МагъчIваялъе рес

«Аляскаялда» ккуна ансадерил депутатазул нухмалъулев


24 августалда МахIачхъалаялде жанире рачIунеб «Аляска» абураб посталда низам цIунулез ккуна Унсоколо мухъалъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъулев Асадула Дибирасулаев.

Гьес пачалихъалъул гIарцуе хIилла-макру гьабиялда щаклъи ккун рагIула ЦIех-рехалъул комитеталъул. ЦIех-рех гьабизе вачIуневги вукIинчIого, низам цIунулез валагьулев вукIун вуго гьев.

Низам цIунулезул баяназда рекъон, Унсоколо мухъалъул депутатлъун вугеб мехалда бакIалъул администрациялде гIарза кьун букIун буго Асадула Дибирасулаевас Рихьуни азархана базе хIажат бугилан. Гьеб мехалда киналго депутаталги тIадрекъон, лъабго млн-лде гIагарун гъурущ биччан буго гьеб суал тIубаялъе. ЦIех-рехалъул дагIба буго кинабгIаги аукционги тIобитIичIого, бакIал раялъулгун ремонтал гьариялъе хIажатаб кинабгIаги лицензияги гьечIого, Унсоколо мухъалъул администрациягун къотIиги хъван, Дибирасулаевас жиндаго тIаде босун бугин Рихьуни азархана баялъул иш. БакIал ралеб цо фирмаялъулгун хабарги рекъезабун, Унсоколо мухъалъул администрациялдасан биччараб гIарац гьенибе рехизабиялъул суалги буго гьениб гьоркьоб. Гьеб киналдаго тIаде, экспертизаялъул баяналда рекъон, 1 млнгун нусазарго гъурщица цIикIкIун бихьизабун рагIула гьабураб хIалтIиги.

Асадула Дибирасулаевас млн гъурущ тIокI гьабурабин абулеб Рихьуни азархана рагьизе исана гьениве сахлъи цIуниялъул министр Танка Ибрагьимовги вачIун вукIана. Кутакалда лъикIаб азархана бугилан беццунги буго. Гьедин бицана ЭР-ялъе Рихьуниса жамгIияв хIаракатчи МухIамад ГIалихIажиевас.

МухIамад ГIалихIажиев: «Рихьуни азархана бан букIана цебегIанго. Амма гьеб цIидасан къачIазеги къачIан, участкаялъул азархана гьабизе ккун букIана. Цинги Асадула Дибирасулаев депутатлъун ккедал, гьес квербакъана гьелъие».

ЭР: «Гьеб бакIалда гьоркьосан тIокI гьабунилан гурищ абулеб бугеб доб гIарац?»

МухIамад ГIалихIажиев: «Гьедин абулеб бугоха, амма цIидасан рикIкIине ккола гьеб, ахIун лъидаго рачIел эксперталгун».

МухIамад ГIалихIажиевас бицухъе, гьеб гIарцул хIисаб гьабун рагIула экономикиял такъсиразда данде къеркьолеб жанисел ишазул министерлъиялъул бутIаялъул хIалтIухъабаз, цинги материал кьун бугила цIех-рехалъул комитеталъухъе.

ГIарац тIокI гьабиги багьанадуй бачун, лъица бугониги Асадула Дибирасулаевасе гъолеб къор батилин рикIкIунеб буго гьев лъалел гIадамаз, щайин абуни гьев тIуван батIияв чи вугила. Масала, ЭР-ялъе гьединаб пикру загьир гьабулеб буго дагьалъ цеве Шамилхъалаялъул администрациялда хIалтIулев вукIарав Рашид МухIамадовас.

Рашид МухIамадов: «МухIканлъи лъалароха, гьабсагIат дицаги цIалана интернеталдасан гьев (Дибирасулаев) ккун вугилан. Нижгоги гIажаиблъун руго. Амма гьесул нух гуро гьеб. Кутакалда яхIги, динги, намусги бугев вас вуго гьев. Гьеб хъулухъалде лъугьиналдеги жидерго мажгитги мадрасаги цебетIезабулев вас вукIана. Гьеб гIицIго дир пикру гуро, росдалго, гьаб мухъалъулго бугеб пикру ккола».

Дибирасулаевас тIокI гьабурабин рехсолеб пачалихъияб гIарцул цо млн гъурущ гьедигIан кIудияб хIилла-макруйищин гьими рещтIунеб буго цо-цоязде.

Асадула Дибирасулаев Унсоколо мухъалъул депутатазул гIуцIиялъул нухмалъиялде вищун вукIана гъоркь вукIарав нухмалъулев МухIамадхIабиб МухIамадгIалиев чIван хадув. Гьев чIвана гъоркьисала марталда МахIачхъалаялда хасаб операция тIобитIараб минаялъув.

XS
SM
MD
LG