МагъчIваялъе рес

Лукашевич: Америкагун Канадаялъул санкциязе Россиялъ жаваб кьезе буго


Америкаялъ ва Канадаялъ жинде данде гьарурал цIиял санкциязе жавабиял тадбирал гьаризе руго Москваялъ. Гьел санкциял гьариялъе гIиллалъун рехсолеб буго Крымалъе Россиялъ аннексия гьаби ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб рагъулаб конфликталде Москваялъул бугеб асар.

Жавабиял тадбирал кинал рукIине ругелали мухIкан гьабичIо гьел гьаризе ругин бицарав Россиялъул къватIисел ишазул министрелъиялъул вакил Александр Лукашевичица.

Гьелдаса цебе Америкаялъул президент Барак Обамаца гъулбас лъун буго Крымгун даран гьабизе гьукъараб къануналда гъоркь. Гьединго гьес лъазабун буго финансазул министерлъиялда Украиналда ахIвал-хIал хIалуциналъулъ гIахьаллъи бугел чагIазде ва идарабазде данде санкциялги гьарейин. Гьеб сияхIалде восун вуго Россиягун Украиналдаса 24 чиги чанго компанияги. ГIурхъаби лъазарун руго «Ночные волки» абулеб байкеразул клубалъе ва «Новороссия» абулеб партиялъе.

Магърибалъул улкабаз Россиялда гьабулеб буго Крым Украиналдаса тIезабиялъул ва Украиналда бугеб конфликталда гIахьаллъи букIиналъул гIайиб. Москваялъ гьел киналго гIайибал нахъчIвалел руго.

XS
SM
MD
LG