъой нужер Вера хьвадулищ килисаялде?»

Рисалат: «Унаро, гъарин! Гьелъ нилъер КIалбиччанкъо кIодо гьабула жидерго байрамаздасаги».

Ислам диналда ГIиса авараг гьавураб къоялдехун бугеб бербалагьиялъул гьадин бицунеб буго магIарул мацIалде Къуръаналъул тафсиразул таржама гьабурав Сасикьа МухIамадил ГIабдурахIимица.

МухIамадил ГIабдурахIим: «Гьедин чIезабураб жо бугоха гьеб, амма лъида лъалеб гьеб къоялъ гьавунищ ГIиса авараг, гьавичIевищали. Цоги къоялъ гьеб байрам кIодо гьабулеб букIун батизеги рес буго. Нужее лъазе бокьун батани, исламалда рикIкIуна ГIиса авараг вукIинги, гьесде Инжил рещтIинги. Гьеб кинабго Аллагьасул рахъалъ букIараблъиги рикIкIуна. Амма гьабсагIаталда гьез дин батIияб жоялде сверизабун бугоха. Гьединго ГIисадаса хадув МухIамад авараг вачIун вуго. Гьесда хадур рилълъаян киназдаго лъазабунги буго. Амма гьесда хадур рилълъинчIел, щал гьел ратаниги – ягьудиялин абуниги, насраниялин абуниги – гьел исламалъ рикIкIунаро. Гьединго абулеб буго гьезда байрамал баркугейин, гьезда цадахъги рукIун гьел кIодоги гьаругейин. Амма мадугьалихъ вугев чи – жугьутIав вукIаниги, насранияв вукIаниги – гьев хвани, зигараялъ ине бегьула. Гьев хабалъ лъезегицин ине бегьула, нагагь гьезул гьенив хвел букъизе лъалев чи ватичIони. Яги гьединго мадугьалихъ вугев батIияв диналъул чи унтун вугони, гьесде раккизеги ине бегьула, дару гьабизеги бегьула.

Ялъуни вакъарав чиясе квен кьезе бегьула. Гьеб буго дуца унтарасе, къварилъиялда вугесе дуца гьабулеб кумек. Амма дин батIиязда цадахъги рукIун гьезул байрамал кIодо гьарулел, гьелгун журарал чагIи гьездасан рукIунин абун бугоха аварагас. Гьединаб мехалда бусурбаби гьездаса рикIкIалъун рукIине ккола. Жалго тезе ккола гьел байрамал гьарулел. БатIаго гьезие зарал гьабейин, гьезулгун тушманлъи гьабейин хъвараб бакI гьечIо. Гьединго ккараб бакIалда гьезие кумек гьабизеги шаргIалъ гьукъуларо».

Дагъистанияз жалго рикIкIуна цогидал диназдехун сабру гьабун чIарал чагIилъун. Гьелъие мисаллъун рехсезе бегьула насранияб диналъул заманалдаса нахъего гуржияз 9-10 гIасруялда Шамил мухъалъул Датуна росулъ бараб килиса. ГьанжелъагIанги цIунун буго гьеб. ЭР-лъе гьелъул бицунеб буго ГIабдулмухIамадов ГIабдулгъапарица, гьев ккола Шамил мухъалъул администрациялда цебе рагьараб культураялъул бутIаялъул нухмалъулев.

ГIабдулмухIамадов ГIабдулгъапар: «Доб заманалдаса нахъе нилъее ирсалъе щвараб архитектураялъул памятник хIисабалда цIунун буго гьеб килиса. Россиялъул даражаялъул памятникги ккола гьеб. Бицен буго Шамил имамасул заманалда насраниязул килиса бугилан муридзабаз биххизабизехъин букIун бугила гьеб. Амма нилъер умумуз 9-10 гIасруялда бараб килиса бугин гьеб, нилъецаги хадусеб гIелалъухъе кьезе кколилан имамас биччан гьечIила. Гьенир аскIоса гIебеде гьанжеги ратулел руго гьенир гIумру гьабун рукIарал гIадамазул минабазул чIунтелалги, некIсиял хобалги. Щибаб санайил гьенире экскурсиялъ нижеца лъималги рачуна. Лагерь буго гьениб аскIоб, гьединго Россиялдаго гIадамалги рачIуна килисаялъухъ балагьизе».

Датунаялдаго гIадаб некIсияб (эрмениязул) килиса Дербенталдаги буго.

XS
SM
MD
LG