МагъчIваялъе рес

Амировасул адвокатазул цониги суалалъе жаваб кьечIо Колхозникас


Саид Амировсда тIад гьабулеб диван халатбахъунеб буго Ростов-на-Донуялъул диванханаялда. ЦIех-рех чи чIвай гIайиб МахIачхъалаялъул экс-мэр Амировасда ва гьесул яцалъул вас Юсуп Жапаровасда гуребги жеги анлъго чиясда гIунтIизабулеб буго. Изну гьечIого яргъилаб къукъа гIуцIи, бандитизм, террор, ярагъ тIибитIизаби – гьел гIайибалги чIвалел руго гьезда.

28-леб маялда тIобитIараб данделъиялда сурав босизе кколеб букIана Хасавюрталъул прокурорасул кумекчилъун вукIарав МухIамад ГIабдулхIалимовасухъа. Амировасул буюрухъал гьес тIуралел рукIанин, рикIкIунеб буго цIех-рех чагIаз.

Амма Амировасул адвокатазул цониги суалалъе жаваб кьечIо Колхозникас (гьединаб тIокIар буго ГIабдулхIалимовасул). Диваналда цIалана гьес цIех-рехалда кьурал баянал. Гьезда рекъон, цIех-рех чи чIваялъул тадбирал Колхозникас хIадурана, Амировас буюурхъ кьун хадуб.

XS
SM
MD
LG