МагъчIваялъе рес

Адабияталъул соналъ гIагар гьарулел ругищ халкъги хъвадарухъабиги?


Россиялъул президентас лъазабулеб буго литератураялъул сон. 2015, Январь, Москва
Россиялъул президентас лъазабулеб буго литератураялъул сон. 2015, Январь, Москва

2015 сон адабияталъул сонлъун лъазабиялда бан батIи-батIиял тадбирал тIоритIулел руго Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул Цолъиялъ. «Эркенлъи» радиоялъ хIукму гьабуна халкъалъ ва цIалдолез кин гьеб сон къабул гьабулеб бугеб, поэзия бокьулел, хъвадарухъабазул асарал цIалул чагIи гIемерлъанищ гьелдалъунали цIех-рех гьабизе.

Хъвадарухъабазул цолъиялъ 80 сон тIубайги, 2015 сон Россиялда Адабияталъул сонлъун лъазабиги ГIурус Театралда кIодо гьабун цIалдолелгун дандчIваял тIоритIизе байбихьана Хъвадарухъабазул Цолъиялъ исана. Гьедин Шамил, Гъуниб, Гумбет, Хунзахъ, ЦIумада ва гьел гурел чанго мухъазде щвана гьел гьанжелъизегIан ва гьал къоязда гьез сапар бухьана Пятигорск шагьаралдеги.

Кинаб хIасилха гьеб киналъго кьолеб бугеб. Адабияталул соналъ квербакъулеб бугиш гIадамал хъвадарухъабигун гIагар гьариялъе? ШагIир ва «Гьудуллъи» журналалъул бетIерав редактор ПатахIов МухIамадица абуна бугин гьелъул гьитIинаб бугониги пайда. Ахираб къого соналда магIарул адабият бокьулел гIадамал гьелдаса тIун рукIанин.

ТIахьал цере гIадин рахъуле рукIинчIин, хIукуматалъ гьабулеб кумек дагьлъанин ва гьел гурелги, гьел гурелги гIиллаби гIемерал рукIанин. Исана гьарурал дандчIваязда гIадамаз абулеб букIанин гьадиналги асарал рукIун ругин жеги хъвалел, гьел жидеда рихьун рукIинчIилан цIакъ разиго рукIанин гьел. Гьедин бакI-бакIазде щведал шигIруялъе гьунар бугел чагIи ратулел ругин жидедаян бицана МухIамад ПатахIовас.

ЭР: Хъадарухъаби цIалдолелгун дандчIвазе адабияталъул сонилан лъазабичIого батIияб ресиш гьечIеб жакъа?

ПатахIов МухIамад: «Жакъа кинавниги чи ругьунлъун вуго пачалихъалъ кумек гьабизе кколин жидееян абураб жоялде. Гьединго буго нижерги ахIвал-хIал. Хъвадарухъабазул Цолъиялъул рес букIунаро хIукуматалъ гIарац биччачIони цIалдолезулгун дандчIваялги тIоритIизе, цогидал тадбиралги гIуцIизе. Бицинецин намусал харжал руго нижее хIукуматалъ кьолел. Исана адабияталъул сонилан лъазабун бугелъул цо-цо автомобильниги бачIана нижехъе гьез битIун сапаралъ унеб мехалъ».

ЭР: «Адабияталъул сонилан лъазаби гуреб, хIукуматалъ нужее гьабураб тIокIаб кумек ккарабиш исана?

ПатахIов МухIамад: «ЦохIо щибниги ккечIо, гьеб жо ракIбацIцIадго абизе кIола. Пачалихъалъ кумек гьабулеб букIарабани нижедаса рохарал чагIи рукIинароан. Кумекиш гьабулеб, цебе букIараб кверчIвайги камуна исана. Рахъулел тIахьал, журналазул къадар дагьлъана. Мисалаъе миллияб мацIалда рахъулел журналал дагьлъана исана. ТIаде щибниги кьечIо, гьоркь букIарабги тIаса къунцIана пачалихъалъ».

Дагъистаналъул ГIелмияб централда мацIалъул ва адабияталъул институталъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовасги абулеб буго адабияталъулги, хъвадарухъабазулги, гьез хъварал тIахьазулги къимат бичIчIизе цохIо сон гIоларин, гьелъие гIемерал лъагIелал хIажалъулилан. ГIемерал дандчIваял гьарунин исана хъвадарухъабаз магIарухъе ун, гьеб лъикI бугин, амма школазул бибилиотекаялде бачIунеб гьечIин цониги цIияб тIехь, школалда адабияталъул дарсазде кьолеб кIвар дагьлъулеб бугин.

МухIамад МухIамадов: «Гьебмехалъ кинаб цIилъиги, хиса-басияялги адабияталъул сонилан гьелде абуниги, гьелъ кьезе бугеб? Рахъулел тIахьалги гьечIони, биччараб гIарацгр гьечIони… Жакъа дуца хъвадарухъабазе цо гъурущ биччани, метер гьезухъаго кIиго тIалаб гьабизеян лъугьине бегьуларо хIукумат. Адабиятги гIелмуги, лъай кьеялъул идарабиги гьел руго хIукуматалъул букIинесеб борцунел идараби. Гьелъул буголъиги бечелъиги гьезухъ буго. Аслияб жо ккола тIехь. КвергIатIидаб тIехь гьалмагълъун кквейилан абун букIана кочIолъ халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзатица. Гьеб кIочене бегьуларо наслабазда».

ШагIир ХIабиб Давудовас гьадинаб пикру загьир гьабуна Адабияталъул соналда тIасан

ХIабиб Давудов: «Гьалейин жал ун рукIани цIалдолезухъеян абулеб гIадаб, рихьдае гьабулеб жолъун рукIине бегьуларо гьел цIалдолезухъе гьарулел сапарал. Ахираб къого соналда жаниб хIакимзабиги цIогьалги реццун кучIдул хъванилан шагIирзабазухъ барщун букIана халкъ.Хадуб хIакимзабаздаги бичIчIана гьеб. Гьеб рогьо чуризе ккола жакъа хъвадарухъабаз. Поэзияги литератураги кидаго букIана халкъгун ва гьанжеги гьеб цоцадаса тIун букIине бегьуларо».

ЭР «Халкъалухъе щун бугищ поэзияги литератураги адабияталъул соналъ яги гьеб цо гIуж-куцалъе гьабулеб гIадаб тадбиралда релълъунищ бугеб?

ХIабиб Давудов: «Гьанже гьал руго Поэзиялъул театр абун цо мина рагьизехъин. Поэзиялъул театрищ букIонеб. Театралъулги поэзиялъулги жиндирго цIалдолелги балагьарал зрителалги руго. МагIарухъ хутIун буго поэзиялде рокьи. РакI-ракIалъ хIалтIи гьабулел чагIиги ратила шагIирзабазда гьоркьор, амма гIемерисез гьеб рихьдаего гIадин гьабулеб буго. Жидерго мацIги жидерго хатIги тун, учузаб поэзиялде руусунелги камулелгьечIо. Халкъалдаги бичIчIулелъул гьеб кинабго».

Къокъ гьабун абуни, нижергун гара-чIвари гьабуразул гIаммаб пикруялда рекъон, жидеда нуж кIочон гьечIин жегиян бихьизабизе гIадин, пачалихъалъ хъвадарухъабазе цо рохел сайигъат гьабураб гIадаб жо кколеб буго 2015 сон Адабияталъул сонлъун лъазаби.

XS
SM
MD
LG