МагъчIваялъе рес

Къанун цIунизейин рахъараз жидецаго хвезабизе бегьуларо гьеб


Майданское росулъ аскариял, 4 июль 2014
Майданское росулъ аскариял, 4 июль 2014

Жакъа Унсоколо мухъалъул Балахьуни, Майданское, Зирани росабалъ ахIвал-хIал парахатаб буго. Гьенир рукIарал аслиял аскаралги нахъе ун руго чIовудабакIазда гьитIинал къукъабиги тун. Гьедин бицана гьел росабалъа гIадамаз Эркенлъи Радиоялъе. Щиб кколеб букIараб гьел къоязда гьел росабалъ ва щай иш гьелде ккараб?

Лъалеб букIахъе, рехсарал росабалъе, батIи-батIиял баяназда рекъон, азаридаса чанго азариде щун аскарияв рещтIун вукIана 4 июлалда. Гьеб мухъалда лъазабун букIана контртеррористияб операциялъул низам ва рукъ-рукъккун чIухь балеб букIана, хасго Майданское росулъ.

Операциялъул хIасиллъун ккана чIварав бакIалъул анкьго чиги кьвагьизабураб ункъго рукъги.

Низам цIунулезул чIван вуго цо ва лъукъун вуго ункъго чи.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:46 0:00
Интернет-мухъ

Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе Майданское росулъа Мурадица. КIалъалесул гьариялда рекъон, гьесул цIарги гьаракьги хисизабун буго.

Мурадица бицухъе, гьезул росулъ ругел гIадамазул ццим бахъизабун буго ва гьезда бичIчIулеб гьечIо низам цIунулез рокъоса сурав босизейин абун вачун арав ункъго чи чIван рехун ватиялъ. Гьел руго Пайзулаевал МухIамадрасулги МухIамадги, ГьитIинов АхIмадги, МухIамадов ХIажимурадги. Гьезул бищун кIудиясе букIун буго 35, гьитIинасе 21 сон.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:26 0:00
Интернет-мухъ

Мурадица бицунеб уяблъун гьабулеб буго гьебго росулъа Салманицаги. Гьесулги цIарги гьаракьги хисизабун буго нижеца гьесул гьариялда рекъон.

Мурадица бицунелде тIаде Майданское росулъа чIваразда хурхун гьесухъ буго дагьабго цIикIкIун баян.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:39 0:00
Интернет-мухъ


ТIубарал росабиги чанго къоялъ сверун ккун, гьениса къватIиве ва гьениве жаниве чиги виччачIого, авал-авал ккун росу бикь-бикьизеги гьабун, гIадамал цоцазде тIаде гъоркьеги риччачIого гьарулел гьединал тадбираз гIадамазул рекIелъ ва лъималазул психологияб рахъалъ сахлъиялда лъалкI течIого хутIуларин рикIкIунеб буго Салманица.

Гьесул пикруялда, къанун цIунизейин рахъарал чагIаз жидецаго хвезабизе бегьуларо къанун.

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:34 0:00
Интернет-мухъ

Нужер росулъ рукъзал кьвагьиязариялде дур кинаб бербалагьи бугебин, гьеб ритIухъ гьабулеб жо щибин букIине бегьулебин гьикъана нижеца Салманида.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:14 0:00
Интернет-мухъ

Жидер росулъ хасаб операция гьабиялъе низам цIунулезул гIураб гIилла букIун батилин ва гIолеб гIелалда гьоркьоб идеологияб рахъалъ хIалтIи гьабизе цебего заман щун бугин рикIкIунеб буго Мурадицаги.

please wait

No media source currently available

0:00 0:00:26 0:00
Интернет-мухъ

Чанго сон цебе чачаналъ билъанхъун букIараб ва ахирал соназда Дагъистаналда къуваталъул идарабаз хIалтIизабулеб терроризмалда яги изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кьералъ рукIиналда щаклъи бугезул яги гьезул гIагаразул рукъзал кьвагьизариялъул практика Израилалдаса бачIараблъун рикIкIуна регионалда.

Амма жибго Израилалда 2005 соналъул авалалдаго чIезе тун букIана гьеб практика. Доб мехалда Израилалъул улка цIуниялъул министрлъун вукIарав Шауль Мофазица буюри кьун буго «гIадамал хIинкъизариялъул мурадалда хIалтIизабулеб букIараб легалияб куцалда террористазул рукъзал риххизариялъул практика чIезабизе».

Гьелъие гIиллалъун гьез рехсолеб букIана гьадинаб хIужа «Израилалъул армиялда жаниб гьабураб цIех-рехалъ бихьизабун буго гьединаб куцалда терроризмалде данде къеркьеялъ кколеб хIасил кьолеб гьечIолъи»,-ян.

Гьединго абулеб букIана гьединал къагIидаби кьварун какулин инсанасул ихтиярал цIунулезгийин.

Жинца гьеб къагIида баккарабин абизе бегьулеб Израилалъ ичIго соналъ цебе хIасил кьоларебин абун жиндаса инкар гьабураб тактика щай хIалтIизабулеб бугеб жакъаги Россиялъул къуватал идарабаз яргъидгIуцIаразде данде къеркьолаго? Гьеб суал нижеца кьуна журналист ва рагъулав эксперт Александр Гольцие.

Александр Гольц: «ЯргъидгIуцIаралин абулел чагIазул бицунел нилъги ратани, цо рокъор рахчун низам цIунулезде данде кьвагьулеб гьезги батани, гьел жанир ругеб рукъ сверунги ккола, цо-цо мехалда кьвагьизеги гьабула, щайгурелъул гьел чIаго кверде росиялъул масъала гьениб лъицаго лъун букIунарелъул».

ЭР: Щиб жо кколеб контртеррористияб операциялъул низам? Гьеб чIезабураб бакIалда улкаялъул къанунал хIалтIулищ? ХIалтIулел ратани кинал хIалтIулел кинал хIалтIуларел?

Александр Гольц: «Цоги рукъзал кьвагьизариялъул баянал дихъ гьечIо.

Контртеррористияб операциялъул низам чIезабураб мухъалда гIумру гьабун ругел гIадамазул ихтияразе, узухъда, гIурхъаби чIезарун рукIуна гьеб операциялъул заманаялда.

Масала гьезул щал рукIаниги низам цIунулез ккуни, гьел щай ккуралин абун лъабго сордо-къоялъул болжалалда жаниб диванчиясе гьез жаваб кьезе кколаро.

Операция унеб мухъалда ругел рукъзабахъе кинаб букIаниги изнуги гьечIо лъугьине ихтиярги буго гьезул, гьениб чIухь базе ихтиярги буго.

Амма гьезул гьечIо зулму гьабиялъул мурадалда вахIщилъи гьабизе изну. Жидеца гьениб гьабуралъул жаваб кьезе ккола гьес операция лъугIун хадуб.

Узухъда, гIадамазул рукъзал кьвагьизаризе ихтиярги гьезул гьечIо».

Унсоколо мухъалъул росабалъ хасаб операция унаго интернеталда рукIана чIухь базейин абун гIадамазул рукъзабахъе лъугьарал аскарияз жидеда берцин бихьараб гьениса босун унеб бугин абурал харбал. Гьеб битIараб бугищин гьикъана нижеца Майданское росулъа Салманида.

please wait

No media source currently available

0:00 0:01:11 0:00
Интернет-мухъ

Салманица бицухъе гьезул росулъе рачIарал къуватал идарабазул хIалтIухъабазул хьвада-чIвади абизегIан квешаб букIинчIо гIадатиял гIадамаздехун, амма жидер щаклъи бугел чагIаздехун гIорхъи тараб хъачIлъи букIанин гьезул бицана гьес.

please wait

No media source currently available

0:00 0:02:23 0:00
Интернет-мухъ

Жакъа къоялде низам цIунулез ккун вуго Майданское росулъа жеги анлъго чи гьездаго гьоркьов росдал имамги. ЦIех-рехалъул ишал лъугIизегIан гьезие диванханаялъ чIезабун буго кIиго моцIалъул туснахъ.

XS
SM
MD
LG