МагъчIваялъе рес

Адвокат МухIамадова Казбек мухъалъул полициялде данде


МухIамадова Сапият, 3Мар2014.
МухIамадова Сапият, 3Мар2014.

Дагъистаналдаса адвокат МухIамадова Сапиятица рикIкIунеб буго гьелъ жидер къадру-къимат хвезабулел лъазабиял гьарун ругин абун Казбек мухъалъул полициялъул хIалтIухъабаз кьураб гIарза диванчияс къабул гьаби къануналде данде кколарин. Гьелда хурхун диванчиясда тIасан гIарза хъван буго гьелъ Дагъистаналъул диванчагIазул ТIадегIанаб квалификациялъул коллегиялде. Гьединго МухIамадовалъ лъазабулеб буго щиб гьабунги жинда гIайиб гIутIизабизе хIал бихьулеб бугин низам цIунулез, гьелъие гIоло гьез къанунги хвезабулеб бугин.

25 ноябралда Хасавюрталъул федералияб диванхааялда тIобитIизе кколаан Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ адвокат Сапият МухIамадовалда тIасан хъвараб гIарзалъул иргадулаб халгьаби.

Гьеб гIарз хъваялъе гIиллалъун ккун буго 2013 соналъул октябралда «Кавказский Узел» сайталдасан МухIамадовалъ Казбек мухъалъул полициялъул бутIаялда, гьелъ цIунун вугев Салатгереев Шамилие гIазаб кьун бугин лъазаби. Гьелдаса разигьечIолъиги загьир гьабун, МухIамадовалъ жидер хIалтIухъабазул къадру-къимат гIодобегIан гьабулел баянал тIиритIизарулел ругин абун, «Кавказский Узел» ва адвокат диваналде кьун йиго, исана ноябрь моцIалда, Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ.

Талат къоялъ тIобитIизе кколеб букIараб гьеб ишалъул иргадулаб халгьаби 10 декабралдалъагIан нахъе бахъизе ккун буго, диваналде «Кавказский Узелалъул» вакил вачIине бажаричIого. МухIамадова Сапиятияца «Эркенлъи» радиоялъе бицана жиндиде гIайиб гIунтIизабизе хIалбихьигицин къанунги хвезабун гьабулеб бугилан. Гьединлъидал жиндица гьеб гIарза босарав диванчиясдаса бахъараб Саталгереевазул хъизаналде тIадецуй гьабулел ругел цIех-рехалъул хIалтIухъабазде гIунтIун киналго тIамихIалде цIаялъе хIалтIи гьабизе бугилан. Гьеб ишалда хурхун чанго гIарза хъванги буго гьелъ Дагъистаналъул диванчагIазул ТIадегIанаб квалификациялъул коллегиялдеги, прокуратураялдеги.

МухIамадова Сапият: «ДиванчагIаз къануналъул тIалабалги хвезарун босун буго гIарза. Къануналда рекъон гIарза ва гьелда цадахъ кьолел документал диваналъулъ гIахьаллъулелщинал чагIазул къадаралда рекъон кьезе ккола, гьезул щивасухъе щвезе ккола гьел. Гьаб диваналдайин абуни цохIо гьенибе бачIараб гIарза гурони тIокIаб щибниги гьечIо, дихъе ва «Кавказский узелалъул» вакиласухъе щибниги кьечIо. Къануналда рекъон гьединаб гIарза къабул гьабизе бегьуларо диваналъ. Гьелда тIадеги, диваналъ гьеб цебехун рехсараб гIарза къабулгьаби ккола дир, ай адвокатасул хIалтIуда гьоркьоре лъугьин ва квалквал гьаби, гьеб къануналъ гьукъараб жо буго».

Гьединго Сапиятияца лъазабулеб буго жиница цIунун вукIарав Салатгереев Шамилие Казбек мухъалъул полициялъул бутIаялда низамцIунулез гIазаб кьунин, гьеб хIехьезе кIвечIого Шамиль живго жиндицаго чIвазе хIал бихьанин ва гьесухъ букIараб 40 азарго гъурущги бахъун бугин низамцIунулезилан абун хъвараб гIарза тIагIинабун бугилан Хасавюрталъул цIех-рехалъул идараялъ. Гьез ургъунго гьоркьоб инабунила гьеб, щиб гьабунги гьеб иш къинабизе хIалбихьулеб бугилан гьезилан абулеб буго адвокаталъ. Гьеб къанун хвезабиялда хурхун жиндица хъвараб гIарзаялда рекъон прокурорас тIалаб гьабун букIанила цIех-рехчагIазда гьеб гъалатI битIизабеян абун, амма жеги гьелъулги халгицин гьабун гьечIила. Гьедин адвокаталъул рагIабазда рекъон тIолабго гьеб иш къанун хвезабиялдасан гIуцIун буго.

Гьединго Сапиятица бицана жий нахъекъаларейлъи бичIчIараб мехалда Казбек мухъалъул полициялъ байбихьун бугила Салатгеревасул гIагарлъиялде тIадецуй гьабизе.

МухIамадова Сапият: «Казбек мухъалъул полициялъул хIалтIухъабаз Салатгеревасул вац рохьовеги вачун, гьесул хIатIакь автоматги речIчIун хIинкъизавун вуго. Гьесда лъазабун буго нужеца Шамилие гIазаб кьолеб букIанин, гьев живго жинцаго чIваялде ккезавуни жидецайин абун хъвараб гIарза нахъе босичIони жидеца духъе ярагъги реххун, изнугьечIого гьеб цIуниялъул гIайибги гIунтIизабун мун туснахъ гьавилилан. Вацас гьеб мехалда лъазабун буго жинца Шамилица гьабулеб жоялъул жаваб кьун бажаруларила, гIарзаялъул ишги гьес жинцаго тIубазе кколилан. Гьеб мехалда низамцIунулез гьев вац гьекъезеги гьекъон автомобиль бачунев вукIанинги абун багьанаги батун административияб тамихIалде цIан вуго, кватIичIого такъсиргьабиялъулъ тамихIги гьабулин дуейилан хIинкъизавунги вуго. Гьединго дицаги киналго гIарзалги нахъе росейин, гьеб ишги жибго тейин тIалаб гьабун буго гьез. Дун нахъе къазе гьечIо, дица тIалаб гьабизе буго гьел полициялъулазе букIине кколеб тамихI гьабеян».

МухIамадова Сапиятица «Эркенлъи» радиоялъе баян кьолаго гьединго бицана Салатгерев Шамиль полициялъул бутIаялда вухиялда ва гьесие гIакъуба кьеялда хурхун, такъсиргьабиялъул иш рагьизе инкар гьабулеб бугила Хасавюрталъул цIех-рехалъул идараялъ. Амма гьеб инкар гьабиялъул хIукму жиндихъе щвезе толеб гьечIила, ургъунго жиндица гьелда тIасан гIарз хъвачIого букIине гьабулеб жо бугила гьеб цIех-рехчагIазилан. Гьедин низамцIунулез ва цIех-рехчагIаз къанун хвезабиялъул киналго хIужжабиги рехсон гIарзал хъван ругила жиндица прокуратураялде , амма жеги гьеб киналъулго хIасил ккечIин абуна адвокат МухIамадова Сапиятица

XS
SM
MD
LG