МагъчIваялъе рес

Росасе кIиго моцI гурони туснахъалъул тIаса рехичIо


Россиялъул ТIадегIанаб Диванханаялъ тусанахъалъул болжал дагь гьаруна Москваялъул Матвеевский абулеб базаралда ккараб рагъулъ гIахьаллъи гьабуралъухъ жанир тIамурал Дагъистаналдаса рос-лъадуе. Москваялъул диванханаялъ гьезие кьун кьун букIана 18 ва 12 сонгун бащадаб.

Дагъистаналдаса рос-лъади МухIамад ва ХIалимат Расуловазе туснахъалъул болжал дагь гьаруна гьал къоязда Россиялъул ТIадегIанаб диванханаялъ. МухIамадил хъизан ПатIиматие тIаса рехана ичIго сон, живго гьесие гIицIго кIиго моцI гурони рехичIо.

Москваялъул диванханаялъ гьесие кьун букIана 18 сон. Гьанже гьес туснахъалъуб базе ккола 17 сонги анцIго моцIги. Гьесул хъизан ХIалиматица туснахъалъул болжал дагь гьариялдалъун жаниб базе ккола лъабго сонгун бащадаб. Гьел кIиялго ккола Болъихъ мухъалъул Зило росулъа чагIи

Нижеца цебеккун бицун букIана Расул ва ХIалимат МухIамадовазе диваналъул 18 ва 12 бащдабги сон къотIанилан. Гьезде гIайиб гIунтIизабуна 2013 соналъул Москваялъул Матвеевский абулеб базаралда ккараб дагIба-рагIиялъул хIасилалда гьез полициялъул хIалтIухъан кьабунилан абун.

Амма гьеб хIужаялда тIасан буго гьанже МухIамадов Расулил гIагараз дагIба балеб.

Гьез кьабунилан абулев вугев полициялъул хIалтIухъанас жив полициялъулав вукIин тасдикъ гьабулеб документги бихьичIого байбихьанин гьезде кьвагьи лъезе. Гьеб хIужа диванханаялъ хIисабалде босичIилан бицун букIана «Эркенлъи» радиоялъе жанив тIамурасул вац Абулмуслимица.

Гьесги, вацасе кумек гьабизе ккурав адвокат Салманицаги гIарза хъан букIун буго Россиялъул ТIадегIанаб Диванханаялде гьеб хIукму хисизабеян. Гьелъул хIасиллъун ккана Расулова ХIалиматие ичIго сон тIаса рехи. Амма суал бачIунеб буго гьелъул рос Расулов МухIамадие гIицIго кIиго моцI гурон щай тIаса рехичIебали?

Гьеб лъазелъун нижеца бухьен гьабуна Расулов МухIамадил эмен Муртайилгун. Гьесдаги гьелъул хIакъикъаталъул лъалеб жо дагьаб батана.

Расулов Муртай: «Гьезда бичIчIун батилаха дир васасда гIайиб гьечIолъиги, лъаларо, щиб гьениб ккарабали. ГьитIинав вас вуго нижер Москваялда, гьес ахIун бачIана хIукму хисизабунилан».

ЭР: «КIиго моцI гурони щай тIаса рехичIебан гIилла баян гьабичIиш дуе?».

Расулов Муртай: «Лъаларо, дие гьелъул дие лъицаниги баян кьечIо. Туснахъалъусан васас ахIун бачIана гьелъие тамихI бигьа гьабуниги гIун бугин, гьей къватIие яхъизе кIвани кIудияб талихI бугилан. Сакъатав вас вуго гьезул».

Расги гIайиб гьечIел чагIи тIамуна гьел жанир. КъватIиса хIукмалъул диваналде гIарз гьабун гурони, я Россиялда, я Дагъистаналда щибниги хьул гьечIо диванчагIаз битIараб хIукму къоIтилин абураб жоялъул.

Жив вугеб бакIалда дагъистанияв къварид гьавизе теларилан кIалъалев вукIана ГIабдулатIипов цо кидаялиго. ЦIар бахъичIо гьесги гьаб хIужаялда тIасан.

Болъихъ рагъ унеб заманалда Москвалдаса вахъарав вачIун вукIана дир вас МухIамад, рагъулъ гIахьаллъизе, гьелъулги щибниги бицен гьабичIо гьез диваналъул процесс унеб мехалда».

ТIадеги баян щвезелъун Расулов МухIамадил гьитIинав вац Абулмуслимгун ва адвокат СултIанилгун бухьен гьабизе нижее щвечIо. МухIамадов Муртай цевего гIадин ракIхун вуго васасда гIайиб гьечIолъи лъалеб букIаниги гьесие туснахъалъул сонал кьурал Москваялъул диванханаялдаги, гьесул рахъккун кIалъазе рахъинчIел гIадамаздаги.

ХIатта журналистазцин киса кибего хъачагъвугин гьевилан хъван гурони, гьесул гIайиб гьечIолъи бихьизабураб цониги макъала хъван гьечIилан рази гьечIого вуго гьев

Расулов Муртай: «Цониги журналистас абичIо гьав чи мекъав гьечIин, гьасул гIайиб гьечIилан абун. Я газеталдасан, я телевидениялдаса лъицаниги абичIо гьесул рахъ ккураб калам. Киназго абуна гьев террорист ва инжитав чи вугилан. Инжитавиш вукIунев жиндирго хъизамалъе хIалае вахъарав чи? Дур чIужу кьабулей йикIунтун, мун вахъинариш гьелъие хIалае?».

ЭР: «Нужерго рази гьечIолъи загьир гьабун нахъойги гIарза хъвазе бугиш нужеца ТIадегIанаб Диваналде?

Расулов Муртай: «Хъван букIана, гьанжеги хъвазе буго. Дир васасухъ кодоб нус букIинчIолъиги, полициялъуласухъ кодоб ярагъ букIарблъиги бихьизабулеб видео биччазе тун гьечIо диваналда прокурорас, гьеб хIажат гьечIиданги абун. Гьелда кинаб цIарха лъолеб?

Цо талихI буго ТIадегIанаб диваналъгIаги нижехъ гIин тIамулеб букIин. Гьезие буго азарабго баркала».

Дагъистанияз полициялъулал руханин интернеталде рехараб видео монтаж бугин, хIакъикъаталда гьениб ишги батIайисан букIанин хъвалеб букIана «Русская планета» абулеб сайталъ «Матвеевский» базаралда ккараб тунка-гIусиялъул хIакъалъулъ.

Масала, базаралда йичарулей Алияца бицунеб буго полициялъ малалги ран, бид вецIцIизегIан вуханила МухIамад МухIамадов. Гьеб бихьанила ХIалиматидаги гьелъул рос МухIамад Расуловасдаги. (МухIамад кколаан гьезул гIагарав вас).

Гьединго цо бичIчIулареб къагIидаялда чIун рукIанила жалго полициялъулалги - дагъистанияз вухулев жидерго гьалмагъасе кумекгицин гьабичIого.

XS
SM
MD
LG