МагъчIваялъе рес

Бищун "камилаб" гьереси-гIарац дагъистанияз гьабула


Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон, Дагъистаналда ккун буго гьереси-гIарац гьабулел чагIазул къокъа. Аслияб куцалда гьез щуазарго гъурущ къотIулеб букIун буго. Абулеб буго гьелдаса щвараб хайир хIилла-чагIаз террористазе битIулеб букIун бугилан.

Гьереси-гIарац къотIулел чагIи Ростовалдагун Дагъистаналда ралагьизе байбихьун букIун буго жанисел ишазул министерлъиялъулгун хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул хIалтIухъабаз. Гьезул кинавниги 300 гIан чи вукIун вуго.

Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул официалияв вакил Андрей Пилипчукица гьадин баян гьабулеб буго гьеб хIужа.

Андрей Пилипчук: «Гьеб къокъа тIатинабизе байбихьун букIана гъоркьисалаго. Гьеб мехалда лъана Шималиябги Жанубиябги Кавказалда гьеб гьереси-гIарацги бичун хIилла-чагIазе цо млн-са цIикIкIун гъурщил хайир щун букIин. Гьедин гьереси-гIарац гьабулел чагIазул рукъзабахъги, офисаздаги, гаражаздаги 23 чIухь бана. Гьениб низам цIунулезда батана гьереси-гIарац гьабулеб алатги, щуазарго гъурщил багьаяб гъурщил сурат кIиябго рахъалъан бахъараб чанго флеш-картаги, нусго долларалъул сурат кIиябго рахъалъан бахъараб негативги».

ГIаммаб куцалда абун гурони, хас гьабун Дагъистаналъул киб бакIалда гьел хIилла-чагIи тIатинарун ругелали баян гьабулеб гьечIо низам цIунулез. Гьединго гьереси-гIарцудаса щвараб хайир террористазе кьеялда банги гьечIо чIванкъотIи. Гьединабго гIиллаялда бан, ай террористазе кумекалъе битIулеб букIанин щвараб хайиринги абун, гIезегIан банкалги къана Дагъистаналда.

Амма гьереси-гIарцуда бан абуни, цебегоялдаса нахъе жалго низам цIунулез кIудияб къимат кьола Дагъистаналда гьабулеб гьереси-гIарцуе.

Гьебго пикру тасдикъ гьабулеб буго ЭР-ялъе ЛъаратIа мухъалда экономикиял такъсиразда данде къеркьолеб полициялъул хIалтIухъан ГIалиев Рамазаница.

Рамазан ГIалиев: «Низам цIунулез гIемерисеб мехалда абулеб жо бугоха гьеб – хъачагъазе кьолин хIиллачагIаз гьелдаса щвараб хайир, гьезда нахъа хасал къуватал ругилан. Дидаги гьедин ккола, ратизе рес буго. Лъица батаниги кумек гьабулеб буго гьезие. Россиялда бищунго тIибитIун буго Дагъистаналда гьабураб гьереси-гIарац. Хабаров мухъалда гьеб гIарац гьабулев ватанин цо лъаратIисевилан гьесул рокъор чIухь базе гьанире магIарухъе рачIун рукIана низам цIунулел. Гьеб рахъалъ бищун камилал махщелчагIи дагъистаниял руго».

Гьереси-гIарац гьабулел чагIи аслияб куцалда шагьаразда гурони, магIарухъа гIебеде дандчIваларин бицана Рамазан ГIалиевас. Гьебги цебе аза-азар гъурщил кагътал къотIулел рукIун ратани, гьанже аслияб куцалда щуаза-азар гъурщил кагътал гьарулила.

Гьелда бан гъоркьисала декабралда МахIачхъалаялдагун Избербашалдаги ккун вукIана щуго чи. Гьереси-гIарацго гIадин, ярагъги батанин гьезухъилан абун букIана низам цIунулез. Масала, хIилла-чагIазул цояв ватана Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул депутатлъунги казначейлъиялъул нухмалъиялъул хисулевлъунги вукIарав ГIисахIажи ХIажиев. Гьелдаса лъагIалица цебеги, 2012 соналъул марталда МахIачхъалаялда тIатинабун букIана гьереси-гIарац къотIулеб цехги. Гьениб батун букIана гIарац къотIулеб щуго алат.

Гьединабго цех 2011 соналъул хаслихъеги тIатинабуна МахIачхъалаялда. ГIарац къотIулел алаталги, релъеналги, гьереси-гIарцул суратал рахъулеб хасаб программа жаниб бугеб компьютерги, кагъатги, гьелда тIаде Калашниковасул автоматги батун букIана гьениб. Ккун вукIана ичIго чиги.

XS
SM
MD
LG