МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул лъайкьеялъул министрасда тIад гIакIа къотIун буго


Гьал къоязда Дагъистаналъул прокуратураялъ пачалихъалъе къайи босиялъул иш къануналде данде кколареб хIалалъ тIобитIиялда бан республикаялъул лъайкьеялъул министр тамихIалде цIан вуго. Россиялъул цойгидал регионазда гьоркьоб, гьединаб къайи босиялъул къагIидаби хвезариялъул рахъалъ Дагъистаналъ кколеб буго лъабабилеб бакI.

Дагъистаналъул прокуратураялъ республикаялъул лъайкьеялъул министр Шагьов ШагьгIабасида тIад гIакIа къотIун буго. Цебе жеги гьединаб тIадегIанаб хъулухъалда вугев хIакимчи пачалихъалъе къваригIараб къайи-цIа босиялъул иш къануналда рекъон гьабичIогойин абун тамихIалде цIцIан вукIинчIо Дагъистаналда. Прокуратураялъ гьабураб цIех-рехалдаса хадуб тIатун буго, Шагьовас лъайкьеялъул министрлъиялъе хIажатаб къайи босиялъулъ гIахьаллъи гьабизе бокьаразда, гIарзаби кагътида хъван кьейилан лъазабун букIин. Гьеб хIукмуялдаса хадуб электроннияб къагIидаялъ гIарзал кьезе бокьарал ва гьеб къайи босиялъулъ гIахьаллъизе бокьаразе рес щун гьечIо гьелда гъорлъе лъугьине. Гьелда тIадеги гьеб къайи-цIа босиялъул ишалъулъ жавабияв чилъун вихьизавун вуго федералияб цIех-рехалда вугев чи. Прокуратураялъ Шагьовасда къотIараб гIакIаялъул хIакъалъулъ баянал кьолел гьечIо, «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал мухIканал гурел баяназда рекъон гьеб дагьалдасан 300 азарго гъурщиде бахун буго.

Гьеб лъугьа-бахъиналда тIасан живго Шагьабас Шагьовасул кинаб пикру бугеб, разияв вугищ гьев прокуратураялъул хIукмуялдайила цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна министрасул пресс-секретарь ХIамидов Керимгун. Амма Керимица лъазабуна гьеб ишалда хурхун жидеца гьаб сагIат кинабгIаги баян кьезе гьечIила, гIагарал къоязда министрас гьелда хурхун пресс-конференция ахIизе бугилан.

Цебе-цебеги Дагъистаналда чанги ахIи бахъун букIана пачалихъалъе хIажатаб къайи боси къануналде данде кколареб хIалалъ тIобитIулеб бугин абун. Гьедин чанго соналъ цебе Дагъистаналъул магъалаби ракIарулеб идараялъ 6 миллионги хадубги багьа бугеб автомобиль босиялъул иш букIине кколедухъ гIуцIичIолъиялъ нахъчIвана, гьеб пачалихъалъе хIажатаб къайи босиялъул комитеталъ. Гьебго идараялъ мекъи гIуцIун бугилан рикIкIана Дагъистаналъул юстициялъул министерлъиялъ автомобиль босиялъе битIараб гIарзаги. Гьединго лъагIелгун бащадалъ халат бахъана Дагъистаналъул монополиялде дандечIараб идараялдаги республикаялъул рищиязул комиссиялдаги гьоркьоб букIараб диван. Гьелъие гIиллалъун ккана рищиязул комиссиялъ жидерго хIажалъабазе хIалтIизабизе Toyota Land Cruiser Prado автомобиль босизе кьураб гIарза мекъи гIуцIун букIин. Амма диваналъ ахиралдаги монополиялде дандечIараб идара мекъи бугилан чIезабуна.

Дагъистаналда гьеб къайи-цIа босиялъул къагIидаби хвезариялда бан гурониги, жибго гьениб босизе хIажат бугин бихьизабураб къайиялъги, гьелъул багьабазги гIемераб багъа-бачари лъугьинабун букIана. Бищунго кутакаб ахIи-хIур бахъинабун букIанин абизе бегьула цо чанго соналъ цебе Дагъистаналъул финансазул министерлъиялъ 8 миллионги 700 азарго гъурщиде бугеб автомобиль босизе къваригIун бугиан абун гIарза кьураб мехалда. Гьеб ахIиялдаса хадуб финансазул министрелъиялъ гьеб гIарза нахъе босана. Гьединго интернеталда ва прессаялъ гIемер бицана ва тIадкIалъаял гьаруна ЧIарада мухъалъул ЦIуриб росулъ 700 азарго гъурщиде бугеб жамгIияб хIажатхана базе бугилан абун кьураб гIарзалда тIасанги. Гьединго гIемер рехсана Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъ I6 миллионгIан гъурщиде ккарал гIарцул, рукьалда ралел сагIтал росизе кьураб гIарзаги. Гьебго сияхIалда гьоркьоб рехсезе ккола республикаялъул бетIерасул администрациялъ жидеего хIажатаб 800 азарго гъурщиде бугеб къайи босизе кьураб гIарзаги. Гьелда гьоркьоре унел руго телевизорал, миксер, кофемашина, Аррle фирмаялъул хириял телефонал. Социалиял сайтазда гIадамаз разигьечIолъи загьир гьабулеб букIана дотациязулаб бюджет бугеб республикаялъ гьебгощинаб гIарац хвезабизе кколарила хIакимзабазе миксералги телефоналги росиялтIайилан.

Пачалихъалъе хIажатаб къайи босиялда хурхун гIемерал гIунгутIаби риччалел рукIиналъ ва гьелдаса гIадамазул разигьечIолъи букIун, гьел тадбиразулъ коррупция дагьлъиялъе гIоло Дагъистаналда гьеб къайи босиялъул иш цIияб къагIидаялъ тIобитIулеб бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе пачалихъалъе къваригIараб къайи босиялъул Дагъистаналда бугеб комитеталъул хIалтIухъан ХIажиев Эльдарица. Гьесул рагIабазда рекъон гьанже кинабго гьединаб бича-хиси къотIи-къаялги гьарун гурони тIоритIизе гьечIо.

Эльдар ХIажиев: «Къайи босиялъул къагIидаби захIмалъизарун руго, цого чиясухъа гьеб босун бажарулеб хIал гьечIо гьанже. Цебе гIемер рукIунаан гьединал хIужаби, хIакимзабаз жидерго чиясухъа босулаан къайи, яги жидерго чиясул фирмаялъухъе кьолаан кинал рукIаниги пачалихъиял идарабазда гьарулел хIалтIаби. Масала, гъоркьисала Дагъистаналъул цо мугIрузда бугеб мухъалъул бетIерас жиндирго вацгIаласул бакIал ралеб фирмаялъе рес кьун батана гьеб мухъалда ругел пачалихъиял идарабазда гьарулел киналго бакIал раялъул ва гьеб къачIаялъул хIалтIаби гьаризе.

Гьединал хIужаби чанги рукIунаан. Гьединлъидал гьал цIиял къагIидаби рахъарал. Гьезда рекъон къайи босиялъул рахъалъ тIоритIулел аукционалги, тендералги киназдаго лъалеб рагьараб къагIидаялъ тIоритIизе ккола. Гьезулъ гIахьаллъизе бокьараз гIарзабиги электроннияб къагIидаялъ кьезе ккола. Гьеб цIияб къагIидаялъ рес кьола къайи босиялъул яги хIалтIаби гьариялъул рахъалъ гьарурал къотIи-къаял кин тIуралел ругелали балагьизе ва гьересиял къотIи-къаял тIатинаризе».

Россиялъул монополиялде дандечIараб идараялъул баяназда рекъон тIолабго улкаялда пачалихъалъе къваригIараб къайи босиялъул иш къануналде данде кколаредухъ гьабулел мухъазда гьоркьоб Дагъистаналъ лъабабилеб бакI кколеб буго. ТIоцебесеб бакIалда буго Чачаназул республика, кIиабилеб бакI щун буго Чувашиялъе.

XS
SM
MD
LG