МагъчIваялъе рес

Щай Дагъистаналда гугари тун цоги спорт цебе унареб?


Дагъистаналда жакъа аслияллъун хутIулел руго эркенаб гугари, бокс гIадал спортивиял тайпаби. Республикаялда абуни дагьал гьечIо цогидал спортивиял тайпабазе куцалел гIолохъаби. Амма гьел машгьураллъун гьечIо жакъа республикаялда. Щиб гьелъие бугеб гIилла?

Дагъистаналда жакъа ругьун гьарула чанго батIияб спортивияб тайпаялъе. Руго гьеб спорталда жанир лъикIал хIасилал рихьизарурал гIолилалги. Амма аслияблъун хутIулеб буго эркенаб гугари, бокс ва гьелда релълъарал къуваталъул тIокIлъи бихьизабулел спортивиял тайпаби. Щай тIадехун рехсарал спортивиял тайпаби гьездаса машгьурал гьечIел Дагъистаналда? Гьеб суалалда тIасан «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабуна боксалъул рахъалъ Олимпиадаялъул чIел босарав ХIайдарбегов ХIайдарбегилгун. Гьанже гьев ккола Дагъистаналъул спорталъул министр хисулев. Живгоги гъоркь боксалъул чемпион вукIаниги гьевги разияв гьечIо Дагъистаналда аслияб куцалда кIиго спорталъул тайпаби гурони машгьурал гьечIолъиялдаса. Цогидал спортивиял тайпабазе ругьун гьарулел гIолилал чанги ругин, гьелде кIвар нижецаги кьолин, амма гьелъие квал-квалал камулел гьечIилан бицана чемпионас. ТIоцебесеб иргаялда Спорталъул министерлъиялъе биччалеб гIарац дагь гьабулеб бугин щибаб соналъ, гьале исанаги 40 проценталъ дагь гьабунин гьеб.

ХIайдарбег ХIайдарбегов, Дагъистаналъул спорталъул министр хисулев
ХIайдарбег ХIайдарбегов, Дагъистаналъул спорталъул министр хисулев

ХIайдарбег ХIайдарбегов: «ГIемер руго гIолохъаби батIи-батIияб спорталъе ругьун гьарулел. Лъим ххаялъул рахъалъ лъикIал хIасилал рихьизаруралги руго, амма гьезие биччараб гIарац гьечIо, цогидал, олимпиадаялъул спорталъул тайпаби – гугари, боксалъе гIадин.

Руго регбиялъе ругьун гьарулел гIолохъабиги. СКФОялъул турниралда дагьаб цебегIан кIиабилеб бакI босана Дагъистаналдаса ясалъ, Кавказалъул тарихалда гьеб ккола тIоцебесеб лъикIаб хIасил гьеб спортивияб тайпаялда жаниб».

ЭР: Амма гьезул бицунеб рагIулеб гьечIоха, гьел гIемерисезда лъалел гьечIо…

ХIайдарбег ХIайдарбегов: «Гьаниб гIадаталъун билълъун буго гугари, бокс, кверзул рагъ гIадаб спорт. Цогидаб спортивиб тайпа рагIизе биччалеб гьечIо. Нижер министерлъиялде рачIунел чиги цохIо гьеб кIиябго спорталъул вакилзаби руго. ХутIараб спорталъул тайпаялде хьвадулел чагIи дагь руго. Мисалалъе лъим ххаялъе ругьун гьарулел чагIи ратила тIубараб Дагъистаналда 15-20 чи».

КIиабилеб гIиллаялда цогидал спорталъул церехъаби Дагъистаналда машгьурлъунгутIиялъе бугеб гIилла бицунаго ХIайдарбеговас абуна щибаб спорталъул тайпаялъул вакилас кIвараб хIалтIи гьабулин жиндирго спорт цебетIеялъе нухал ралагьизе. Гугарухъибиги боксалъул церехъабиги гIемерлъун ругин гьеб спорт цебего Дагъистаналда машгьурлъун букIиналъ. Цогидаб спортивияб тайпа борхалъуде бахинабизе бокьарал гIадамал дагьал ругин кIиабизе босани гьеб цебетIеялъе шартIалги Дагъистаналда мукъсанал ругин.

ХIайдарбег ХIайдарбегов: «Дида ккола гьадин. Спорталъул федерация абураб жо буго жамгIияб гIуцIи. Дагьабниги рес бугев чияс гIарацги биччан гIуцIула гьеб федерация, пуланаб спортивияб тайпаялъул рахъалъ. Мисалалъе дун вуго боксалъул чи. Дида гIадин гьелъул гIуцIиги гьелъие хIадурлъи гьабизе кколеб куцаги цогидаб спорталъул тайпаялъул вакиласда лъалишха. Гьединлъидал щибаб спорталъул тайпаялъе къваригIуна гьеб иш лъалев гIуцIарухъан. Гьединал чагIи дагьал руго».

Лъим ххаялъул рахъалъ Шималияб Кавказалъул федералияб округалъулаб чемпионаталда дагьаб цебегIан дагъистанияв Расулов ХIасаница босана тIоцебесеб бакI. КватIичIого гьев гIахьаллъизе вуго Волгоградалда тIобитIулеб Россиялъул чемпионаталда. Расуловасул тренер ккола ХIасанов Владимир. Лъим ххаялъул спорталде ругьун гьаризе бокьарал гIолохъаби ругин Дагъистаналда, амма гьелъие шартIал гьечIилан бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

ХIасанов Владимир: «Лъим ххайялъул рахъалъ спорталъул тайпа цебетIеялде кIвар кьезе ккола узухъда, гьеб буго тIолабго черхалъе пайдаги бугеб, эстетикияб спорталъул тайпа. Рагьизе ккола гьелъие спортивияб школаги. Амма нахъойги буни гьечIо лъимал ругьун гьаризе киналго шартIал ругеб бассейн. Руго МахIачхъалаялда хасал бетIергьанлъиялъул бассейнал, хIажат буго кIудияб бассейн. Гьединго информ.алатаздеги абизе бокьун буго нижер хIакъалъулъ хъвайилан. Щайгурелъул цохIо эркенаб гугариялъул, боксалъул ва цогидалги, къуват бихьизабулеб спорталъул хIакъалъулъ гурони хъваларо гьез. Бихьизабизе къваригIун буго Дагъистаналда гьел гурелги спортивиял тайпаби рукIин».

Дагъистаналда гьединго буго регби абураб спорталъул рахъалъ дагъистаниязул командаги. Гьединго буго тIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ спорталъул тайпаялда ругьун гьарулелги гIолохъаби. ГьанжегIагар абуни Дагъистналда рагьун буго академикиялъулаб гребля абураб спорталъул тайпаялъул федерацияги.

XS
SM
MD
LG