МагъчIваялъе рес

Дербенталда бизнесмен чIварал туснахъ гьаруна


Дербенталда бугеб даран-базаралъул базаялъул директор чIварав ункъо чи туснахъ гьавуна Дагъистаналъул тIадегIанаб диванханаялъ. Цоясе – I7 сон бихьизабуна, кIигоясе – I8 сон, цогидасе – I9 сон.

ЦIех-рехалъул материалазда рекъон, бизнесмен Малик Сафаралиев гьез викъун вуго жал «рохьилал» ругиланги абун. Жив викъарасул цоясул гьаракь лъан буго Сафаралиевасда ва гьелдалъун гьев чIвана такъсирчагIаз.

XS
SM
MD
LG