МагъчIваялъе рес

Ракъун чIеялъ бетIер бекиялде рачана


Дагъистан, Караман, 2014
Дагъистан, Караман, 2014

Дагъистаналда зама-заманалдасан конфликтазде сверулел руго ракьул суалал. Гьедин Караманалъул ракьазе гIоло гьал къоязда ракъун чIун ругел гIадамазул цоясул бетIер бекун буго гара-чIвариялде ахIараб бакIалда. Амма жалго гьел ракъун чIей лъазабурал гIадамал провокатораллъун рикIкIунел руго республикаялъул нухмалъулес.

24 ноябралда МахIачхъалаялъул администрациялдаса ЭР-лъухъе щварал баяназда рекъон, хъулухъалдаса нахъе уневвуго тахшагьаралъул мэр хисулезул цоявТIагьир ГIабдурахIманов.

Гьелъие гIиллалъун ккун буго гьал къоязда гьев хIалтIулеб рокъоб лъарагI миллаталъул чагIи цоцалъ рагъун, Таргъу росдалжамагIаталъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадаминил бетIер беки.

Божизе бегьулел бакIалъа щварал баяназда рекъон, мэр хисулес лъарагI миллаталъул чагIи ахIун рукIун руго ракъун чIеялдаса инкар гьабеян абураб суал гьоркьоб лъезе. Гьеб мехалда рагIи дандеккунгутIиги лъугьун, бихьинал цоцада кьабизе лъугьун руго. Гьедин цояс кьабараб жоялъ бекун буго дов цевехун рехсарав МухIамадовасул бетIерги. Гьеб бекарав чиги гьбасагIаталда кIудияб хъулухъалда вугев лъарагI миллаталъул чиясул вас кколин бицана ЭР-ялъе. Амма прессаялдасан бицунеб буго дов тахбакIида вугев чиясул хъаравулзаби рукIун ругин гьел.

ПалхIасил, гьев бетIер бекарав МухIамадов МухIамадаминицаги гьесул рахъккуразги рикIкIунеб буго МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Караман абулеб бакIалъул ракьал рикьа-къотIулел ругин республикаялъул хIукуматалъ. Гьедин жал гьелда рази гьечIилан лъазабураб ракъун чIей букIана гьезул гьеб.

ЭР-ялъги цебехун бицун букIана гьезул хIакъалъулъ. Таргъу, Кяхулай, Албурикент росабазул ракьал кколин гьел, советияб заманалда гьениса халкъ Чачаналде гочинабун, гьел ракьал цогидазе рикьун ругин хIукуматалъин абула лъарагIаз. Жидее къваригIун бугила гьел тIадруссинаризе. ГIавухъезул мухъилан Чачаназ дагIба балеб Новолак мухъалдаса тумал гочиарунн рачIинел ругин гьениреян рахIатхун буго гьезул. Амма руго хIужаби, ралъдал рагIалда ругел Караманалъул ракьал кIуди-кIудиял гIарцахъ жалго лъарагIаз ричаралги.

Караманалъул ракьазе гIоло ракъун чIаразул рахъалъ пикру загьир гьабуна гьал къоязда МахIачхъалаялда букIараб бизнесчагIазул форумалда республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Ракъун чIейги лъазабун нусго кило цIайиялда бугел, сахал бихьиназ дунялалдаго суризарулел руго жалго. Жанисан тIуранго рацIцIалъизе клизмаги гьабизе ккола гьезие. Бекьулеб ракьул I40 азарго гектар буго Дагъистаналда гIуруги къан, рехун тун. Рахъаха гьеб бекьизе! Дун вижилалдего раккарал суалалги рорхун диде буго гьелъул гIайиб рехулеб! Нижеца, хIукуматалъул чагIазулгун дандги бан батун буго гьел ракьазул суал тIубазе сабаб. Гьалин абуни ракъун чIеялги забастовкабиги гьарулел. Гьедин лъугьани, нижеца гьединал суалал тIурай жеги лъагIалица нахърахъизе руго. Бицен гьабулеб суал тIубаялъе сабаб батун букIинги лъан рахъун руго гьел провокаторалги гьабизе жо тIагIарал чагIиги къватIире. Гьезул цо-цоязда тIасан низам цIунулез цIех-рехгицин гьабун букIун буго гьез цо-цо ишазе хIилла гьабиялда бан. Гьанже хIукуматалъ жидер суал тIубалеб букIинги рагIун, гьезие къваригIун буго жал сабаблъун тIубанин гьебилан халкъалда цебе цIар щвезе».

ЛъарагI миллаталъул вакил, гьединго жамгIияв хIаракатчи Абсалудин Мурзаевас ЭР-ялъе бицана хIукуматалъул вакилзабазда жидедагоги лъалеб гьечIин жеги гьеб суал кин тIубазе кколебали.

Абсалудин Мурзаев: «ТIадежоялъе гьеб суал борхизе байбихьарабго гьел чагIи жанир тIамунги рукIана. Гьанжени рукъалъул туснахъалда чIезарун ругилан рагIана. Дир хIисабалда, низам цIунулезги хIукуматалъул чагIазги мекъи гьабулеб буго».

Абсалудин Мурзаевасул пикруялда рекъон, провокациял гIадатиял гIадамаз гьарулел гьечIо, гьарулел ратаниги гьел хIукумуталъул рахъалдасан гьарулел руго.

Караманалъул суал гьал къоязда Дагъистаналъул хIукуматалдаги борхана. Гьениб бицухъе, гьел ракьазухъ хисун, лъарагIазе 600 гектар кьолеб буго МахIачхъалаялдагун Хъумторхъала мухъалда гьоркьоб. Амма гьеб кколин федералияб кIваралъул ракь, гьединлъидал гьенир жидеца минаби разе бегьуларин лъазабулеб буго гIадамаз.

XS
SM
MD
LG