МагъчIваялъе рес

ГьетIараб ритIухълъи


Садия Арслановалда хIал гьабурав полициялъул хIалтIухъан тамихIалде ахIун гьечIо. Гьелдаго цадахъ полициялъул хIалтIухъабаз хIинкъаби кьолел руго жийго Садияе ва гьелъул гIагарлъиялъе. Гьедин лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цlунулез.

Экстремизмалда данде къеркьолеб марказалъул хIалтIухъанас хIал гьабурай Садия Арслановалъул гIага божаразе гIакъуба кьолеб бугила полициялъул хIалтIухъабаз Садия йигеб бакI лъазе къварагIун. Гьедин лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулей Гюльнара Рустамовалъ.

24 августалъ къаси ГIайша Абакаровалъул рокъовеги лъугьун , документазул хал гьабизе абун цадахъ ячун ун йиго экстремизмалда данде къеркьолеб марказалъул хIалтIухъанас Садия Арсланова. Нахъияб къоялъ гьей йиччан ячIиндал, гьелъ жинда хIал гьабунилан бицун буго. ХIал гьабунилан гIарза кьураб къоялдаса нахъе хIалхьи толеб гьечIила полициялъулазилан бицана ГIайша Абакаровалъ. Жакъа къоялъ ясазул гIумруялъе хIинкъи букIиналъ гьел ругеб бакI бицунеб гьечIо, гьезулгун бухьен гьабизеги щвечIо. ГIиллаги бугин гьелъиейилан бицана инсанасул ихтиярал цIунулей Гюльнара Рустамовалъ.

Садиял Каякент мухъалда ругел эбел-инсуе гIакъуба кьолеб бугин гьей йигеб бакI цIехон полициялъул хIалтIухъабазилан бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе. Гьединго цIех-рехчагIаз гIайиб гIунтIизабулеб бугев ГIалиев ХIабибил бидулъ наркотикал яги спирт бугищали хал гьабизе би босизе кколаанин, амма гьеб босун гьечсIин, гьединго ва гьеб киналъго бихьизабулеб бугин т полициялъул квералъ квер чурулеб букIинилан бицана гьелъ.

Гюльнара Рустамова: « Садиял Каякент мухъалда ругел гIагарлъиялъухъе рачIун руго полициялъулал. Гьез цIехолеб букIун буго гьелъул телефоналъул номер ва гьей йигеб бакI. ЦерегIан къояз Садия гьоболлъухъ йикIаго, гьей гьениса ун хадуб анкьго полициялъул хIалтIухъан вачIун вуго гьей цIехон. Ургъунго хIинкъизарулел руго гьез. Садияца гIарзаялда хъван буго ГIалиев мехтун, гьабулеб жоялде вачIунареб хIалалъ вукIанилан, гьеб хIужаги кьочIое босун цIех-рехчагIаз би босизе кколаан анализалъе. Гьеб босун гьечIо. ГIалиевас инкар гьабулеб буго жив рокъове лъугьиналдаса, амма гьев лъугьаралъи бихьизабулел гIаламатал руго гьенир. Гьезулги тIалабго гьабичIо гьез. Киналдасаго бичIчIулеб буго гьев тамихIалдаса ворчIулеблъи. Гьезие къваригIун гьечIо ритIухълъи. ГIицIго Аллагьас гьабилин хьул буго гьесие тамихI.»

Садия Арслановалъул адвокат Зиявудин Увайсовас бицана жеги цIех-рех байбихьун гьечIилан ва ГIалиевасде гIайиб гIунтIизабулеб гьечIилан.

Зиявудин Увайсов: «Жеги такъсир гьабиялда хурхун иш байбихьун гьечIо, гьединго жеги гьабун гьечIо экспертиза. Полициялъул идараялдаса гьев нахъе реханилан рагIана, гьеб битIарабищали лъаларо. Жакъа къоялде я жеги цIех-рех байбихьун гьечIо. Я гьев гIайибияв вугин абун жанив тIамун гьечIо. ТамихIалде ахIаниги, гьеб цо рихьдае жо гьабун телин гьезилан кколеб буго»

Жавабчилъиялде ахIунгутIиялъ цIиял такъсирал гьаризе рес кьолин рикIкIунеб буго экспертаз.

ГIалиев ХIабибил цIар цебеги рагIараб буго, гьедин «Новое дело» казияталда 21 июлалъ МахIачхъалаялда бугеб Венгразул рагъухъабазул къотIноб ккараб лъугьабахъиналъул хъвалаго рехсолеб бугоГIалиевасул цIар. ТаравихI какги бан рокъоре рачIунел кIиго гIолилал ГIалиевасги цогиял полициялъул хIалтIухъабазги гIиллагго гьечIого рухун руго. ГIолилазул рагIабазда рекъон хасго цIоб тун кьабулеб букIун буго ГIалиевас. Ва гьев мехтун вукIин якъинаб букIун буго.

Гьединго ГIалиев ХIабибил цIар рехсон буго «Аманат» абураб лъималазул ахалъул вакил Зарема ГIалиевалъул гIарзаялдаги, гьеб гIарза бахъун букIана «Черновик» казияталъ. ГIарзаялда хъваралда рекъон, ГIалиев лъималазул ахалдеги вачIун цо хIалтIухъан ячун ун йиго батIияб рокъоехун ва къватIие йичччаларого йикIун йиго. Амма ахалъул хIалтIухъабаз юристазухъе ахIун букIин лъарабго гьев ун вуго гьениса нахъе. Зарема ГIалиевалъ гьединго чIезабулеб буго ГIалиев мехтун вукIанин ва гьабулеб жо жиндаго лъалеб хIалалда вукIинчIин.

ГIемерисел экспертаз рикIкIeнеб буго гьеб такъсирги гъоркьан-тIасан биччан инин ГIалиевасе ва гьев тамихI гьабичIого хутIилин, щайгурелъул полициялъул хIалтIухъаби цереги тамихIалдаса рорчIарал хIужаби рукIиналъ. Гьелъ ГIелиевасе букIине кколеб тамихI гьаби гьесие жиндиего лъикIаб букIине бугин гIадамаз жидерго диван гьесие гьабизе байбихьичIого букIиналъейин рикIкIунеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG