МагъчIваялъе рес

БукIине бугищ Шималияб Кавказалда рагъ?


Дагъистаналъул амирин жинда абулев Абу-МухIамадицаги Шамилхъалаялъул секторалъул амирин жинда абулев Агъач-аулалдаса Абу-МухIамадицаги «Исламияб пачалихъилан» абулеб радикалияб исламияб къукъаялъе ритIухълъиялъул гьа бан буго гьал къоязда.

YouTube сайталда лъун бугеб видеороликалда гьез абулеб буго жидеца рахъ кколеб бугин «Исламияб пачалихъалъул» цевехъанасул ва жал ралагьун чIун рукIанин Кавказ имараталъул цевехъанас байгIат кидадай гьабилебян. Гьез абулеб буго, жидеда бичIчIулеб гьечIин щай гьес жеги гьа бачIеб. Гьединго гьезул рагIабазда рекъон, гьел хIадур руго «Исламияб пачалихъалъул» цевехъан Абу-Бакр аль-Багдадил буюурахъал тIуразе.

Гьанибго тIаде жубала, ноябралда гьединабго гьа бана Хасавюрталдаса рохьилазул къукъаялъул цевехъан Сулейман ЗайлангIабидовас. Экспертаз абулеб буго, гIагараб заманалда Шималияб Кавказалдаса изну гьечIого яргъидгIуцIарал цогидал кукъабазги гьа базе бугин.

Шималияб Кавказалда рагъулаб кIудияб конфликт байбихьизе бегьула цо-кIиго соналдасаилан, лъазабулеб буго экспертаз. Гьезул пикрабазда рекъон, гьеб конфликталда аслияб гIахьаллъи гьабизе буго Сириялда ва ГIиракъалда чIвай-хъвеязда рукIарал кавказалъулазги «Исламияб пачалихъ» абураб терроралъулаб багъа-бачариялде гъорлъе унезги.

Россиялъул низам цIунулез чанги нухалда лъазабун букIана Сириялда унеб рагъда Шималияб Кавказалдаса чагIи гIахьаллъулел ругин. Амма жив-жив хIакимас, рагъулезул бицунеб мехалда, чIван къотIун абичIо гьезул къадар кинаб бугебали. ХIинкъигьечIолъиялъул федералияб хасаб хъулухъалъул нухмалъулев Александр Бортниковас, мисалалъе, абун букIана Сириялда официалияб хIукуматалде данде къеркьолев вугин кIинусго россиялъулав ва гьезда гьоркьор гIемерисала кавказалъулал ругин.

Россиялъул президент Владимир Путиница батIи-батIиял бакIазда кIалъалаго абуна «Исламияб пачалихъалъул» рахъ ккун Сириялда рагъизе росиялдаса 600 чи анилан. Статистикадул цIех-рехал гьарулеб Statista.com сайталъул информациялда рекъон, Сириялда рагъулаб конфликталда гIахьаллъулел руго Россиялдаса 800 чи ва гьезда гьоркьоса гIемерисел - гьебги 95% - кавказалъулал руго. Россиялдаса экспертазулни батIиял тарихал руго. Мисалалъе, политолог Алексей Малашенкол къиматалда рекъон, Сириялда жакъа къоялда рагъулел руго Россиялдаса 2 азарго чи, гIемерисел кавказалъулал.

«Исана Шималияб Кавказалда тунка-гIусиязул къадар дагьаб букIана, щайгурелъул изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унел ва гьезул рахъ кколел жигьадалъеилан Сириялде ана», - илан абуна Малашенкоца. ТIадежоялъе Олимпиадаялде хIадурлъулел рукIана низам цIуниялъул киналго ресурсалги хIалтIизарун.

РакIалде щвезабила, декабралъул байбихьуда Бортниковас абуна, араб соналда дандеккун исана терроралъул лъалкI бугел такъсирал дагьлъанин. Мисалалъе, гъоркьисала гьединаб 218 такъсир букIун батани, исана 78 гурони букIун гьечIо.

ГIагараб Машрикъалдаса радикалиял бусурбаби Россиялде тIадруссин федералияб централда бихьулеб буго хIинкъи бугеб жолъун. Гьелдалъун Россиялда Уголовияб Кодексалда хиса-басиял гьаруна. Гьелда рекъон, чияр улкабазда ругел изну гьечIого яргъидгIуцIарал къукъабазде гъорлъ арал россиялъулаз жаваб кьезе буго къануналда цебе.

Гьедин тамихI гьарурал чагIиги рукIана. Мисалалъе, Сириялда рагъда гIахьаллъарав лъабгоясе диван гьабуна Дагъистаналда, кIигоясда хурхун рагьун буго такъсир гьабиялъул иш. Экспертаз рикIкIунеб буго, Сириялде арал гIемерисел тIадруссине гьечIилан. Малашенкоца абуралда рекъон, Шималияб Кавказалдаса Сириялде арал гIемерисел идеологиялде гъорлъ ккараллъун ккола ва гьезда ракIалда буго жигьад тIоцебе гьабизе кколин гьеб улкаялда.

ХIалуцине бугищ ахIвал-хIал Шималияб Кавказалда? Малашенкоца «Эркенлъиялъе» абуна кинабго бан бугин «Исламияб пачалихъ гIуцIиялда».

Алексей Малашенко, Москва, 08Дек2010
Алексей Малашенко, Москва, 08Дек2010

Алексей Малашенко: «Гьеб суал гьедигIан бигьаяб гьечIо. ТIоцебе абуни, балагьила, кинаб цебетIей букIинеб «Исламияб пачалихъалъул». ГьабсагIаталда гьеб гIуцIиялъ хIалбихьулеб буго халкъазда гьоркьосеб аренаялда бахине. КIвезе бугищали гьелда гьеб - лъаларо. Гьеб гIуцIиялъул вахIшиял ишазул дуниялалда лъачIого хутIулеб гьечIо, гьездехун бербалагьи лъикIаб гьечIо исламиял улкабаздаги. Шималияб Кавказалдаги гьезул рахъкколел цIакъ дагь руго. Сириялде арал кавказалъулазда гьоркьоса цо-цоял гьениго чIела. Гьезда жидерго гочи гьижралъун ккола. Амма тIадруссараз Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал жеги хIалуцинабизе буго. Гьеб ахIвал-хIал цохIо оперативиял суалазда барабги гуро.

Экономикаялъул кризисги хIисабалде босизе ккола. Нилъеда бихьулеб буго Россиялъул экономикагун кколебщинаб. Исана Шималияб Кавказалда кIудиял терактал рукIинчIо Грозныялда гурони. Гьеб теракталда «Исламияб пачалихъалъул» лъалкI букIунги батила, гьеб мухIканго лъаларо. Балагьила, Шималияб Кавказалда бугеб хIал хисиладай, тIоцебе щиб Дагъистаналда хисизе бугеб. Хадуб гьабила хIисаб».

Гьанибго тIаде жубала, «Исламияб пачалихъалъ» сентябралдаго Россиялъул президент Владимир Путинида лъазабуна Сириялъул хIукуматалъе кумек гьаби течIони жидеца Шималияб Кавказалда рагъ байбихьизе бугин.

Исламиял цIех-рехалъул Шималияб Кавказалъул Централъул директор Руслан Гереевас «Эркенлъиялъе» абуна «Исламияб пачалихъалъул» лъазабиял гьадингосел жаллъун рикIкIине бегьуларин. «Шималияб Кавказалда рагъулал провокациял гьезда гьаризе кIвезе гьечIилан абураб жоялда божи дагьаб буго. Сириялда гIемерал кавказалъулал рагъулел руго оппозициялъул рахъалда. Гьелги гьанир ругел изну гьечIого яргъидгуцIаралги кумекалъе ахIун «Исламияб пачалихъалъ» гьаризе бегьула терроралъулал такъсирал. Россиялъул хасал хъулухъазул хIалтIуда бараб буго гьанже гIемерисеб», - илан загьир гьабуна жиндирго пикру Гереевас.

Дагъистаналдаса рохьилаз «Исламалъул пачалахъалъе» байгIатал гьарулел руго, амма имарат Кавказалъ «Аль-Каидалъул» рахъ кколеб буго. Гьелдалъул имараталъул цевехъан ГIалиасхIаб Кебековас гьа бачIj Абу-Бакр Аль Багдадие. Жибго «Исламалъул пачалихъ» «Аль-Каидалъул» кумекалдалъун баккараб гIуцIи буго. Амма «Аль-Каидаца» гьаб соналъул байбихьуда лъазабуна «Исламияб пачалихъгун» бухьенал жидеца хвезарулел ругин. Гьелдалъун Шималияб Кавказалда букIине бегьулеб конфликт хIалуцинабизе бегьула цоцада дандечIерал гьел гIуцIиязул рахъкколел регионалда рукIиналъги.

XS
SM
MD
LG