МагъчIваялъе рес

Митинг жеги цебе буго


19 ноябрялъ цо-цо маршрутазда хIалтIулез тIобитIун буго митинг. КъватIире рахъаразухъе рачIун руго шагьаралъул тIалъиялъул вакилзабиги. Митинг тIобитIиялъе гIиллалъун ккун буго рекIадухъ багьа бахинабизе бугилан тIалъиялъ габураб лъазаби. Сундаса рази гьечIел маршруткабазда хIалтIулел ва щиб гьезда ракIалда бугеб.

19 Ноябрялъ 5 маршруталда хIалтIулел гIадамаз тIобитIун буго къокъидаго лъугIараб митинг.

5 маршруталда хьвадулел маршруткаялда хIатIулел гIадамазул аслияб тIалаб букIунбуго рекIадухъ багьа 20 гъурущалде бахинаби. Къокъабго заманаялде гьезда гъорлъе журазе лъугьун руго цогидал маршрутазда хIалтIулелги, амма шагьаралъул тIалъиялъул чагIиги рачIун гьеб митинг лъугIизабун буго. Гьедин лъазабулеб буго «Жакъа Дагъистан» абураб интернет-сурсаталъ.

Маршруткабазда хIалтIулел къватIире рахъиналъе гIиллалъун ккун буго гьал къояз МахIачхъалаялъул транспорталъулгун промышленносталъул нухмалъиялъ рекIадухъ багьа I6 гъурщиде бахинабизе бугилан гьабураб лъазаби.

КъватIире рахъаразухъе щварав гьеб нухмалъиялул вакил Андрей ХIусейновас ракIараразда лъазабун буго гьеб багьа 17 гъурщиде бахинабейилан буюрухъ кьунин шагьаралъул мэрасул ишал тIуралев МухIамад Сулеймановас.

Гьединго нухмалъулел такрар гьабун буго багьа бахинабиялъе гIиллалъун кколин цIатариялъул багьа бахин гуребги хварал нухал ва гьединго жибго транспорталъул лъикIаб гьечIеб хIал букIин.

Амма жалго хIалтIухъабазул пикруялда гьеб 17 гъурщицаги кинго ахIвал-хIал хисизе рес гьечIо, щайгурелъул МахIачхъалатрансалъе моцIи-моцIие кьолеб магъало гуребги гьединго гьезда тIадаблъун гьабулеб буго ГЛОНАСС абурал халкквеялъул система машинабазда лъезабизе жидерго гIарацги харж гьабун.

Аслияб гIиллалъун рекIадухъ багьа бахиналъе жалго маршруткаяда хIалтIулез абулеб буго цIатариялъул багьа бахин. Жакъа , масала газил литрадул багьа кколеб буго 20 гъурущ.

Амма гьал къояз гьеб цин 22 гъурщиде ва хадубго 24 гъурщиде бахине бугилан харбал ругин баян гьабуна 5 маршруталда хIалтIулев Сайгидов ГIабдулаца. КъватIире рахъарал гIадамазухъе вачIарав Хусейнов Андрейица хIинкъаби кьунила жидее Жидеца магъалаби кьезе ккезе ругин, къватIире рахъун митингал тIлритIулел ругони.

Сайгидов ГIабдула: «Нужеца гIемераб жо тIаде босулеб бугонани нужеда предпринимателал абун магъалаби кьезе гьаризе ругилан абуна. Щаяли лъаларо щивго рекIеда ватичIо гьесда нижее гьел хIукуматалъе магъалаби кьей учуз чIезе бугин моцIи-моцIие МахIачхъалатранс абураб гIуцIиялъе 3100 гъурущ магъало кьолел рукIинегIан.

Амма нижеда якъинго лъала, гьабсагIат нижеца гьедин хъвай-хъвагIайги гьабун МахIачхъалатрансаалдаса ратIалун хIалтIизе нижее рес щолареблъи. Шай? Щай гурелъул гьеб мехалъ гьел жидерго чвантиниб лъолеб гIарац гьечIого хутIула. Ниж хIалтIизе толаро гьедин. Жакъа гIадамаз абулеб буго маршруткаби черметал ругин.

БитIараб буго, цIатари тIун, тIаса магъалоги кьун чед босизе гурого кебек хутIуларо нижехъ. Гьеб цIатари хира бугебгIан махалъ 20 гъурущалде бахинабичIого рес гьечIо нижее. Метер гьелъул багьа гIодобе кканани, нижецаги багьа гIодобе ккезабзе буго».

Гьеб маршруталъул чIей бугеб бакIалде цогидал гIадамалги рачIана. Гьез баян гьабуна I декабрялъ тIалъиялъ I7 гъурущ бихьизабун бугин рекIадухъ, амма гьабсагIат гIемерисел рази гьечIин ва 20 гъурущалде бахинабизе ракIалда бугин багьа.

Гьединаб забастовка цо-кIиго мухъалда маршрутчагIаз тIобиттIани киназго цогидал маршрутазда хIалтIулез гьезул рахъ кколин.

Маршуткаялда жаниб раёIалъиялъул бицани, киналгIаги машинабазул 50% бугила жакъа къачIарал квегIенал, амма гIадамазул тарбия гьечIолъиялъ холила гьел жаниса. ГIадамаз тIутIулила жанисан гIодор чIолел бакIал ва рищни-къулалъул цIезабулила.

ЖамгIияб транспорталда рекIадухъ багьа бахинабизе бугилан лъазаби гьабураб къоялдаса нахъе жамгIиял гьиназда тIоритIулел руго гIемерал бахIсал гьеб суалалда сверун.

Аслияб куцалъ гIадамаз рази гьечIолъи агьир гьабулеб буго чороклъи, жаниб кIодо гьабун кечI-бакъан биччаялда, хъалиян бухIулеб букIиналда ва цебе ккараб бакIалда чIезабулеб букIиналда бан. Гьел гIузраби рукIаго жеги багьа бахинаби мекъаб бихьулеб буго гIадамазда.

Акаева Написат: «Дида гьеб цIакъ квеш бихьула гьеб багьа бахинабулеб букIин. Базаралде аниги, щибаб къойил лъимал школале нахъе аниги кидаго маршруткаялда уна рекIун. Абизе бегьула 2-3 гъурщица хисизесеб жо гьечIилан, амма дир руго лъабго лъимал. Гьел маршруткаялда рекIун уна школалде ва нахъе рачIуна. ХIисаб гьабеха кигIан гIарац нухда хIарж гьабулеб бугебали».

Написатица баян гьабуна жий кийго хIалтIулей гьечIин. Гьелъул рос кколев вуго гордал гьарулеб фирмаялъул хIалтIухъан. Амма кинабго жо хиралъаниги харжал цIикIкIиналъул хабар гьечIила.

Гьединал социалиял къокъабазе ва цIалуде хьвадулезе рекIадухъ хасал талонал кьолел система тIибитIун буго гIемерисел шагьаразда. БичIчIулеб гьечIо, жамгIияб транспорталда жаниб гьелщинал гIунгутIаби рукIаго, кин МахIачхъала Россиялъул бищун лъикIаб шагьарлъун лъугьарабали.

XS
SM
MD
LG