МагъчIваялъе рес

Кин бугониги, гьеб буго чияр улка


Украина-Ивлева Виктория
Украина-Ивлева Виктория

Россиялдаса фотограф Виктория Ивлева гIажаиблъун йигоан украиналъулазул жидер улкаялда бугеб кризисалде бугеб бербалагьиялда. Фесбукалда жиндирго гьудулзабаз бакIарараб гIарцуде гьей щвана Украиналде ва сапар бухьана майданалъул рахъ кколезда аскIосан Россиялдехун цIайи цIикIкIараб Украиналъул машрикъалъул рахъалде. Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъ гара-чIвар гьабуна Викториягун гьей Москваялде тIадюссун хадуб.

RFE/RL: Гьеб сапар дур цебеккун хIадурарабищ букIараб ракIалдаго гьечIого гьабурабищ?

Ивлева Виктория: «Гьеб цебеккун хIадурараб сапар букIанин абизе бегьула, щайгурелъул дида бичIчIулеб букIаралъул гьеб улка къотIун ине кколеблъи. Дида бичIчIана улкаялъул машрикъалъул рахъалда, бакьулъ ва магърибалъул рахъалда щиб кколеб бугебали балагьизе кколеблъи. Цинги рищанаха ине йигей шагьарал».

RFE/RL: Гьеб сапаралда мун дандчIван гьечIо политикалгун, президентасул хъулухъалде кандидаталгун, парламенталъул депутаталгун ва цоги гьезда релъарал чагIигун. Щай?

Ивлева Виктория: «Щибизеха, гьел дуе кIвар бугел гIадамал гуро. Гьеб дир даражаги гуро, политикаялдаги дида щибго бичIчIуларо, киданаги гьелде гьоркьоеги дун лъугьунаро. Гьеб буго батIияб рахъ. Дун кидаго дандчIвала гIадатиял гIадамалгун. Гьеб сапарго букIана Фейсбукалда ругел Россиялдасаги Украиналдасаги дир гьудулзабаз бакIарараб гIарцуде гьабураб сапар. Гьелъул заманаялда дие йикIине бакIалги квенги кьолеб букIана Украиналда ругел гIадатиял гIадамаз. Гьез жидерго рокъоеги ячуней йикIана дун. Гьеб рахъалъ гьеб букIана кутакалда лъикIаб хIалбихьи. Гьелъ абулеб букIана киб щиб кканиги нижер кIиябго халкъалъе цоял-цоял рокьулел ругин».

RFE/RL: Россиялдаса ячIун суалал кьолей ва суратал рахъулей йигей гIадан хIисабалда украиналъулазул рахъалдасан кинаб букIаниги рокьукълъи загьирлъулеб букIанищ дудехун?

Ивлева Виктория: «БитIун бицина-букIинчIо гьединаб жо. Гьелде тIадеги дица абила гьаб сагIаталда Львовалда гIадамал тIадеги цоги гIадамал хIехьолеллъун ай толерантиялъун лъугьун ругин. Гьеб революциялда, Майданалда бараб батизеги рес буго. Дидехун дида кинаб букIаниги рокьукълъиялъул гIаламатал данчIвачIо. Дида ракIалда буго цебесеб нухалда Львовалде дун щвараб мехалда 2006-2007 соналда кинаб букIаниги, масала, тукаде жание лъугьун дуца гIарус мацI бицунищан дица гьикъидал дие жаваб кьолаан гIурусалъ. Гьаб нухалда гьедин гьикъизейин ккечIо. Кинал рукIаниги проблемаби гьенир дир рукIинчIо. Кин бугониги бичIчIине ккола гьеб батIияб улка букIинги гьезул жидергомацI букIинги ва гIурус мацI бицине гьезда тIадаб гьечIолъиги. Гьеб гьезул ихтияр буго».

RFE/RL: Дуца гIезегIан заман бана Майданалда гьелъул гIахьалчагIазда аскIоб. Гьанже Майданалда щал ругел?

Ивлева Виктория: «Дие чанго чияс кьуна гьеб суал ва дида гьеб мехалда ракIалде бачIуна -рокьи-абураб рагIи. Дида ккола гьениб тIибитIун бугин жидерго улкаялде гIурхъи лъалареб рокьийин. РукIуна гьаваялда цо-цо дур ургъире лъугьунел жал. Дун кIалъана гIемерал гIадамалгун. Гьезда дун киса-щиялиги лъалеб букIинчIо. Гьезул цонгияс бицунеб букIинчIо гIарцул. гIадамаз бицунеб букIана жидеца майданалъе гьабуралъул, жал гьенир чIун рукIараб ва къеркьолел рукIараб куцалъул. ГIолохъанал ясаз бицана жидеца лъукъарал гьениса нахъе росулел рукIараб куцалъул. Гьеб кинаб хIалбихьи букIинареб гIумруялда жаниб. Жидеца ругънал рухьунел ва тохтурзабазе кумек гьабулеб букIараб куцалъулги бицунеб букIана гьез. Киналго гьезул харбал цIун рукIана ВатIаналде бугеб рокьиялъул. Хадусан гьеб кинабгоялдехун бербалагьиги хисулеб букIана. РакIалда бугищ 1991 соналда букIараб ПУТЧ: 19 августалда хIинкъун рукIана гьелдаса 21 августалда абуни гьелъул оперета лъугьана.
Гьениги гьедин. Майдан цIунулел рукIарал гIемерал гIадамал рокъо- рокъореги тIадруссун жидерго ишазде лъугьана. Гьанже гьенире рачIун руго цIиял гIадамал. Абизе ккола Майданалда цо чи лъугьанин дир гIурус мацI балъархъине, амма гьенир рукIаразин абуни гьев хехго ва бигьаго рукIалида лъуна. Гьез дида тIаса лъугьинги гьарана, гьединал гIемер ругин гьезде кIвар кьогейинги абун».

RFE/RL: Украиналъул машрикъалъул рахъалъул гIадамазул улкаялда кколеб бугелдехун бербалагьи кинаб бугоан?

Ивлева Виктория: « Украиналъул гьитIинабго байрахъги босун машрикъалда Россиялъул рахъ ккуразул митинг бихьизе ине дун къачIалаго дида лъалез абуна мун гантлъунищин йигейин. Дие рокьуларо ккаралъубги ккечIелъубги пачалихъияб символика бугIулел рукIунел чагIи. Амма букIуна дур улкаялъул кьерал кинал ругелали лъазе кколеб заманги. Дица рикIкIунеб букIана Украиналда йигей дица гьединаб къо тIаде бачIараб мехалда гьеб улкаялъул байрахъ щай босизе бегьуларебин.
Дида абуна мун гьений тIутIун ялин босугейин. БожичIого дица гьеб байрахъ чвантинибе бегьана.
Гьеб букIана 28 марталда. Дун гьение щвараб мехалда дун гIажаиблъизаюна гьенире ракIарарал гIадамаз рицунел лъугIелго гьечIел чорокал махсарояз. Гьеб данде кколеб букIинчIо гьел гIадамал ракIариялъе букIараб гIиллаялде.
Дица цIакъ гIодое йиччан берцинго гьикъана гьенире ракIараразда нужерго улка бугеб мехалда нужее Россия щибизейин. Гьеб бакIалда дида лъазабуна дунгIадинал чагIи гьезие дандекколареб куцалъул.
Цинги II апрелалда Донецкалде дун кIиабилеб нухалда щвараб мехалда гьениб администрация Россиялъул рахъ кколез кверде босун букIана, гьелъул кIалтIа дугъалги чIван халкъги бакIарун букIана. Квачанги йикIун дун жание лъугьана гьениб букIараб дугъалъул цоялде. Гьез кьуна дие чай. Амма суратал рахъизе дун лъугьараб мехалда дун чIвазе дагьалъ хутIана. Цо херав лъугьара дир кодоса фотоаппарат бахъизе, цоги гIадамалъ дир квералде тIаде тIуна бухIилеб бугеб чай, гьел киназго байбихьана чIи-чIидизе, бацIцIинабуна дица бахъарабщинаб сурат ва хадуб хал гьабуна гьенир хутIарал суратазул. Дица бихьизабуна гьезда дун Россиялъул журналистазул Цолъиялъул гахьалчIужу йигин хъвараб документ. Гьел цIакъ кIвар кьун балагьана гьелъухъ. Хадуб, къотIноб чIвараб гьеб дугъалда жаниб цо гIадан лъугьана дир паспорт тIалаб гьабизе. КIиго анкьалъ Украиналда йигониги кие аниги гьениб дида паспорт цIехолев чи вукIинчIо цониги. Украина Россия гуро, гьениб кире ина ругониги паспорт цадахъ босизе кколаро... ХIалихъе йорчIана дун гьениса, гьединал ракIалдещвеялги хутIана...»

RFE/RL: Россиялъул пачалихъияб телевидениялъ гIемер бицуна Украиналъул «Кваранаб секторалъул». Дуда дандчIванищ гьединал гIадамал?

Ивлева Виктория: «Дида, узухъда, рихьана гьел. Майданалда буго «Кваранаб сектор». Дица рикIкIуна гьел ругин профессионалиял революционераллъун лъугьарал гIадамалин. Дица рикIкIуна профессионалиял революционерал революциязул заманалда лъикIал ругин. Гьелдаса хадуб гьел гьедигIанго лъикIал рукIунарин жидерго радикалиял бербалагьиялгунин. Амма «Кваранаб секторалъул» кIвар кутакалда кIодо гьабун буго Россиялъул пропагандаялъул машинаялъ. Дир гьелда ракI чIараб буго. Гьединго кIодо гьабун бицуна «Свобода» абураб партиялъул Украиналъул гIумруялде бугеб асаралъулги. Ахирисел рищиязда гьезие щун букIана II-гIанасеб процент. Кин батаниги гьеб нилъер иш гуро, гьеб буго бутIияб улка ва кумек гьарун нилъехъе щивниги вачIунги вукIинчIо».

XS
SM
MD
LG