МагъчIваялъе рес

Малайзиялъул авиалайнер бортизабуразе диван гьабизе ракIалда буго


2 июлялда Малайзиялъул тIадтараз Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи гьечIолъи цIуниялъул Шураялде лъазабуна, жиндир хиял бугин гъокьисала Машрикъалъул Украиналда тIад боржун унеб букIараб авиалайнералде кьвагьдей гьабурал диваналде цIай тIалаб гьабизе халкъаздагьоркьосеб трибуналалдаса рехсараб гIуцIиялъул квербакъиялдалъун. Доб къоялъ авиалайнералда рекIарав 298 пассажир гIумруялдаса ватIалъана.

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда Малайзиялъул вакил Рамлан бен Ибрагьимица абуна, гьединаб проект жидеца хIадур гьабун бугин ва ХIинкъи ГьечIолъи ЦIунулеб Шураялъул I5 мушавара-улкаялъул вакилзабазда цебе лъун бугин. Цо-цо дипломатазул рагIабазда рекъон Россиялъ гьелда бан абуна, гьадинаб хIукму цудунаб бугин, щайин абуни цIех-рех жеги ахиралде щвечIин. Цогидазул баяназда рекъон официалияб къагIидаялъ Россия данде чIун гьечIин гьелда.

XS
SM
MD
LG