МагъчIваялъе рес

Щай хIенцлъулеб "хехаб кумек"?


МахIачхъалаялда бугеб Хехаб кумекалъул станциялъул ресал гIадамазул хIажалъалабазда данде кколел гьечIо. Хехаб кумек тIаде щвезе гIемер заман балеб буго, ай гьеб тIаде щвечIогонцин хутIулеб буго. Кинал гIиллаби ругел Хехаб кумек хIенцалде сверун букIиналъе?

Хехаб кумекалъул станциялда сас тIагIун хутIулел гьечIоан. Шибаб лахIзаталъ ахIун бачIунеб букIана Хехаб кумек хIажалъун гIадамаз. Хехаб кумекалъул тохтурас бухьен гьабизе букIине ахIун бачIаразухъа диспетчералъ телефоналъул номерал росулел ругоан. Cтанциялъул диспеnчер Джамиля ХIажиевалъул рагIабазда рекъон, кумек тIалаб гьабулез къватI яги рукъ мухIкан гьабизе хIажалъани букIине босулин гьебилан баян гьабуна.

Иргадулаб Хехаб кумек тIалаб гьабун ахIи бачIана Амет-Хан Султанил къватIалдаса. Гьенире Ине къачIана цогидаб бакIалдаса вуссун вачIарав Хехаб кумекалъул тохтур Ильяс Севедов. Ильяс Хехаб кумекалъул станцмялда хIалтIулев вуго Iо соналдаса цIикIкIун заманаялъ.

Радал, хIалтIуде щвейгун, танкан хIадурулин цадахъ босулеб дару-сабаб ва тIагIел-алат. Амма цо-цо хIалтIул заман щун бахъиналде хехаб кумек тIалаб гьабун ахIи щолин баян гьабуна Ильясица. Гьесул рагIабазда рекъон, гIадамазул гIарз букIунеб хехаб кумек ригьда щунгутIи бараб буго станция шагьар тун къватIибехун букIиналда ва гьединго шагьаралъул къватIазда дандчIвалел лазатбахъабазда. Нухда, шагьаралъул цояб рахъалдаса цогидаб рахъалде щвезегIан 40 минут бана. Амма цогидал автомобилаз нух кьолеб букIана Хехаб кумекалъул машинаялъе. Аслияб куцалъ гIадамазда бичIчIулин лъил бугониги гIумру хвасар гьабизе кватIизе рес букIин, ва биччалин машина, амма камуларин цо-цо пикру гьечIелги гIадамалилан баян гьабуна тохтурас.

Ильяс Севедов: « Цуцада релълъарал лъугьабахъинал рукIунаро цогIаги нухалъ. Гьедин, масала нижехъе кьола диспетчерас цIураб кагъат. Гьениб хъваралдаса дагь бичIчIула, масала нухда ккараб лъугь-бахъин абун хъван бугони чиясе расги гьечIого батизеги бегьула. Амма рес букIуна гьединго гьемерал сакъатлъаби ратизеги. Гьединго камуларо хехаб кумек тIалаб гьаби рагъ ккараб кьал ккараб бакIалде. Аслияб квекIен ккола нижер хIалтIулъ битIараб адрес батизе захIмалъиялъ»

Хехаб кумекалъул машина бачунев ХIажидадаев ГIабдудаца тIаже жубана гьанже жидер машинабазда Глонасс абураб алат лъун бугин, гьелъ бигьалъулин хIалтIи.

Унтаралъухъе гIага-шагар 40 минуталдасан щвана кумек. Хехаб кумек тIалаб гьабурай йигоан лъимер гьабизе ригь щвелалде къагIилда гьечIого лъугьарай яс. Тохтурасул цереккун кьурал баяназда лъимада хIинкъи букIана. Хехаб кумекалъул машинаялъ унтарай МахIачхъалаялъул аслияб клиникияб больниуаялде щвезаюна. Унтарай парахат гьайилалде бачIана ахIи цIияб адресалде Хехаб кумек тIалаб гьабун. КIиабилев унтарав , гIолилав къагIида гьечIого лъугьун квен рекъечIого. Тохтурас баян гьабуна, гьеб тайпаялъул унтаби къанагIалъи кколарин гIолилазда гъорлъ. КIиабилев унтарасде щвезе 30 минут бана. КвекIен ккана Хехаб кумекалда данде чи вачIинчIолъи мухкан гьабун бакI бихьизабизе. Гьев унтарав парахат гьавуна шагьаралъул №2 азарханаялда. Гьоркьохъеб куцалъ къойида жаниб 7 унтарасде унин баян гьабуна Ильясица. Амма кумек тIалаб гьабурал гIемер рукIунел руго.

МахIачхъала шагьар гуреб , гьединго Ленинкент, Степной, Турали ва цогидал сверухълъабаздеги кумек жидеца гьабулин, амма гIаммаб куцалъ гIицIго 33 хехаб кумекалъул машина гурого гьечIила станциялъулилан баян гьабуна тохтурас. Гьеб кинабниги 33 гурого гьечIеб автомобилазухъа кинго бажарулеб гьечIо тIубараб тахшагьаралъул ва сверухълъиялъул тIалабал тIуразе. Тохтурасул баяназда рекъон, Хехаб кумекалъул тохтурасул харж кколеб буго 6-7 азарго гъурущ. Фельдшерасул харж 4-5 азарго гъурущ.

МахIачхъалаялъул Хехаб кумекалда цIар хехаб гуреб хIенцаб лъезе бегьилилан рикIкIунел гIадамалги камулел гьечIо. Масала, ГIалиева Сакинатица Хехаб кумек тIалаб гьабун буго жиндир эбел къагIида гьечIого лъугьиндал, амма сагIаталдасаги Хехаб кумек тIаде щун гьечIо. Чара тIагIарай ясалъ ахIун таксигун ячун йиго эбель азарханаялде. МахIачхъалаялдаса МухIамадова Шакиратие гьединго щун гьечIо Хехаб медикияб кумак. Гьелъ ахIун кIиго сагIаталдаса бачIун буго машина гьезул рукъалъул кIалтIе. Амма унтарай рокъосез жидецаго щвезаюн йиго азарханаялде.

МухIамадова Шакират: «АхIана медикияб кумак. Расги гьечIого цIа бахун лъугьана . Гайморит букIана дир. Хехаб кумек тIалаб гьабун цоцIул ахIидал 20 минуталдасаги бачIинчIо. Нахъеги ахIана. Амма чанцIул ахIаниги сагIаталъ чIана, бачIинчIо гьеб. Гьебмехалъ машина ахIун щвезаюна дун азарханаялде. ГIемерисел рукIунел руго гьез тун жибго унти тIагIинилан. Гьелъ цингт чанцIулго ахIичIого рачIунел гьечIо гьел».

Кумек тIадещунгутIиялъе гIиллаби ругин, гьеб медикияб кумек гьабулел гIадамал ригь барал рукIиналъилан рикIкIунеб буго Шакиратица. Аслияб куцалъ, Хехаб медикияб кумекалъул бригадаялда руго ригь барал хIалтIухъаби. Гьединго, официалиал баяназда рекъон, хехаб кумекалъул автомобилазул 40% кколеб буго лъикIаб гьечIеб транспорт.

Гьединго, ахираб заманаялъ МахIачхъалаялда тIибитIун буго Жалго бетIергьанаб магIишаталъул гIуцIабилъун кколел азарханаяз гIарцухъ Хехаб кумек тIалаб гьабизе рес кьолеб гIадамазе. Гьоркьохъеб куцалъ гьединаб хехаб кумек тIаде щвезе балеб буго I0 минут. Амма гьелъухъ буго бихьизабураб багьа. Масала, гьединаб хехаб кумек ахIизе бегьулеб буго «Целитель» абураб азарханаялдаса. Гьединаб хехаб кумек тIалаб гьабуралъухъ унеб буго гьоркьохъеб куцалъ 1500 гъурущ.

2014 соналда жаниб кинабниги 95 азарго хехаб кумек тIалаб гьабураб ахIи къабул гьабун, медикияб кумек щун буго гIадамазе МахIачхъалаялда. Гьоркьохъеб куцалъ, хехаб кумек тIалаб гьабун станциялде кIалъалел руго 500 гIанасев чи. Амма камулел гьечIо, цо сордо-къоялда жаниб азарго хехаб кумек тIалаб гьабун азарго чияс ахIараб мехги. Хехаб кумек тIалаб гьабулеб буго аслияб куцалъ, рекIел унти бугел гIадамаз ва гьединго, битдул тIадецуялъул лазабахъи бугел гIадамаз. Тохтурас баян гьабуна, гьединго параялда рекъонги рикьизе бегьулин гIадамаз хехаб кумек тIалаб гьаби, гьедин, риидалил заманаялъ. Чехь-бакь унтун ахIиял рукIунин, хасалил заманаялъ хехаб кумек тIалаб гьабулин газалъ квеш лъугьун. Масала 2013 соналъ, газалъ квеш лъугьун хехаб кумек тIалаб гьабун буго 600 цIикIкIун чияс.

XS
SM
MD
LG