МагъчIваялъе рес

Нобелил комитеталъ лъазаруна иргадула лауреатал


2015 соналъул химиялъул рахъалдаса Нобелил премиялъул лауреаталлъун лъазарун руго цадахъго Швециялдаса Томас Линдал, американияв Пол Модрич ва туркав ГIазиз Санкар.

Нобелил Комитеталъул лъазабиялда рекъон, гьел гIалимчагIаз жив-живас батIа чIун рагьун буго клеткаялъ жиндирго ДНК къачIалеб куц.

Комитеталъул пикруялда, гьезул хIалтIабазул кIудияб кIвар рагIула онкологиял унтабаздаса сах гьариялъул сфераялда.

XS
SM
MD
LG