МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда цойги некIсияб шагьар «балагьун буго» журналистаз


Дагъистаналъул ГIелмияб централъул тарихалъул ва археологиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан МухIамадов Рабадан
Дагъистаналъул ГIелмияб централъул тарихалъул ва археологиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан МухIамадов Рабадан

Дагъистаналда азаргогIан соналъ цебе букIараб некIсияб шагьар батун бугин абурал баянал тIиритIизаруна гьал къоязда цо-цо журналистаз. Дагъистаналъул археологаз лъазабулеб буго гьел баянал мекъал ругин ва абулеб буго лъагIалица цебего Хунзахъ мухъалда батараб гьеб росдал хIакъалъулъ, журналистаз гьанже кIодо-кIодоги гьабун, гьениб шагьар батанинцин бицунеб бугилан.

Дагъистаналда Болъихъ мухъалда ГIортIаколойин абураб азарго соналъ цебего букIараб некIсияб, кутакалда цебе тIураб шагьар батун бугинги абун ахIи –хIур бахъинабуна гьал къояз журналистаз. Гьелъул хIакъалъулъ репортажал рахъине Россиялъул федералиял каналазулгицин журналисталги рачIун рукIана. Амма гьел мекъал баянал ругин, гьеб ГIортIаколойин абулеб бакIги Болъихъ гуреб, Хунзахъ мухъалда бугин, гьеб батунги чанги санал унел ругин, жидер экспедиция гьениб лъагIалица хIалтIулеб бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе археолог, Дагъистаналъул ГIелмияб централъул тарихалъул ва археологиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан МухIамадов Рабаданица.

МухIамадов Рабадан: «Гьеб ГIортIаколойин абулеб бакI буго Хунзахъ мухъалъул КIудияб ГьоцIалъ росдада аскIоб, авар гIурул рагIалда бугеб бакI. Гьеб буго росу букIараб бакI, журналистаз кIудияб шагьар букIанин гьенибилан абун мекъи баян кьун буго. Археологиялда буго «городище» йилан абураб термин, гьелъул магIна ккола сверун къед гьабураб бакI бугин аби. ГьелдасангIаги босун батилаха журналистаз, гьениб кIудияб шагьар букIанин абураб баян».

Гlортlаколоб археологазда ратарал некlсиял чlвадал, 2014 сон
Гlортlаколоб археологазда ратарал некlсиял чlвадал, 2014 сон

Исана хасалихъе ГьоцIалъ ГЭСалъул плотинаялъубе лъим биччан хадуб гьеб ГIортIаколобин абураб бакI лъеда гъоркь ине буго. Гьединлъидал археологаз гьениб гьоркьоса къотIичIого гIадин тIубараб лъагIалицаго хIалтIи гьабулеб букIун буго. МагIарухъ гьарурал археологиял хIалтIабазда гьоркьоб гьеб ГIортIаколобгIан тарихияб къимат бугеб цониги бакI букIун гьечIо.

МухIамадов Рабадан: «ТIубараб лъагIалица хIалтIана ниж, цохIо дагъистарналъул гурел чачаназул, осетиязул, москваялъул археологал рачIун рукIана гьанир хIалтIизе. Цадахъ 50-60 чи хIалтIулеб заманги букIана, гьединаб кIудиябги экспедиция букIана. МагIарухъ чанги бакIазда гьаруна гьел археологиял хIалтIаби, амма ГIортIаколобгIан кIудияб, тарихияб къимат бугел жал ратараб бакI лъугьун букIинчIо».

ГIалимзабаз абуле буго ГIортIаколоб гIумру гьабун рукIанила лъикIаб ресалда ругел, гIезегIан цебетIураб магIишатги бугел гIадамал. Гьезул гIемерисел рукIун руго насранияб диналъул чагIи. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго гьеб мухъ бухъа-хъвалаго ратарал хъанчазги. ГIемерисел росулъ ругел бечедал чагIи рукIун руго насранияллъун, хутIараз бакъ-моцIалъе как балеб букIун буго. МухIамадов Рабаданица бицухъе ГIортIаколоб букIараб азаргIогIан соналъ цебе Грузия букIун буго цIакъ цебе тIураб пачалихъ, гьел гуржияз кIудияб кIвар кьолеб букIун буго цойгидаб бакIаздаги насранияб дин тIибитIизабизе, гьез бачIун батилин Дагъистаналдеги, гьелдаго цадахъ ГIортIаколобеги насранияб динилан рикIкIунеб буго гIалимзабаз.

Гlортlаколоб археологазда ратарал некlсиял чlвадал, 2014 сон
Гlортlаколоб археологазда ратарал некlсиял чlвадал, 2014 сон

ГIалимзабаз кIвар буссинабулеб буго ГIортIаколор ратанила цере жидеца заналин абун толел рукIарал ганчIал, амма гьеб бакIалда гьабураб археологияб хIалтIудаса хадуб жидеда бичIчIанила гьел бакъ-моцIалъе какал ралел гIадамаз жидерго магIишат цIикIкIиналъе гIоло рокъор лъурал ганчIал рукIараллъи гьел.

ГIортIаколоб гIалимзабазда батун буго кинабниги кIинусгониги тарихияб къимат бугеб тIагIел-гIучI. Гьезда гьоркьор руго жеги рекичIого ратарал кIудиял хъуби, руччабазул ретIел, батIи-батIиял тIагIалабиги. Цойгидаб бакIалда букIинчIеб гIадаб гIадатги букIун буго ГIортIаколосезул. Гьезул щивасул минаялда цебе букIун буго бухъараб гвенд, гIалимзабаз чIезабун буго гьел гвендал рухъулел рукIанила хварал лъимал жанир рукъизейилан. Гьедин хабалалъ лъечIого рукъалда цере рукъулел рукIун руго гIортIаколосез жидерго лъимал.

XS
SM
MD
LG