МагъчIваялъе рес

Чиясул пикруялде данде «гулла» бугебгIан заманаялда...


​Араб соналда Дагъистаналда викъун вукIун вуго 200-гIан чи. Гьезулги цIикIкIунисел рукIун руго лъадилъун ячине ясал хъамиялъул хIужаби. РукIун руго гIарац бахъизелъун викъарав чанго чиги, камуфляж ретIарал чагIаз гIадамал рикъиялъул 30-гIан хIужаги. Гьел хIужабазда сверун такъсир гьабиялъул ишалги рагьун ругин лъазабулеб букIана араб соналъул хIасилал гьарулаго Дагъистаналъул прокурор Шахнавазов Рамазаница. ГIадамал рикъиялда ва рикъарал ралагьиялдаса сверун кинаб бугеб исана Дагъистаналда ахIвал-хIал?

Исана Дагъистаналда гIадамал рикъиялда ва рикъарал ралагьиялда сверун бугеб ахIвал-хIалалъул жеги лъазабулеб гьечIо къуватал идарабазул вакилзабаз, амма инсанасул ихтиярал цIунулезул баяназда рекъон, республикаялде цIияв нухмалъулев вачIаралдаса гIадамал рикъиялъул ва гьел полициялъул бутIабазда рухиялъул хIужаби цIикIкIунисеб нухалда кIвар кьечIого толел руго ва гьелдалъун гьединал хIужабиги цIикIкIунел руго. Гьедин бицана Эркенлъи Радиоялъе «Правозащита» абулеб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун централъул нухмалъулей Рустамова Гульнараца.

Рустамова Гульнара: «РакI чIун абизе кIола ахираб заманаялда Дагъистаналда гIадамал рикъиялъул хIужаби цIикIкIун ругин. Дица гьеб хурхинабула республикаялъул нухмалъи хисиялда. Цере рукIарал нухмалъелез гIадамал рикъиялда яги гьезие гIакъуба кьеялда тIасан хъварал гIаразабазе кIвар кьолеб букIун батани, Рамазан ГIабдулатIипов нухмалъуде вачIаралдаса гьединал гIарзаби хъваялъул пайдаго бихьулеб гьечIо, гьезул хал гьабулареб букIун.

Дида ккола гьеб кинабго гьесда бараб иш бугин. Масала Хважалмахьиялда чIужугIаданалъе зулму гьабиялъул ва гьей чIваялъул ишалъулцин гьабулеб гьечIо цIех-рех. Къалел руго махтабал, кафеял, хIалтIудаса рехулел руго, гьезул пикруялда, диналъул батIияб гIаркьел ккурал бусурбаби. ТIадецуй гьабулеб буго киса-кибего. Цебе политика дагьаб тамахаб букIун батани, гьанже гьеб лъалаго кьваризабун буго. Москваялдаса гьединаб лъазаби рещтIун батилаха гьезухъе. Диналда тIадчIарал бусурбабазе тIадецуй гьабулеб буго.

Цо заманаялда гьанир Дагъистаналда рукIана диван къотIичIого цересанккун гIадамал чIваялъул хIужаби. Хадуб гьел дагьлъана тIагIиналде ккун. Амма ГIабдулатIипов нухмалъиялде вачIаралдаса гьединал хIужаби цIикIкIунел руго. РакIалде кколеб буго чачаназул хIалбихьиялдаса пайда босизе ракIалде ккун бугин гьесдайин. ГIададайищ гьесул тIоцебесеб сапар Чачаналде букIараб? Доба малъун батилаха щиб гьабизе кколебали».

ЭР: Жидер гIагарал рикъараз яги рилараз гIарза кибе хъвалеб Правозащитаялдейищ полициялдейищ?

Рустамова Гульнара: «Гьез гIарза хъвала добеги гьанибеги. Нижеца кумек гьабула гьезие битIун гIарза хъвазе. ЦIикIкIунисеб нухалда гIадамазе бокьуларо полициялде гIарза хъвазе. Гьез рикIкIуна полициялде полициялдаса тIасан гIарза хъваялъул пайда гьечIин. Жидер гIагарал рилиялъул гIайибги гьез полициялда гьабула. Полициялда гурони тIокIаб лъида кIолеб эркенго шагьаралдасан ярагъгун кодоб камуфляжги ретIун, цо-цо мехалда гьурмалги рахчун машинаби хъамаризе тIамизе?

Полициялъе бокьуларо рикъаразда сверун гIарзаби къабул гьаризе. Гьез абула балугълъиялде вахарав чи вилиялъул гIарза лъабго къоялдасан гурони къабул гьабизе кколарин.

Нижеца гIадамазда бичIчIизабула гьеб гIарза хъваялъул ва полициялде битIиялъул хIужа чIезабиялъул бугеб кIваралъул, щайгурелъул, нагагь цо заманаялдасан гьев виларав чIванги рехун изну гьечIого яргъидгIуцIаразулъ вукIанин абиларедухъ. Абуниги гьесул лъалкI кисан биларабали лъан букIине. Гьезул гIарза къабул гьабулареб мехалда гьоркьоре лъугьуна ниж гьеб гIарза къабул гьабиялъул кIвар бичIчIинабизе ва чи викъиялда, гьесие зулму гьабулеб букIиналда хурхун нижер щаклъи бугин ва гьеб гIарза гьез къабул гьабизе кколин абун».

ЭР: Щибха гьабулеб полициялъ жидер гIагарав чи викъиялда бан гIарзаги босун гIадамал рачIун хадуб? Гьеб суал нижеца кьуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев ИбрагьимхIажиев Руслание.

ИбрагьимхIажиев Руслан: «ГIарза къабул гьабун хадуб полициялъ байбихьулаха жиндирго хIалтIи. ЦIех-рех гьабула гьев чи ахирисеб нухалда лъида кив вихьаравали, лъихъе гьес яги гьесухъе телефоналдасан ахIун букIарабали ва гь.ц. РукIуна эбел-эменгун кьаллъун лъимал рокъоса арал ва хадур тIадруссаралги хIужаби.
Риларалин абун лъазабурал "рохьор" ратиялъул ва полициялде гьез кьвагьиялъул хIужабиги рукIуна. РукIуна жалго рокъоре тIадруссунелги. ХIужаби батIи-батIиял рукIуна, гIаммгьабун гьезул бицине бегьуларо».

ЭР: Риларал гIадамал полициялда ратиялъул хIужаби гIемерал гурищха? Гьеб сулалъе жаваб кьолеб буго Гульнараца.

Рустамова Гульнара: «Узухъда руго. ГIемерал руго цо батIа босараб мисал ракIалде щвечIониги».

ЭР: Дица гьикъулеб буго гIагараз хъвараб гIарзаялда рекъон, полицияги хIалтIун гьезда риларал ратиялъул хIужабазул.

Рустамова Гульнара: «Гьа,гьечIо! Лъаларо. БукIунги батила, амма дида ракIалда гьечIо. Дида лъаларо».

ЭР: Дуца абуна риларал цо-цо мехалда ратулин. Гьел кир ратулел, жал кир ва щиб гьабулел рукIанин гьез бицунеб?

Рустамова Гульнара: «Гьел риларал цикIкIунисеб нухалда нижеца ратула цIех-рехалъул бутIабазда, изоляторазда, туснахъазда. ГIемерисеб нухалда гьел ратула гулби, тунчул яги наркотикал гьезул чунтбузухъеги рехун такъсир гьабиялъул ишги тIад рагьун. Узухъда, хадуб байбихьулаха адвокатаз хIалтIизе. Гьезда я бажарула гьезул ритIухълъи чIезабун яги бажаруларо. Амма, битIун бицани, гьезда бажарараб жоялъулги гьанже кIварцин гьечIо. Лъицаго гIадахъ росуларо гьезул далилал. Полицияги, прокуратураги, диванханабиги цоги киналго къуватал идарабиги -гьел киналго цоцалъ рессун руго. Гьел киналго цолъун адвокатазде дандечIун ругинаа бизе бегьула. Адвокатазе хIалтIизеги цIакъ захIмалъун буго. Гьез хъварал гIарзабиги тола кIвар кьечIого, гьез рихьизарурал къанун хвезабиялъул хIужабиги рихьуларо цIех-рехчагIазда.

ГIадамал рухиялъул, гьел хIужабазда сверун экспертиза гьабиялъул, щиб сабаблъун чияс живго гIайиб бугелъун вихьизавурали-гьеб киналъулго лъиего кIвар гьечIо.
Чи туснахъалъув тIамизе аслияб далиллъун гьес жиндаго бугеб гIайибалъул бицин тун батIияб цоги кинаб букIаниги далил къваригIунеб гьечIо. Иш гьедин бугеб гIанасеб заманаялда гьаб ахIвал-хIалги хисизе гьечIо».

Дагъистаналда гIадамал рикъиялъул хIужаби цIикIкIун гьечIин гьел баянал журналистазухъецин кин щваралин гIажаиблъулев вуго республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев. Гьесул пикруялда, информалатазда хъварабщинаб жоялда божизе кколаро.

ИбрагьимхIажиев Руслан: «Гьел баянал кидаго гурелъул ритIухъал рукIунел. Хъварабщинаб жоялда божизе бегьуларелъул.
Гьеб хъвараб жо мекъаб бугин баяналги кьола нижеца цо-цо. БукIуна яргъилаб дандечIей гьабуралъухъ гьел риларалин абулел чагIи чIваялъул хIужабиги. РукIуна цо-цоял киреялиго ун рукIун тIадруссиналъул хIужабиги».

ЭР: Бегьулищха гIадамал рикъиялда сверун хъвалебщиналда божизе? Чи вилиялъул хIакъалъул информалатаз кьолел баяназда гъоркь гIемерав чияс тола жиндирго комментарий. Халлъула гьениб гьеб бицен гьабулев чи вилун гьечIин, гьев «рохьове» лъутун вугин ва гьеб гIарзаги полициялде гьесул лъадуца ургъунго, гьел макъса лъакIде ккезаризе хъвараб бугин абулелги комментариял. Кинаб бугеб Гульнарал пикру?

Рустамова Гульнара: «Дица абила гьединал комментариязе цогIаги мисал бачейин. Нижеца бицунелъе нижеца рачуна мисалал щибаб хIужаялъе. Амма гьезул рукIунаро мисалал. Щибаб гIарзаялда хурхун нижеца рачуна далилал ва вихьизавула чи кив вугевали- изоляторалдайищ туснахъалъуйищали. Гьез бицун кеп босулеб буго ва гьезул рагIабазда божизе бегьуларо».

ЭР: Интернеталда гIемер ратула жамгIиял видеокамераз рахъарал гIадамал рикъун унеб куцалъул видеоял. Гьединал ахирисел хlужабазул цояб букIана, видеоялда гъоркь кьурал комментариязухъ балагьун, 9 июналда бахъараб Ханмирза ГIашурбеков викъун иналъул видео. Демократиябин ва къанунал цIунулебин абулеб улкаялда кин гьединал жал рукIине бегьулеб? Гьеб полициялъул ишищ? Полициялъул батичIони, щай полициялъ лъазабулареб гьеб лъил ишали?

ИбрагьимхIажиев Руслан: «Гьеб ургъунго бахъараб жо бугин абичIого тезеги бегьуларо. Гьениб берцинго рихьуларо я автомашинабазул номерал, я гьел гIадамазул гьумерал.
Амма къануналде данде кколареб куцалда гIадамал рикъиялъул хIажабазул цIех-рех гьабизе ккеларищха. Гьанибго абизе ккола цо-кIиго къоялда жаниб гьабун лъугIунеб хIалтIиги гьеб гурин».

ЭР: Гьеб ургъунго бахъулеб видео батани, лъица гьеб бахъулеб бугеб? Лъида кIолеб гьедин эркенго, сундукьаго хIинкъичIого шагьар бакьулъ гIадамал рикъизе? Гьеб лъицаялиго ургъунго гьабулеб иш батаницин цониги нухалда цониги гьединаб автомашина ккунищ полициялъ?

(видео)

https://www.facebook.com/photo.php?v=670049606382000&set=vb.100001309016996&type=2&theater

ИбрагьимхIажиев Руслан: «Дида кIоларо гьеб лъие къваригIун бугебали абизе ва цо киналалиго гIадамал нужеда рихьизаризе. Дида лъаларо щиб идараялъул чагIи гьелали».

Лъадул баяназда рекъон, жиндирго рос ГIашурбеков Ханмирзагун гьей телефоналдасан кIалъай йиго 9 июналда. Гьев ине кколев вукIун вуго жиндирго рокъове лъимада хадув ва хадуб гьеб жиндирго эбелалъухъе щвезабизе. Амма я рокъове, я жиндирго эебелалъул дове ГIашурбеков щун гьечIо. Гьебго сордоялъул къаси Унсоколо унев нуха чIварав чи гьев вукIин лъан буго гIагаразда. Гьединал лъугьа-бахъиназе полициялъул баян кинаб бугеб?

ИбрагьимхIажиев Руслан: «ГIашурбековасда хурхун официалияб версия буго документазул хал гьабизе полициялъ чIезавулаго гьес гьезде кьвагьанин абураб. Кибалиго чIунищ гьеб букIарабали. Гьес кьвагьидал, данде кьвагьун чIван вугоха гьев».

ЭР: Гьеб кин, полицияв вихьарабго кьвагьизейищ гьес байбихьараб? Цин гьес кьвагьун батани, лъукъарав чигIаги щайха гьечIев? Щай полициялъул лъазабиязда рекъон, щибаб нухалда цин кьвагьизе журалел чагIаз цониги полицияв лъукъиялъул лъазабицин букIунареб?
Ишан босичIого гьадинго кепалъейищ гьез кьвагьулеб?

ИбрагьимхIажиев Руслан: «РукIуна полициял гьез лъукъиялъул цо-цо хIужабиги. Гьеданал бакIазда нухазда гIадамазул яги автомашиназул хал гьабизе тарал полициязда рукIунелъулха гуллица рорлъуларел къолденал ва цоги хасаб ретIел ретIун. Гьелъ хвасар гьарулел ратула гьел.
щаклъи ккараб автомашинаялде аскIове полицияв живгоги унарелъул».

ЭР: Полициялъул лъазабиял рукIуна цо кепалъуса рахъарал гIадинал, цоцазда релъарал, документазул хал гьабулеб мехалда пуланав чияс кьвагьизе байбихьана ва данде кьвагьун гьев чIвана абун.

ИбрагьимхIажиев Руслан: «Гьениб мухIкан ььабун щиб ккарабали кинха хъвалеб? Хъвала щиб, кида ккарабали ва гьелъул хIасил кинаб бугебали. журналистаз гIадин мухIканлъаби нижеца хъвазе кколарелъул».

ЭР: Гьениб нужеца хъвалелъе далилал къваригIунарищ цониги нухалда? Гьениб щиб ккарабали яги ккечIебали кин лъазе кколеб?

ИбрагьимхIажиев Руслан: «Лъаларо. Гьеб цIех-рех гьабиялъул суал цIех-рехалъул комитеталда лъикI лъалеб батула».

ЭР: Полициялъ ккурал гIадамал, инсанасул ихтиярал цIунулез бицухъе, рухиялъул хIужабазда хурхунги Русланил буго жиндирго пикру. Гьес рикIкIунеб буго къваригIел гьечIеб жо гьабуларел чагIазе щибго кколарин.

ИбрагьимхIажиев Руслан: «Щаялиго гьел гIадамал рухиялъул бицунел чагIи цо гьитIинаб къукъаялдаса гIадамал руго. Щаялиго цого чагIаз цого номеразде цого заманаялда-радал анлъгоялда яги щугоялда ахIун бицунеб буго жидее зулму кьеялъул? щай цоги гIадатиял гIадамазухъ гьечIел гьел номерал ва щай гьез гьединал жал рицунарел? Цо жоялда гъорлъ гьечIел ва къваригIел гьечIеб жо гьабуларел гIадамаз щай гьединал жал рицунарел?»

ЭР: Ругищ полициялъул «божизе бегьуларел» гIадамазул сияхIал?

ИбрагьимхIажиев Руслан: «РукIунаро нижехъ гьединал сияхIал. ГIадамазул хал гьабула гьезда тIасан мухIканаб информация бугони. Гурони цересанккун гIадамазул хал гьабизе гIураб къуватцин гьечIо полициялъул.
Гьедин цереккун хIадурарал сияхIал полициялъул рукIунаро».

Русланил рагIабазда рекъон, жакъа Дагъистаналда гьечIо полициялъул гIурал хIалтIухъаби. Гьанже цо-цо бакIазда хIалтIун бажаричIел нахъе рехулел рукIиналъ ва цогиял Крымалде хIалтIизе ритIулел рукIиналъ гьезул къадар 17 азаргоялде рещтIун рагIула.

Русланица рикIкIунеб буго гIадамал рикъиялде, гьел «рохьахъе» иналде ва цоги гьезда релъарал хIужабазде данде цо полициялда гьабизе кIолеб жо дагьаб гурони букIунарин. Гьесул пикруялда, гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъул ишалъулъе журазе кколел руго диниял идарабиги, школаби, хъизабиги.
Амма Правозащитаялдаса Гульнараца рикIкIунеб буго чиясул пикруялде ва рагIуде данде пачалихъалъ «гулла» хIалтIизабулеб бугеб гIагасеб заманаялда ахIвал-хIал хисизабизе цIакъ захIматаб букIине бугин.

XS
SM
MD
LG