МагъчIваялъе рес

Лъимер хун хутIарал эбел-инсул ахIи


Тохтуразул гъалатI сабаблъун гьабураб лъимер хвеялъул хIужа чIезабун Дагъистаналъул бетIерасухъе кагъат хъван буго лъимер хварай эбелалъ. ТIаса-маса хIалтIи гьабийищ яги батIиял ресал гьечIолъийищ мухъазда бугеб сахлъицIуниялъул идарабазул.

ЦIунтIа мухъалъул азарханаялда хIалтIулел тохтуразул гъалатI сабаблъун, къойиде щвелалде гьабураб лъимер хун буго августалъул ичIабилеб къоялъ. Хвараб лъимадул эбел-инсуца Дагъистаналъул бетIерасул цIарадлда хъван буго кагъат гъалатI биччарал тохтурал тамихIалде цIайилан абун. Гьедин лъазабулеб буго ЦIунтIа мухъалъул гIадамаз.

ЦунтIа мухъалъул азарханаялъул хъвай-хъвагIаязда рекъон, Сахратулаева ПатIиматица 9 августалъ къо тIаде щвелалде гьавун вуго вас. Тохтурзабаз чIезебун буго гьабураб лъимадул рухIдагьлъи букIин. Мухъалъул азарханаялда кумек гьабизе ресал гьечIилан, лъимерги эбелги, нахъияб къоялъ, МахIачхъалаялде ритIун руго УАЗик машинаялда рекIун.

8 сагIаталдасаги заман бан буго квешал нухаздасан гьел шагьаралде щвезе . Лъималазул азарханаялде щун сагIаталдаса лъимер хун буго. Сахратулаева ПатIиматил гIагарай чIужу Рамазанова Асиятица бицана ПатIиматида гIурус мацI бицинего лъаларин. Гьей жеги щибго лъаларей гьитIинай чIужу йикIиналъ, тохтурзабаз абурабги гьабун, ун йигила гьей гьеб лазатбахъиязда шагьаралде. Азарханаялде гьел щун руго къаси сагIат 9 тIубараб мехалъ. Гьеб мехалъги тохтурзабаз къабул гьаруларого бан бугила заман. Гьездаса щвараб кумекги кватIун бугила.

Асият Рамазанова: «Къаси лъимер гьабурай чIужу, гьей лъимергун шагьаралде йитIун йиго. Жиндирго хIалги кинха гьелъул букIун батилеб. ПатIиматица жинцаго абухъе лъимер расги гьечIеб букIун буго гьабураб мехалъ. Гьелъухъеги кодобеги кьун буго гьеб. Нухда гъаргъариялда дунялалъул заманги бан, къо щвелалде гьабураб лъимер кин чIаго хутIилеб. Амма лъимер чIаго хутIизе рес букIана. Гьелъ абулеб буго расги букIинчIила лъимадейилан».

Лъималазул азарханаялъул хIалтIухъабаз абулеб буго лъимер бачIиндал танкан гьелъухъ хал гьабунила, амма цIа бахун, лъикI ракI хIалтIулареб лъимаде кумек кватIун букIанила. Тохтур Дарбишева Хадижатил рагIабазда рекъон, гьез бажарараб жо гьабун буго лъимер хвасар гьабизе, амма кумек кватIун букIун буго. Гьелъул рагIабазда рекъон, Сахратулаевагун азарханаялде витIун вачIун вуго гIицIго цо фельдшер. ГIайибги мухъалъул азарханаялда буго. Гьединал лъимал шагьаралде рачине хасаб реанемобиль яги вертолет битIулила, амма азарханаялъул хIалтIухъабаз тIалаб гьабун гьечIила гьебилан бицана Хадижатица.

Дарбишева Хадижат: «Лъимер бичигун бичIана захIматаб хIалалъ букIин гьеб. Лъимер хъахIилъун букIана, сах-саламат хIохьелги цIалеб букIинчIо. гьелдаго цадахъ цIа бахунги бугоан. Дица фельдшералалда абуна, кинин гьаб лъимер гьанибе бачине кIвараб, нужедаго бичIулищин гьанибе бачIараб лъимадул хIал кинаб бугебалийилан».

Гьединал лъимал шагьаралде рачине хасаб реанемобиль яги вертолет битIулила, амма азарханаялъул хIалтIухъабаз тIалаб гьабун гьечIила гьебилан бицана Хадижатица.

Дагъистаналда гьарурал лъимал тохтуразул гъалатIалда хвеялъул хIужаби гIемер руго, гьедин Россиялъул сахлъицIуниялъул баяназда рекъон, гьарурал лъимал хвей тIолго Россиялде данде ккун Дагъистаналда гIемер буго ва 14 % бахунеб буго, гьебго заманаялъ цогидал регионазда гьеб тарих гьоркьохъеб куцалъ 12% бахунеб буго.

Экспертаз рикIкIунеб буго гьеб хурхараб бугин рикIкIада ругел мухъазде хехаб кумек лъимадеги эбелалъеги тIаде щвезе кидаго рес букIунгутIиялда. Гьенире ругел квешал нухал хIисабалде росун, хасго хасало. Гьединлъидал, гьединал мухъазда ругел азарханаязда чIезаризе ккелила шартIал шагьаралъул кумекалде хIажалъи кколареб хIалалъ. Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул баяназда рекъон гьарурал лъимал хвеялъул аслияб бутIа кколеб буго мухъазул азарханаязда.

Гьедин, Хунзахъ мухъалдаса Саидова Сапиятие мухъалъул азарханаялда 7 моцIиде гьавун вуго вас, эбелалъул рагIабазда рекъон, лъимер чIагояб букIун буго. Радалиде лъимер хун батун буго. Тохтурзабаз гьеб лъимер чIаго хутIиялъе азарханаялда чIезарурал ресал гьечIин таниги, шагьаралдаса хехаб кумек ахIизе рес букIанилан рикIкIунеб буго эбелалъ. Гьеб букIун буго Сапиятил кIиабилеб лъимер, тIоцебесебги тIаде къо щвелалде гьабун хун буго.ТIокIаб мухъалъул тохтурзабазда божилъиги гIечIогон, Сапият шагьаралда чIун йиго рукъги ккун. МахIачхъалаялъул кIиабилеб азарханаялда гьабун буго гьелъие лъабабилеб лъимер. ГьабсагIат Сапият йиго 4 моцI барав васасул талихIай эбел.

Амма шагьаралъул азарханаяздаги гуро кинабго лъикI бугеб: 4 соналъ цебе гьебго 2-абилеб лъимал гьарулеб рукъалда сверун бахъун букIана ахIи, гьений тохтуразул кумекги щвечIого хвана Елена Ибрагьимова, лъимерги хвасар гьабизе кIун гьечIо. Гьеб тIоцебесеб гуро гьединаб лъугьа-бахъин букIараб лъимал гьарулеб рокъоб. ГIайибил тамихIалде ахIун руго, амма ахIвал-хIал хисун гьечIо; 2012 соналъ гьебго лъимал гьарулеб рокъоб Сакинат Расуловалъул лъимер хун буго, эбел-инсуца гIайиб гIунтIизабулеб буго тохтурзабазде, амма тохтурзаби чIун руго гьеб хварабго гьабун букIанилан. Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул баяназда рекъон, 2014 абилеб соналъул тIоцебесеб бащалъиялда республикаялда кинабниги 26877 лъимер гьабун буго, гъоркь соналде данде ккун гьеб 1181 лъимералъ цIикIкIун буго. Гьелдаго цадахъ хварал лъималазул къадар буго 12, гъоркьисала гьебго заманаялъ хварал лъималазул къадар букIун буго 13. Дагьищ гьеб гIемерищали абизе кIоларин, амма гьел жеги дагь гьаризе ресал ругилан рикIкIунеб буго сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабаз.

XS
SM
MD
LG