МагъчIваялъе рес

Казбек мухъалъул нухмалъулевги, гимнги, радиоги…


Рамазан ГIабдулатIипов
Рамазан ГIабдулатIипов

23 июлалда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас чIагояб эфиралдасан жавабал кьуна дагъистаниязул суалазе.

«ТIалъиялдехун халкъалъул божилъи» абун букIана темаги. Гьал къоязда Казбек мухъалъул нухмалъулев хисизе вукIин гурони, гьанжелъагIан дагъистаниязда рагIичIеб жо гьениб бицинчIо, гIицIго цо-цо суалал цIакъго мухIкан гьарун гурони. Масала, Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалда, Дагъистаналда гIолилазул министерлъи гIуцIиялда, республикаялда сахлъи цIуниялда, МахIачхъалаялда цIияв нухмалъулес гьарулел хиса-басиязда, школазда цогояб пачалихъияб экзамен кьеялда тIасан мухIканлъизарурал суалал рукIана гьел.

Халкъалъ тIалъиялда божилъи гьабиялъул бицунеб букIиндал, ахираб заманалда хъулухъаздаса рахъарал бакIалъул нухмалъулезулги бицана гьениб. Гьал гIагарал къоязда вахъизе вугила Казбек мухъалъул нухмалъулев ГIабдулла МахIачевги. Гьесдаса разилъи гьечIолъи бихьизабун гIезегIан митингалги гьаруна, гIарзалги хъвана Казбек мухъалдаса гIадамаз. Гьедин гьанже гьесул бакIалда тезе вугин гIолохъанавги хIалтIизе бажарулевги чиян абуна Рамазан ГIабдулатIиповас. Щивали абичIо.

Казбек мухъалдаса щварал баяназда рекъон, гьев чи кколев вуго гьенив полициялъул нухмалъиялда вугев Мусаев ХIажимурад. ГIабдулатIиповасе гьев чи щай данде ккаравали жидеда бичIчIуларин, амма жал гьесда рази гьечIилан бицана ЭР-ялъе Нургьамудин Идрисовас. «Казбек» абураб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев ккола гьев.

Нургьамудин Идрисов: «Гьев вуго МахIачевазул (Казбек мухъалъул нухмалъулев ГIабдула МахIачевасул хъизаналъул – авт.) чи. Нижер кутакалда щулияб пикру буго гьев нижее данде кколарин абун. Ахирал соназда гьаб мухъалда гьарурал бикъа-хъамиязе, бюджеталъул гIарац пасат гьабиялъе ва цогидалъе кинабгIаги дандечIей гьабичIо ва гьеб бахчана гьес. Жакъа дида лъаларо президентасда кинан гьев ватаравали. Жакъа нижер гIадамазул, гьединго «Казбек» абураб жамгIияб гIуцIиялъул пикру буго кинаб букIаниги цIилъи гьев инсанасдаса нижер мухъалъе букIине гьечIо. Кинаб букIаниги гIадлу администрациялда жаниб гьабизеги гьечIо. Я политикияб, я социалиябгун экономикияб рахъалъ хIалтIи гьабизе гьев хIадуравги гьечIо. Гьединго гьев живгоги полициялъул нухмалъиялдаса вахъулев вугилан букIана дагьалъ цебеги хабар. Президентасул хIукмаби нахърахъизе кIоларо нижеда, амма нижер мухъалда бугеб хIакъикъияб хIал кинаб бугебали бицине тIадаб бугоха».

Гьелда бан «Казбек» абураб жамгIияб гIуцIиялъул рахъалдаса республикаялъул нухмалъулесухъе битIизе хитIаб хIадурулеб буго Нургьамудин Идрисовасги гьезул ракьцоязги. 25 июлалда тIобитIулеб сессиялда абуни Казбек мухъалъул депутатаз къабул гьабизе буго хъулухъалдаса унев вукIиналда бан ГIабдула МахIачевас хъвараб гIарзаялда гъоркь.

Республикаялъул нухмалъулесулгун букIараб чIагояб эфиралда хабар ккана Дагъистаналъул гимналда тIасанги. Гьеб рагIарабго жинда республикаялъул мухъаздаса гIадамаз рачIунел гIарзал цере чIолин абуна Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьеб суалалъ кIийиде рикьизарун ругин абизе бегьула республикаялда гIадамал.

Гимналъул автор Ширвани Чалаевасул музыка бичIчIуларев, яги гьесда дандечIарав чи гурин живилан абуна Рамазан ГIабдулатIиповас. Москваялда гьесул операби лъезе кумекгицин гьабун букIанила жинца. Амма опера цо бугила, гимн батIияб жо бугила. Гимн ахIулеб рагIарабго нилъ нилъецаго цIумаллъун церечIезаризе кколин, гьединго рагIабиги цадахъ ругеб гимн хIажат бугин Дагъистаналъеян абуна республикаялъул бетIерас.

Бицен гьабулеб суалалда тIасан гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе жиндирго пикру композитор Абакар ГIумархIажиевас.

Абакар ГIумархIажиев: «Бокьараб гимналъ чи кантIизавизе, яги цониги гьунаралде ахIула. Амма гьабсагIаталда бугеб гимналъулъ мугIрузул махI абураб жо щибниги гьечIо. Нилъер хаклъги чIухIараб, къадруяб гьечIищха. Гьелда релълъун букIине ккола гимнги. Гьединго рагIаби гъорлъ гьечIеб гимнги букIунаро. Гьединан гимн къабул гьаби кIудияб гъалатI ккола. Бокьараб жо ккани, чи цIадаве кIанцIулеб куцалда хъвазе ккола гимн».

23 июлалда букIараб гьеб эфиралда тIасан журналист Муса Мусаевас хъвалеб буго информация тIибитIизабулел алатазда гьоркьосан бищунго квешаб интернет бугилан абунила Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьелъул хIакъалъулъ хабар ккана радиогун телевидение бихьизабулел сиял лъеялъул бицунаго. Гьезул кумекалдалъун советияб заманалда букIараб гIадаб радио рагIулеб куц щайин нужеца гьабулареб, телевидениялдагун интернеталда дандеккун гьелдехун гIадамазул божилъи цIикIкIараб букIунин абуна ГIабдулатIиповас.

XS
SM
MD
LG