МагъчIваялъе рес

Ва ана ГъалбацIов, ва хутIана рекIелъ...


ГъалбацIов ГъазимухIамад
ГъалбацIов ГъазимухIамад

МоцIалъ цеве камуна магIарулазул цIар рагIарав хъвадарухъан, драматург ва журналист ГъалбацIов ГъазимухIамад. МагIарул адабияталъулъ гьесул букIана лъиданиги релълъинчIеб нухги, хатIги. МагIарулазе кинаб гьунаралъулги, гIакълуялъулги чи камурабали гIадамазда жеги хадуб гурони бичIчIизе гьечIо. Гьедин рикIкIунеб буго гьев ва гьесул творчество лъалез.

Цо магIарул росулъ бечедай ясги йокьун гьелда хадув цойги бакIалде гочинилан лъугьун вуго пуланав гIолохъанчи. Гьев цо гурони гьечIев васасда гьарун буго эбелалъ унгейин мун росулъайилан, нусалъ абун буго инилан, гьелдаго хадуб васасги такрар гьабун буго инилан. Чанго нухалъ гьарун буго гьелъ бечелъиялъе гIоло росуги, жийги реххун тун цойгидаб бакIалде унгейилан, амма гьелъухъ гIинтIамун гьечIо васас. Гьедин хIатIилгIицIго йилълъун ячIиней йигел эбелги васги нусги росурагIалда бугеб васасул инсул хабаде аскIоре щола, гьеб мехалдаги эбелалъ гьарула унгейин гьаб инсул хобги тунилан, унин гьавилан абула нусалъ, унин тIадрекъола васги.

Ахиралдаги жиндица нужее къваригIанщинабги гьабилила, жинда аскIор рокъор чIайилан эбелалъ гьарараб мехалда нусалъ абурабила накалдаги чIчIун гьарейилан. Эбел васасухъ балагьула, нусги ясагьула гьесухъ. Щайин мун вуцIцIун чIун вугевин, дуе гьаниса жий жийго цохIо инейищин бокьун бугебилан абула гьелъ жиндирго росасда. Гьеб мехалъ васас абула эбелалда дуца гIодо накуги чIван гьарейин жидедайилан, гьедин эбелалъул наку ракьалда хъвалеб мехалда я цIадаца, я бакъуца кьватIизабун букIинчIеб, гьев васасул инсул зани кьватIула…

ТIоцебе гьеб къокъаб хабар цIалун хадуб чангиязул черхалда гъаргъар щвезабулеб батила, магIуйищ, ургъелищ, ракIбухIийищ, тIаса лъугьайин гьаризе кватIун букIиналъ унтараб ракIищ, ригьтIа рекIеда ратизариялъул роххелищ.. щибали мухIканго лъалареб гIемераб батIи-батIияб, жуба-гъубараб жо лъугьуна чиясул ботIролъ. Инсанасул гьебгощинаб хIалхисизабулеб хъвай-хъвагIай гьабизе бажарин гьеб буго унго унгояб гьунар. Чи велъизавизе яги гIодизавизе гIемераб жо къваригIунаро, амма гьев ургъизе тIамизе ккани чанги къо бихьула.. Гьедин бигьаго велъулев, гIодулезул ракI батизабулев, магIу бацIцIунев… гьелдаго цадахъ кидаго г Iадамал ургъизе тIамулевлъун хутIана халкъалъул рекIелъ моцIица цеве нилъедаса ватIалъарав магIарулазул машгьурав хъвадарухъан ва журналист ГъазимухIамад ГъалбацIов.

ГъалбацIовилан абураб мехалда нужеца цеве щивин чIолевин абун лъица цIеханиги, гIемерисез абула гьев вукIанила кидаго велъулев, ахIи-хIуралда квана-гьекъолеб бакIазда вукIунев, къачIа-кIатIарав, къамартIав, берцинав, цо-цо лъиданиги ричIчIуларел жиндирго жал-жалги рицунаго гъогъол лъар гIадин вукIунев чийилан. Амма гьесул асаразухъ балагьун батIияв ГъалбацIов вихьула.. гьев лъикI лъалезги абула тIадевалагьун вугевги, унго-унгояв ГъазимухIамадги батIи-батIиял чагIи ругилан. ГIадамазда лъаларев ГъалбацIов кинав чийин вукIаравин абураб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна гьесда цадахъ хIалтIулей йикIарай, гьанжеги ГъалбацIовасул творчествоялда тIад хIалтIилей йигей, БакьайчIиса МухIидинова Бахуца:

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:18 0:00
Интернет-мухъ

НекIсиял румазул аби буго цойгидазда релълъинчIев чи рикIкIине бегьулила кутакалда талихI къарав чилъунила, гьединал чагIи жамгIияталъ къабул гьаруларила, гьез жидерго нух тIаса бищун бугони, гьеб букIунила халкъ тIасан хьвадулеб шагьра нух гIадаб гуреб, къваридаб, зазилги, гъогъолги цIураб сухъмахънухилан, нагагь гьеб нухда хIетIе тарани, гьев гIодов кканиги лъицаниги гьесухъе квер кьоларилан, амма гьеб нух тIаса бищарав чи вугила унго-унгояв бахIарчийилан. Гьедин гIадамазда халкъ тIасан хьвадулеб болкъотIносан векерахъдулев вугин ккарав ГъазимухIамад ГъалбацIовги жиндирго сухъмахъалдасан ине вукIана, амма гьеб бокъинабулагоги гьесда чанги къо бихьанин бицунеб буго «Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадица.

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:21 0:00
Интернет-мухъ

ГъазимухIамадица жиндирго гьалмагъзабазда кидаго абулеб букIун буго гьеб хвел нилъ хIинкъизе кколеб жо гурила, хунин абун живги нужеда вихьичIониги кидаго нужеда аскIов вукIунила, жив кивениги унарилан. Гьесул творчествоялъулъги хвалил лъалкI камураб бакI цIакъ къанагIат гурони гьечIо, щибин дуца дуего гьарилебин цIехараб мехалдаги гьес абун букIун буго бигьаяб хвел гьарилилан. Гьес жиндир заманалда хъвана кинаб нухдасан вилълъунев вукIаниги, щиб иш пишаялъул, рагъа-ракариялъул чи вукIаниги, киналго нухаз нилъ хвалде рачунилан. Киналго нухал хвалил кIалтIа цолъулел ратила, гьеб нухдасан свери босизеги кIолеб батиларо лъиданиги, амма щивасда кIола жиндиего нух тIаса бищизе.

ГъазимухIамадица бищараб нух букIана магIарул халкъалъул кьвариги, къвакIиги хIинкъигьечIолъиги бихьизабулеб мугIрул тIогьисан байбихьулеб сухъмахънух, хадуб гьеб буссунаан гьесул ракIги кверги гIадаб гIатIидаб, эркенаб шагьранухде, кинабго гьеб нухда рукIана гьесул пикрабазда релълъарал кIичI-кIичIарал свералабиги.. амма гьеб нухлул авалги ахирги лъун букIана халкъалъул рекIелъан.

XS
SM
MD
LG