МагъчIваялъе рес

Москваялда парадалъул репетициялда чIужугIадан юхана


Москваялъул централда бергьенлъиялъул парад унеб бакIалда гIагарда юхун йиго Елена Грачева. Поэтесса ва актриса Вера Полозковалъул менеджерлъун кколаан Грачева.

Гьелда бичIчIулеб гьечIо, лъица ва щай гьей юхарайали. Гьелъул рагIабазда рекъон, гьей юхарай чагIилъун ккола низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби.

Полициялде ахIун буго гьеб лъугьа-бахъин бихьарай нухлулалъ. Гьел чагIи полициялъул бутIаялде рачун руго Грачевагун цадахъ. Гьел бицухъе, полициялъул хIалтIухъабазда цебеги гьелда абулеб букIун буго до чагIаза жидеца гьей чIвазе йигин.

Медикаялъулаб экспертиза гьабизе жий ячеян чIана Грачева ва хадуй гьей гьелъул гьалмагъзабазухъе щвезаюна. Гьелъ абулеб буго жинца гьеб иш гьедин теларин ва цIех-рех рагьизабизе бугин.

XS
SM
MD
LG