МагъчIваялъе рес

"Рокьул лъаббокIоналда" сверун скандал


Дагъистаналъул полициялъ ккун вуго МахIачхъалаялдаса адвокат ва гьесул гьалмагъ. Хасал идарабаз лъазабухъе, гьел кIияздаго щаклъи буго чи вухиялда, гьесие жинсияб инжилъи гьабиялда ва гьев талавур гьавиялда. Диваналъ гьезда гIайиб букIин чIезабуни 15 соналъул туснахъ къотIизе рес буго гьезие Россиялъул къануналда рекъон.

6 ноябралда МахIачхъалаялъул кировский мухъалъул диванханаялъ цIех-рехлъугIизегIан туснахъ гьаризе хIукму къотIана МахIачхъалаялдаса адвокат ва гьесул гьалмагъ, гьевги кколев вуго юрист. ЦIех-рехалъул идарабазул баяналда рекъон гьел кIиязго адвокатасул лъадиги гьей хIалтIулеб бакIалъул бетIерги рухун руго, гьелда тIадеги гьев нухмалъулесе жинсияб , инжилъиги гьабун буго гьез , гьесухъ кодоб букIараб 200 азарго гъурущги бахъун буго. Гьел такъсирал гьариялъе гIиллалъун ккун буго адвокатасул жиндир лъади ва гьей хIалтIулеб бакIалъул нухмалъулев рокьуда рукIиналда щаклъи ккей. Адвокатас ва гьесул гьалмагъас жидецаго гьабулебщинаб мобильнияб телефоналдеги бахъулеб букIун буго.

Жидеца дуе жинсияб инжилъи гьабулеблъи бихьизабулеб гьеб видео къватибе кьечIого букIине 2 миллион гъурущги тIалаб гьабулеб букIун буго гьев чиясухъа адвокатас ва гьесул гьудулас. Жидер тIалабал тIуразе гьев чи гIедегIулев гьечIолъи бихьарав адвокатас гьесда лъазабун буго гьев бетIергьанаб «Тойота Хайлендер» автомобиль жиндир эбелалда тIад хъвайилан. Амма гьей эбел аскIой гьечIолъиялда бан автомобиль гьелда тIад хъван бажарун гьечIо, гьеб мехалдаги цIидасан гIарац тIалаб гьабун лъадул нухмалъулесда тIаделъун вуго адвокат.

Гьесул тIалабалда рекъон 29 октябралда 100 азарго гъурущги босун вачIун вуго гьев чи адвокатасухъе. Гьеб гIарацги босун унаго МахIачхъалаялда Шамилил къотIнов чIезавун вуго гьев полициялъул хIалтIухъабаз. Адвокатасул автомобилалъул халгьабулаго гIарац гурониги гьениб батун буго РГД-5 гранатаги.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Темирбегов Расулица «Эркенлъи» радиоялъе бицухъе цевехун рехсарав адвокатас жив талавур гьавулев вугин абун гIарзаги хъван вачIун вуго МахIачхъалаялдаса чи. Гьелдаса хадуб жидер хIалтIухъабаз чанго къоялъ хадуб халккунила адвокатасда, хадубги ургъунго жидер хIалтIухъабаз тIамунила гьев чи адвокатгун дандчIвазе ва гьесухъе гIарац кьезе. Гьеб букIун буго берда бихьулареб хасаб релъен бахараб гIарац. Адвокатас гIарац босараблъи чIезабиялъе хIадурун букIун буго цIех-рех чагIаз гьеб релъен бахараб гIарацги.

ЦIех-рех лъугIизегIан гьеб ишалъулъ гIахьалчагIазул цохIонигиязул баяналги кьун бажаруларин лъазабун Темирбековас. Гьес бицухъе адвокатасда ва гьесул гьалмагъасда тIад Россиялъул къануналъул изнугьечIого ярагъ цIуниялъул, жинсияб инжилъи гьабиялъул, талавур гьабиялъул, тIадекIанцIи гьабиялъул бутIабазда рекъон такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. Диваналъ гьел гIайибииял ругин чIезабуни 15 сониде щвзегIан туснахъ гьаризе рес бугин гьелилан баян гьабуна цIех-рехалъул идараялъул вакилас.

«Уголовное право» сайталъул баяназда рекъон Россиялда щибаб санайил адвокатасул вукIа-вахъин ва гIадлу хвезабиялъухъ 400 гIан адвокатасе хIалтIизе гьукъулеб буго. Гьеб кколеб буго адвокат гьесул статусалдаса махIрму гьави. Дагъистаналда гьединал хIужжаби гIемер рукIинчIониги цо-цониги камуларин бицана «Эркенлъи» радиоялъе адвокат Елена Денисенкоцаги. Гьелъул рагIабазда рекъон цебехун бицен гьавурав адвокат диваналъ гIайибияв вугин рикIкIани Дагъистаналъул адвокатазул палатаялдаса нахъеги реххулев вуго, ва адвокатасул статусалдасаги ватIа гьавулев вуго.

Елена Денисенко: «Цин гьев адвокатасе гIадлу гьабула хIалтIул къагIидаби хвезариялъухъ, гьелдаса хадуб адвокатазул палатаялъ хал гьабула гьесул ишалъул. Цебехун реххсараб гIадаб лъугьа-бахъин ккун буго гьев адвокат хабар гьечIого статусалдаса ватIа гьавизе ккола. Дида лъала цохIо нухалда жиндица цIунулей йикIарай гIаданалъул гьариялда рекъон гIарза хъвачIогойин абунгицин адвокат статусалдаса махIрум гьавун вукIараб хIужжагицин. Гьеб гIадамал рухиги, инжит гьариги талавурчилъи гьабиги гьелщинал такъсиразул гIахьалчиясе гьукъизе ккола кида букIаниги адвокатазул хIалтIи гьабизе. Гьединал чагIаз адвокатазул хIалтIиги цIарги инжит гьабулеб буго. Къанун цIуниялда хадуб халкквезе кколев чияс жиндицаго гьеб хвезаби гьеб бегьулеб жо гуро».

Ахиралдаги абизе ккола «Уголовное право» сайталъ кьолел статистикиял баяназда рекъон Россиялда 2014 соналъ цересел саназде дандеккун адвокатаз гьарурал такъсиразул хIужжаби 20% дагьлъун ругилан. 2012 соналъ гьезул къадар 187 ялде бахунеб букIун батани, 2014 соналъ гьезул къадар 150 ялде ккун буго. Гьелдаго цадахъ рехсезе ккола исана соналъ Россиялда жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъабаз такъсириял ишал гьариялъул хIужаби 34% проценталъ цIикIкIун ругилан.

XS
SM
MD
LG