МагъчIваялъе рес

Къунеб бугеб махщалил ицц


ГьоцIдерил тIагIалабазул комбинаталда гьарурал маххал
ГьоцIдерил тIагIалабазул комбинаталда гьарурал маххал

ГьоцIдерил тIагIалабазул комбинат Советияб заманаялда Дагъистаналда ва улка тун къватIибехун лъалаан гьенир гьарурал тIагIалабаздасан. Гьенир гьарурал тIагIалаби цIунун руго Эрмитажалда, Магърибалъул махщелчилъиялъул ва гIемерал цогидал музеязда. Араб гIасруялъул 90 соназ, захIматаб ахIвал-хIал букIиналда хурхун чIезе тараб комбинаталъул хIалтIи жакъаги чIун ва тIубан лъугIун унеб буго.

Гьале 10 соналдаса цIикIкIун заман буго кIудияб кIитIалаяб мина бугеб рагьдал каву кIулал ран, рахан бугелдаса. Гьеб заманалда жаниб гьенир ругел гордал гъурун, рагьо чIунтун, жибго минаги чIунтун буго. Гьеб буго ГьоцIалъ росулъ бугеб художествиял тIагIалаби гьарулел ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб комбинаталъул жакъасеб сурат.

1957 Соналъ ГьоцIалъ рагьараб Халкъиияб махщалил артелалъул тIоцевесев нухмалъулев вукIана Жамалудинов МухIамад, цIар рагIарав махщелчи. ГIасрабалъанго рукIанила ГьоцIалъ гIарцул тIагIалаби ва ярагъ гьабулел устарзаби. Советияб заманаялъ гьел тIагIалаби гьари промышленыяб къадаралде бахинабунила артеллалъин баян гьабулеб буго комбинаталда гIемер саназ хIалтIарай Юсупова ПатIиматица. ТIубараб росуго тIегьан, цебетIезабун букIанила комбинаталъ. Амма хIукумат биххигун захIаматаб заман бачIанила гьенибеги. Гьедин, 90 соназ хIалтIи сурсатал ва гIарац гьечIолъиялда бан цекьизе танила. Цинги дагь-дагьккун тIубан рехун танила.

ГьоцIдерил тIагIалабазул комбинаталда гьарурал курхьенал
ГьоцIдерил тIагIалабазул комбинаталда гьарурал курхьенал

Комбинат хIалтIулеб мехалъ школалдаги малъулел рукIанила захIматхIалтIул дарсда махщелчилъиялъул аслуял, гьенисанго бокьарав чи комбинаталде хIалтIизеги унаанила. Росулъ гIадамалги хIалтIудалъун хьун рукIанила баян гьабулеб буго ХIусейнова ГIайшатица.

ХIусейнова ГIайшат: «ЦIакъго цебегIан заманаялъ рокъорго гьарулел рукIун руго тIагIалабиги ярагъги. КIудиял чагIаз бицуна гьедин. 1957 соналъ Жамалудинов МухIамадица рагьун буго хадуб комбинат лъугьинабураб артель. ГIемерал хIалтIухъаби рукIана гьенир, 400 гIанасев чи вукIана гьенив хIалтIулев. Гьенир гьарурал тIагIелал киса-кирего унаан. Гьаб хIукумат биххигун гьеб дагь-дагьккун чIунтана, махщел кIочон тезехъин буго. Килщазда рикIкIине гIадамал хутIун руго рокъор хIалтIулел».

ХIакъикъаталдаги, комбинат биххаралдаса, гьенир рукIарал махщелчагIи рокъор хIалтIизе байбихьана. Амма цо тIагIел гьабизе тIубан хIалтIи киназдаго гурила лъалеб. Гьелъие гIиллаги бугила комбинаталда 9 батIияб цех букIин. ГьабсагIат ГьоцIалъ жидер рокъор лълъурдул, хунжрул, курхьаби, баргъичал ва цогидал тIагIелаби гьарулел устарзаби руго. Амма гьабулеб хIалтIул къадар цебе букIаралда данде ккун дагь буго. Гьелъие гIилла кколила цо рахъалъ унеб бугеб глобализация, цогидаб рахъалъ гIицIго гьоцIдерие хасаб, гьезул накъищ цогидаз хIалтIизаби ва хIалтIул хаслъи тIагIин.

Школалда букIараб махщалил аслуял малъулеб, ва киналгIаги алатал ва техникиял процессал гьарулел станокал гьенир гьечIо. Лъималазда махщечилъи малъизе рес гьечIила.

2013 соналъ, халкъиял махщалабазул выставкаялда гьоцIдерил хунжрул, тепсиял ва цогидал тIагIелал лъурал бакIалда Рамазан ГIабдулатIиповас буюрухъ кьуна Культураялъул министр Бутаева Заремае Кубачи, ГьоцIалъ ва Унсоколо росабазе школазда махщелчилъиялъул аслуял малъизе хIажатаб босизе 600 азарго гъурущ биччазе. Амма гIарац биччаялъул хIасил лъалеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG