МагъчIваялъе рес

Краснодаралъул хIаракатчIужуялъ сепаратизмалде ахIи бана


Краснодар шагьаралъул диваналда хамиз къоялъ байбихьана хIаракатчIужу Дарья Полюдовалъул ишалда хурхарал гIенеккиял. Гьелде гIунтIизабулеб гIайиб – сепаратизмалде ахIи бай. Полюдовалъ къасд гьабун букIана «Кубанялъул федерализациялъе гIоло» абулеб акция тIобитIизе. Гьелъ гьединго интернеталда гIемерал макъалаби хъвана экстремизмалде ва сепаратизмалде ахIи балел, ян абулеб буго низам-цIунулез.

XS
SM
MD
LG