МагъчIваялъе рес

Джохар Царнаевасе диваналъул хIукму къотIила 24 июналда


Бостоналда унеб марафоналда теракт гьабуравлъун рикIкIунев Джохар Царнаевасе диваналъул хIукму къотIила 24 июналда.

Низам цIунулезул информациялда рекъон, гьеб процессалде рачIине руго теракталда лъукъаралги – гIаммаб къагIидаялъ къого чи вачIине кколаан. Гьеб процессалда живго Царнаевасеги ахирисеб рагIи кьела.

Цодагьалъ цебе гьа баразул коллегиялъ чIезабуна Царнаевас теракт гьабунин ва хIукму къотIана гьев чIвазе кколин. ХIасилияб хIукму диванчияс къотIила.

РакIалде щвезабила, 2013 соналъул апрелалда Бостоналда ккараб теракталда хвана лъабго чи, 260 чи лъукъана. ЦIех-рехалъул материалазда рекъон, Джохар Царнаевас гьеб теракт гьабуна кIудияв вац Тамерлангун (гьев полициялъулаз чIвана кколев мехалда).

XS
SM
MD
LG