МагъчIваялъе рес

Прокурорасул кумекчи кафеялъув кьвагьдана


МахIачхъала шагьаралъул прокурорасул кумекчи Фарид Ханамировасда сверухъ цIех-рех байбихьун буго

Республикаялъул прокуратураялъул баяназда рекъон, вацгун цадахъ сардилъги вачIун, Ярагъ-Казмаляр абураб росдада аскIоб бугеб кафеялда рукIарал чагIазде кьвагьдезе лъугьун руго. Кьвагьараб жоги бохдуздаги горбодаги щун, цо чи азарханаялде хъамун вуго. Фарид Ханамировасда цадахъ гьеб мехалда вацги жеги цоги чиги вукIанин абулеб буго. Амма кафеялда жаниб кьвагьдейги бахъинабун, гьел гъоб параялъго кафеялдаса нахъе анин бицунеб буго цIар абизе бокьичIев чияс. Гьеб киналъего гIиллалъун ккун буго дов лъукъарав чияс Ханамировазул яц хIакъир гьайи. Гьедин хъвалеб буго республикаялъул прокурорасул сайталда.

Дагъистаналъул прокурорас гьеб хIужаялда бан цIех-рех гьабизе МухIарамкент мухъалде ритIун руго прокуратураялъул хIалтIухъаби.

Цо-цо баяназда рекъон, кьвагьдарав прокурорасул кумекчи кколев вуго МухIарамкент мухъалъул прокурорасул вас. Гьес лъукъаравин абуни – Къилбаялъул рахъалда Дагъистаналъул президентас тарав вакиласул гIагарав вас.

Бицен гьабулеб хIужаялда бан гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе МахIачхъалаялдаса юрист Руслан Амировас.

Руслан Амиров: «КигIан нилъее бокьичIониги, Дагъистан гIадаб гIадатал цIунун хутIараб республикаялда гIемерисел хIужаби диваналде щоларо. Щванигицин гьезда рекъон мустахIикъаб хIукму къотIуларо диванчагIаз. Хасго низам цIунулез гьабулел такъсиразда хурхун. Масала, гьединал киналго такъсиразда гьоркьоса цIех-рех гьабулеб батула 10-15 проценталъул. Гьел процентазулги цо яги кIиго процент щола диваналде. Гьанже республикаялда нухмалъулевги хисана, прокурорги цIияв вуго. Къанунал цIуниялда сверухъ дагьа-макъалго реформаби гьаризе гьез хIаракат бахъулеб букIин бихьулеб буго. Кир гьаричIониги, тIоцере гьенир гьаризе ккола гьел. Щайгурелъул цогидал идарабазда гьарулел реформабазе детонаторлъун лъугьине руго гьел».

Низам цIунулез гьарулел такъсиразде тIадруссани, гъоркьисала хасало МахIачхъалаялдаги ккун букIана 43 сон барав полициялъул капитанас лъабго чи чIвараб хIужа. Гьеб мехалда кутакаб ахIи-хIур бахъун букIана. Гьеб мехалда президентасул тIадкъаялдалъун гьев чи тIокIалъ политциялда хIалтIун бажаруларедухъ хъулухъалдаса махIрум гьавун вукIана. Кьварараб бадибчIвай гьабун букIана жанисел ишазул министрасеги.

XS
SM
MD
LG