МагъчIваялъе рес

ВатIаналда тIадвуссине ахIулев вуго Къадировас Закаев


Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзаница рокъове тIадвуссине ахIулев вуго чачаназул сепаратистазул лидер АхIмад Закаев. Гьев, терроризмалъул гIайиб гьабун, халкъаздагьоркьосеб цIех-рехалде лъазавун вуго Россиялъул низам цIунулез. ВатIаналда Закаевасе кинабгIаги хIинкъи букIине гьечIин абулел Къадировасул рагIаби кьолел руго РИА Новостиялъ. Гьес гьедин абун буго Урус-Мартаналда Закаевасул гIагарлъиялъухъеги ун.

"Ичкериялъул авлахъалъул командираллъун рукIарал, улка ва сахлъи цIуниялъул министраллъун рукIарал ва Ичкериялъул парламенталъул депутатазул цIикIкIунисеб бутIа жакъа ватIаналда жидерго рокъор ругеб мехалда Закаевги рокъове тIадвуссине кколин рикIкIуна дица. Халкъалъе къваригIун гьечIо дол сонал тIадруссине, гьезие къваригIун гьечIо кинаб букIаниги Имарат Кавказ. ГьечIо тIокIаб Ичкерияги, Имарат Кавказги, кинаб букIаниги идеяги», - ян абулел Къадировасул рагIаби кьолел руго РИА Новостиялъ.

Къадировас жив чIвазе гIадамал ритIун ругин Закаевас абулебги гьереси бугин лъазабуна Чачанлъиялъул бетIерас. «Эхо Москвы» радиоялъе живго Закаевас абун буго жинда лъалин Къадиров жиндир гIагаразухъе вачIун вукIараблъи, амма ватIаналде тIадвуссине жеги ракIалда гьечIин жиндайин. Закаевас 2003 соналдаса нахъе гIумру гьабулеб буго жиндие политикияб лъутизе бакI кьураб Британиялда.

XS
SM
MD
LG